Нагагьлъун кӏудияб къадаралда Украинаялдасагун ДНР ва ЛНР республикабаздаса гӏадамал нилъехъе гочун рачӏани, гьезда тӏад харж гьабизе 81,7 млн гъурущ хӏадурун буго республикаялъул хӏукуматалъ.
Гьеб кьезе буго ДРялъул нахъраталил фондалдаса.
Гьеб гӏарцуде гьезие квен-тӏехги, рега-рахъине бакӏалги, дарабиги, чара гьечӏого хӏажатаб къайиги босизе буго.