Гьал къоязда чванхунцӏадалги ран, Гъунисан Гъумекире унеб шагьранухда гьарчал рачӏун, нух къан бан букӏана транспорталъе. Гамачӏгъегъалдаса гьеб бацӏцӏад гьабизелъун, кӏвахӏ тун хӏалтӏана гьенир нухазул хӏалтӏухъаби.

Цӏакъ санагӏат гьечӏеб, къваридаб бакӏалдаса гӏебеде унеб нух букӏиналъ, гьарчал рачӏун, ччукӏелал лъугьун, гьенир гӏемерал квекӏенал ккола чвахунцӏадал ранщинахъе.

Гьеб нухдасан гьединго гӏемер уна туристалги. Гьединлъидал респу- бликаялъул Транспорталъул министерствоялъ туристал раччун хьвадулел къокъачагӏазде хитӏаб гьабуна цӏодорго рукӏаян ялъуни цӏакъго хӏажалъи ккун гурони, гьенисан унгеян.