Гьал къоязда 90 сон тӏубала Гумбет районалъе гӏемерал соназ нухмалъи гьабурав Муса Расуловас. Гьоболлъухъе щведал, Муса ватана телевизоралъухъ балагьун. Гьобол ячӏиналдаса бугеб гьесул рохел бихьидал ракӏалде ккана, гьаб хирияб моцӏалъ рокъоса вахъунарев чи вохизавуралъухъ диеги кири букӏинин абун. Амма дагьайго рекӏекълъана гьесул гьаракь рагӏидал: хӏалихъего кӏалъалев вугоан. Гьесул хъизан Маккаца абуна, тохтурзабаз гаргадизе гьукъунцин бугин гьесие абун. Кин бугониги, гара-чӏвариялъе бугеб гъираги бихьун, цо чанго суал кьуна дица Мусае.
— Гумбет районалъул райкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулеб заманалда бищунго захӏматаб масъала кинаб букӏараб?
— Гьеб хъулухъалде дун ккана Дагъистаналъе бищунго захӏматаб заманалда – 1970 соналда ракьги багъарун кӏиго моцӏ бараб мехалда. Риххарал минаби – гӏадамазул рукъзал, колхозазул бокьал, школал, лъималазул ахал. Хъулухъалде дун толевлъи лъараб мехалда, инкарги гьабун, вихха-хочун, кӏиго къоялъ рокъов чӏана дун. Амма дун рокъов течӏо, вахъине ккана хӏалтӏизе. Районалъул тӏолабго къуват буссинабизе ккана ракь багъариялъул балагьалдаса эркенлъиялде. Лъикӏги квешги ана лъагӏел ва хӏасилалги квешал ккечӏо.
— Дол соназда Игьали тӏобитӏараб кочӏол байрам жеги кӏочон гьечӏо халкъалда. Щай гьеб гӏуцӏун букӏараб хас гьабун Гумбет районалда?
— Райкомазул секретаразда гьоркьов бищун гьитӏинав вукӏана дун – 37 сон барав гӏолохъанчи. 1966- 1970 соназда хӏалтӏулев вукӏана райкомалъул кӏиабилев секретарьлъун. 1972 соналда букӏана ДАССР гӏуцӏаралдаса 50 сон тӏубаялъул байрам. Телевизоралдаса кӏалъалаго, Расул Хӏамзатовас абуна, Гумбеталда тӏобитӏизе бугила Дагъистаналъул кочӏол байрам. Диргун дандбараб жоги букӏинчӏо. Щибха гьабилеб? Кӏудияв шагӏирасул рагӏи ритӏухъ гьабизе ккеларищ? Тӏаделъана байрамалде хӏадурлъи гьабизе. 22 азарго чи гӏахьаллъараб кӏудияб байрам лъугьана. Цо къоялъ гьабизе ракӏалда букӏараб гьабизе ккана кӏиго къоялъ. Гьеб тӏобитӏана игьелдерил майданалда. Расулица ахӏун, Москваялдаса вачӏана 22 шагӏиргун хъвадарухъан. Гьенив вукӏана республикаялъул культураялъул киналниги хӏалтӏухъаби, Авар театралъул артистал, магӏарул газеталъул редакция.
Москваялдаса гьалбал гӏемерлъана долдаса хадур. Бахъана районалъул хӏакъалъулъ кино, гьеб бихьизабуна централияб телевидениялдаса. Гьедин машгьурлъана районалъул цӏар. Гьеб букӏана дие цӏакъ захӏматаб заман.
Кӏиабилеб захӏмалъи бихьана 1974 соналда – кӏиабизеги ракь багъарана гьеб мехалда. Махӏачхъалаялдаса рачӏана обкомалъул вакилзаби ва щуго росу гочинабизе ккана: Цӏунди, Щабдухъ, Килалъ, Ичичӏали ва Сивухъ. Гьеб букӏана цӏакъ захӏматаб иш.
— Ракӏалдаса унареб лъугьабахъин кканищ мун хъулухъалда вукӏаго?
— Махӏачхъалаялдаса, обкомалдаса кӏалъан рачӏана, Россиялъул Министрзабазул советалъул председатель, Политбюроялъул член Михаил Сергеевич Соломенцев вачӏине вугин нужехъеян абун. Бицана гьесул сапаралъул маршрут тасдикъ гьабун бугиланги: Махӏачхъала – Буйнакск – Унсоколо – Гумбет (гьаниб – къадеквенгиха), гьенисан Кьохъе – Хунзахъе – Лаваши – Махӏачхъала. Хӏадурун рукӏаян лъазабуна. Гьесда дандчӏвазе ана Чӏиркъатӏе. Соломенцевасда цадахъ рачӏана Дагъистан обкомалъул тӏоцевесев секретарь Мухӏамадсалам Гӏумаханов, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Шагьрудин Шамхалов, ДАССРалъул хӏукуматалъул председатель Гӏалипаша Умалатов, КГБялъул нухмалъулев Алексей Бойко ва цогидалги хӏакимзаби. Хӏинкъун вукӏана цощина къаде кваналеб бакӏалда тамадалъи дида тӏадкъазе гурин абун. Гӏурус мацӏги лъикӏго лъаларелъул, гьадигӏан къиматал гьалбал ругеб бакӏалда гъалатӏ борчӏизе гурин абун.
Гьалбадерие хӏадурлъи гьабун букӏана Чӏиркъатӏа заводалда. Жанире лъугьаралго, Соломенцевас абуна: «Товарищ Расулов, ведите компанию», — ян. Пайда щиб, бачине кканаха. Тӏоцебесеб лълъар борхулаго, дица абуна, Гумбет районалъ Россиялда тӏоцебесеб бакӏ кколин кӏудияб ригьалъул гӏадамал гӏемерлъиялъул рахъалъ ва гьесие гьарана халатаб гӏумру. Лъабго сагӏатгун бащдалъ бачана компания. Дагьа-дагьаб жо гьабулаго, кеплъиларищха гьалбалги. Тасдикъ гьабураб маршрутги кӏочана. Гӏумахановас дида гьикъана: «Муса, кин бугеб Хӏариб габурлъи?» — ян. Моцӏалъ цеве, январалда, данделъиялде Гумбеталде вачӏарав гьесда бихьун букӏана гьеб габурлъи. Дицаги жаваб кьуна цӏакъ лъикӏ бугилан. Дида аскӏов гӏодов чӏарав КГБялъул начальникас гъажалда тункана. Дида ракӏалде ккана, гьес дун ритӏухъ гьавулев вугин, дие хӏалае вахъунев вугилан. Довин абуни, вукӏун вуго гӏаксалда. Хадубккун гьес дида абуна, нагагь сапаралда щибниги ккани, габуралдаса бетӏер бортизе бугин дирилан абун. Февраль моцӏлъидалха букӏараб, Хӏарисан сапаралъе хӏинкъи камулароан. Палхӏасил, рилълъине руго Хӏарисан! Гьединаб хӏукмуги гьабуна хӏакимзабаз. Дихъе гьоркьоса къотӏичӏого ахӏулеб буго – Хунзахъа, Лавашиса… гьалбал тӏоритӏанищ, кида тӏаде щвелел абун. Тӏаде щолеб маркӏачӏул мехги, хасало заманги, гӏаздалъ бахчараб Хӏарисан нухги… Рилълъана. Нухлул кӏиябго рахъалъ букӏана гӏаздал «къед». Цӏорораб иццухъе щведал, лъалхъана, дагьамакъаб жо гьабуна. Рукӏкӏана. Нух – цӏорол шиша гӏадаб. КГБялъул нухмалъулес диде речӏчӏизарулел ццидалал бералги зама-заманалдасан «Къо-лъикӏ гьабе дурго партбилетгунан» рехулел рагӏабиги. Тӏолабго нухда Аллагьасде гьарделев дунгиха. Гьедин щвана Хасавюрталде.
Гӏумахановас лъазабуна, Соломенцев нухарегӏизе, киналго райкомазул тӏоцересел секретарал аэродромалде рачӏине кколин абун. Гьенив вукӏана дов Бойкоги. Гьес диде ишан гьабуна, аскӏове вачӏаян. Гьеб мехалда къахӏан ккуна дир квер ва абуна: «Муса, молодец. Дагъистаналдаса иналде, кабинеталда гара-чӏварулаго, дур хӏаракаталъе тӏадегӏанаб къимат кьуна Соломенцевас», — ан.
— Гӏолохъанчи мунги лъугӏелго гьечӏеб хӏалтӏиги… Хъизамалъе камулеб букӏун батила дур квербакъи, кумек?
— Дир букӏана кӏудияб хъизам – щуго лъимер. 21 соналъ цадахъаб гӏумруги гьабун, къадаралде щвана дир тӏоцеесей лъади Патӏимат. Гьелъул букӏана 39 сон. Цӏакъай гӏадан йикӏана гьей. Кӏиго соналъ костюм хисичӏо дица. Гӏарза кьун букӏана, хӏалтӏудаса нахъе виччайин абун. Амма виччачӏо. Гьедин бана кӏиго сон. Нижеда аскӏой йикӏана якьад. Аллагьас хӏал алжаналъуб батаги гьелъул, «дур гурейги хвана лъади, лъималазе гӏоло гӏумру гьабизе кколаян» абулаан гьелъ дида. Кӏиго соналдасан ячана дица Макка.
Киданиги берцин вихьичӏо дида жиндир лъади еццулев бихьинчи. Аллагьас дун тӏамуна дирго лъадуе рецц-бакъ гьабизе. Кинха ецциларей, щуго лъимадуе унго-унгоги эбеллъи гьабун бажарарай, киданиги дие хъачӏлъичӏей ва гӏагарлъиго кӏодо гьабулей гӏадан? Гьединай йиго дир Макка. Дие ячӏине къабул гьаюлеб заманалда Маккада абун буго дир цо лъимер бугин, хадуб – кӏиго бугин… Гьейгун дандчӏвазе араб мехалда дица хӏакъикъат бицана. Аллагьасе рецц, гьей разилъана ва гьелдаса нахъе ниж ратӏалъичӏо. Киданиги гьумер букӏкӏинабичӏо гьелъ. Киданиги гьаракь борхун кӏалъачӏо гьей лъималазда. Дир адаб рехулеб цониги жо гьабичӏо. Дагь-дагьккун гӏуна лъимал. Дун гӏажаиблъун вукӏана васазул бахӏаразе кьезе чемоданалги ясалъе кьезе къайиги гьелъ данде гьабун батараб мехалда – дидацин лъалароан гьеб. Муса Расулов вукӏана Гумбет районалъул коммунистазул партиялъул анцӏабилев секретарь. Гьесдаса хадувги вукӏана 10 секретарь. Амма Мусал заманалда ккана бищунго хӏалуцарал лъугьа-бахъинал ва бана районалъул социалиялгун рукӏарахъиналъул хъулухъазе 149 мина. Гьес нухмалъи гьабулел соназда, пятилеткабазул планал тӏокӏлъиялда тӏуразариялъухъ, районалъе щвана анлъго хьвадулеб Багӏараб байрахъ – лъабго Дагъистаналъул ва лъабго СССРалъул. Районалъул цӏар хъван букӏана республикаялъул Хӏурматалъул хъорщода. Муса Расулов 15 соналъ тӏатӏалаго вищана Верховный Советалде депутатлъун.
Гьебгощинаб заманалда вукӏана Дагъистаналъул обкомалъул членлъунги.
Мусал буго лъабго орден ва анцӏго медаль. Гумбет районалъ щибаб соналда хӏукуматалъе кьолаан 800-гӏанасеб тонна гьанал, Чӏиркъатӏа букӏараб консервазул заводалда сезоналда хӏадурулаан 10 миллион банка – компоталъул, сокалъул, мурападул. Гьенир хӏадурулел нигӏматал рикӏкӏана республикаялдаго бищун лъикӏаллъунги. Заводалъе щибаб соналда кьолаан хьвадулеб Багӏараб байрахъ – нигӏматазул качествоялъухъги гьезул къадаралъухъги. Хьвадулеб Багӏараб байрахъ кидаго щолаан районалъул комсомолалъул комитеталъеги «Багӏараб октябрь» абураб цӏаралда бугеб колхозалъеги.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА