Шамил имамас Цӏулдаса Мухӏамадтӏагьирихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир хирияв, вокьулев вац Мухӏамадтӏагьирихъе. Аллагьасул саламал лъеги дуда. Амин.
Цинги. Дихъе нилъер хирияв вац Даниял-султӏанил рахъалдасан кагъат бачӏана. Гьениб гьес дихъа изну гьарулеб буго мун жинда аскӏов теян. Дуда лъан букӏа, дир изнуялъул нуцӏа дуе рагьун букӏин. Дуе гьесда аскӏов вукӏине бокьани, дир гьелдалъун щибгӏаги дуде ракӏ квешлъиги букӏине гьечӏо.
Вассалам. Талат, гӏашура къо, 1268 соналъул мухӏаррам моцӏ/1851 соналъул 4 ноябрь.
Ачил Мухӏамадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат
Гьал мухъал хъварав пакъирав къади, рес къотӏидал, къадилъи гьабулев Ачил вас Мухӏамадил рахъалдасан кӏудияв Шамил имамасухъе. Алагьасул саламал лъеги дуда азаазариде рахун, Аллагьасул къиямасеб къоялъ рохелги Жиндирго тӏадегӏанаб заталде балагьиги дуе рикъзилъун гьабеги.
Цинги. Дур рахӏмуялъул, гурхӏелалъул ралъдалъан гьарулеб жо буго ва дур лъикӏлъабазул гӏоралдасанги хьул лъураб жо буго дуца нилъер вац-гӏалимчи Дибирасе рахӏматгурхӏелалъул бербалагьи гьаби. Наиб Алдамил рахъалдасан жиндиего ккараб жо сабаблъун, гьев рекӏел къварилъиялде ккун вуго. Гьединго хьул буго, мун гьесул рагӏабазухъ гӏенеккилин абун, жиндие бугеб захӏмалъи-къварилъи гьес дуда бицине букӏине.
Вассалам.
Шамил имамас Цӏатӏанихъ ва Буцӏра росабазул жамагӏатазухъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал цӏетӏендерил ва буцӏулдерил росабазул жамагӏатаздеги, гьединго гьезда сверухъ ругел бакӏазул агьлуялдеги. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Дица Гьоцӏдерил росдал агьлу дир гьитӏинав вац наиб Албурил наиблъиялда гъорлъе бачана, гьелъулъ бугеб маслихӏатги бихьун. Цинги дица нужги гьезул бакӏалда дир вац наиб Хӏусенил ихтияралда гъорлъе рачана. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго нуж гьесие мутӏигӏлъеян, кинабниги гьесул амру-нагью тӏубаян, ай гьабеян абураб гьабеян, теян абураб теян. Кигӏан гьитӏинаб жоялъул бугониги, нуж гьесде гӏасилъуге, гьев живго гӏасилъабазулъе лъугьинчӏого вугебгӏан заманалъ. Хӏакълъунго, гьелдаса вуссарав, гьелъухъ гӏенеккичӏев чияс ахир-къадги гӏайиб жиндирго гьабе.
Гьалдалъун тана. Вассалам. Хамиз къо, 1268 соналъул 26 жамадул ухра/1852 соналъул 5 апрель
Шамил имамас Хӏажи Гӏаскариясухъе, Гӏалимухӏамадихъе ва Хӏажи Насруллагьихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир хириял вацазухъе Хӏажи Гӏаскариясухъе, Гӏалимухӏамадихъе ва Хӏажи Насруллагьихъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Дихъе чӏикӏасезул чӏахӏиял чагӏи рачӏун рукӏана цо цӏакъго кӏвар бугеб суалалда тӏасан, ай жидерго цо пуланаб магӏарда росу баялда тӏасан дихъа изну гьаризе. Гьеб сабаблъун, васвасдизеги лъугьун, дида цӏакъ ургъел чӏван буго. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужеца ракӏ-ракӏалъ, цӏакъ мухӏкан гьабун, истихара гьабеян абун, гьеб кӏвар цӏикӏкӏараб ишалъе къучӏлъун букӏиналъе гӏоло. Гьалдалъун тана. Вассалам.
Итни къо, 1268 соналъул 11 жумадалухра моцӏ/1852 соналъул 2 март.
Хӏажимурадица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат
Тӏадегӏанав Бетӏергьанасул цӏобалде хьул лъурав Хӏажимурадил рахъалдасан муъминзабазул амир Шамилихъе. Къотӏи гьечӏел даимал саламал лъеги дуда.
Цинги. Дица духъе битӏулеб буго лъебералда лъабго гъурущ дол насраниял хисун, дозухъ щвараб боцӏудаса кколеб хумус. Гьединго гьашимиязул бутӏаги дица Жамалудинида кодобе кьуна, дос диде, гьеб жиндихъе битӏеян абун, амру гьабун букӏиндал. Дирги дуе васият буго, дугӏа гьабеян абун, дунги Гуржистаналде вахъине хӏадурлъун вуго. Гӏуцӏана гӏарапа къоялъ, талат къоялъ.
Вассалам. Дица доб хумусалъул бутӏа Ибрагьимихъе кьуна, гьесул бодул хӏисабги гьабун. Вассалам.
Шамил имамас наиб Патагӏалихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго гьитӏинав вац наиб Патагӏалихъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Дихъе чанго нухалъ Гозолоколо росдал агьлуялъул гӏарз щвана, жидер ракьал ва хӏаримал нужер чагӏазул ракьалгун хӏарималгун жура-гъуран ругин абун. Гьединго дихъе гьезул гьари щвана жал дур вилаяталде гъорлъе рачеян абун, гьелъулъ жидеда маслихӏатги бихьун. Дица гьезул гьари тӏубана ва дида амру гьабулеб буго, дуца гьезул тӏалаб гьабеян, дуца шаргӏалъулгун низамалъул хӏукмабиги гьезда гьоркьор рилълъанхъизареян. Гьалдалъун тана.
Вассалам. Талат къо, 1268 соналъул 6 шагӏбан/1852 соналъул 24 май