18 маялъул радал Махӏачхъалаялда КТОги лъазабун, чӏвана изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул кӏигояв.

Закон цӏунулезул рагӏабазда рекъон, гьел хӏадурулел рукӏун руго тахшагьаралда энергетикаялъул объектазда терактал гьаризе.

Гьелдаса чанго сагӏат ун хадуб, ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас лъазабуна социалиялги стратегиялъулги кӏваразул объектал цӏакъго цӏунизе жинца тӏадкъай кьун бугилан.

Гьес бичӏчӏизабуна ахираб заманалда республикаялде рачӏунел рикӏкӏен гӏемерал туристал гьединал хӏужабаз нахъе кӏанцӏизаризе рес букӏин.