ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев, жиндирго кӏиго заместительгун, 12 министргун ва РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъабго депутатгун цадахъ щвана Казбек районалде.

13 маялда рехсараб районалда хӏукуматалъул бетӏер Гӏ. Гӏабдулмуслимовас тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьор лъуна Бур- тунай, Алмахъ, Дилим, Гуни, Гъостала, Инчха росабалъе лъим бачиналъул, районалда туризм цебетӏезабиялъул, бакӏал раялъул, нухал гьариялъул, хасаб тӏагӏамалъул цӏибил бижулеб «Инчхаялъул авлахъалда» гьеб культура гӏезабиялъул суалал.

Тӏоцебесеб иргаялда, рехсарал росабалъе лъим бачиналдалъун 30 азаргогӏанасев чиясул мурад тӏубазе рес кьезе буго. Гьелда бан анкьго миллион гъурущги харж гьабун хӏадурун буго лъим бачиналъе хӏажалъулеб проекталъулабгун сметаялъул документация. Лъел суал тӏубазе, специалистазул пикруялда рекъон, хӏажалъула 30 млн гъурущ. Гьеб гӏарацги кьезе буго «Бацӏцӏадаб лъим» абураб федералияб программаялда рекъон риччарал сурсатаздасан.

Хӏукуматалъул хӏалтӏухъаби ва депутатал щвана магӏарулазгун чачаназ гӏумру гьабулеб Ленинаул росулъ балеб, 420 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб, школалдеги. Гьеб базе харж гьабулеб буго 46 млн гъурущ. Амма, гьелде тӏадеги, багьаби цӏикӏкӏиналъул хӏасилалда жеги хӏажалъула 12 млн гъурущ. Исана щуабилеб августалде школа бан бахъине кколин лъазабуна хӏукуматалъул нухмалъулес.

Цинги гьел щвана Дилим росдал школалде. Гьениб хал гьабуна школалъе ремонт гьабулеб бугеб хӏалалъул, хӏалтӏул качествоялъул. Гьенибги жеги хӏажалъулеб буго лъабго млн гъурущ. Щайгурелъул босулеб къайиялъул багьа цӏикӏкӏунеб букӏун.

Гьенисан ана Буртунай, Алмахъ росабаздаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб, тӏадехун рехсарал росабалъе лъим бачине бугеб Ахташ лъар байбихьулеб Хӏаригабурлъиялде. Гьениб халгьабуна лъел гӏолеб къадар бугищали ва гьеб бачине бугеб мухъалъул.

Рузман базе заман щведал, Буртунаялда какги бан, данделъиялъул гӏахьалчагӏаз сапар бухьана Алмахъ росдал ритӏучӏазул фермаялде, туристал рачӏиналъул мурадалда гьабулеб бугеб ком- плексалде. Гьениб гьабуна данделъиги. Гӏ. Гӏабдулмуслимовасул цеберагӏиялдаса хадуб районалда тӏуразе кколел масъалабазул хӏакъалъулъ кӏалъай гьабуна Казбек районалъул бетӏер Хӏ. Мусаевас.

Кӏалъазе рахъараз рихьизаруна жидеца гьаризе тӏаде росулел ва районалъул къуваталдалъун гьаризе кколел ишал. Амма гьениб туристазул комплекс гӏатӏид гьабизе, тӏоцебесеб иргаялда, хӏажалъулеб ракьул суал жеги данде ккезабун гьечӏолъиялъ районалъул нухмалъулезе бадибчӏвай гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутатал С. Гӏумахановас ва Гӏ. Хӏажиевас. Гьез бичӏчӏизабуна жакъа туризм цебетӏезабиялъул рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи хӏалуцинабичӏони, районалъул ва республикаялъул цебетӏей гӏураб букӏине гьечӏеблъи, рихьизаруна хӏалтӏулъ ругел цогидалги гӏей гьечӏел рахъал. Кӏвар буссинабуна районалда туристазулал комплексал гӏуцӏиялъе хӏаракат бахъизе ккеялде. Къваригӏаралъуб кумек гьабизе жалги хӏадур ругин абуна гьез.

Зикрула Ильясов