Ахираб кӏиго анкьида жаниб хвараб 30 ралъдал гьой (тюллень) батана Каспиялъул рагӏалда.
ДГУялъул экологиялъул институталъул нухмалъулев Гӏалимурад Хӏажиевасул баяналда рекъон, киналго ралъдал гьоял ратана тӏад тӏомалъе щибниги гъая ккечӏого, ругъун лъечӏого хун. Гьединлъидал тюлленал цадахъго хвеялъе гӏилла букӏине бегьула цо — гьезда кинаб букӏаниги гӏузру ккей.
Каспиялъул рагӏалда гъоркьисаги батун букӏана гьединго хвараб 200 ралъдал гьой. 2020 соналда абуни — 300.
Гӏаммаб къагӏидаялъ, киналго эксперталги тӏад рекъон, доб мехалъ гьел хвеялъе гӏиллалъун рехсон букӏана Каспий ралъдал тӏиналдаса къватӏибе пунхъун бачӏараб метаналъ гьел гъанкъун хвей.
Хварал тюлленазул цо бутӏа абуни чӏван батана ралъдал цӏогьабаз-браконьераз.