14 маялда Унсоколо районалъул Майданское росдада цебе, Аваргӏурул рагӏалда тӏобитӏана кӏудияб тадбир. Гӏурумухъалъул рагӏа-ракьанде бакӏарун чӏараб кьищни-къул бацӏцӏад гьабизе субботник лъазабун букӏана гьениб.
Мугӏрузул район бакьулъ тарихалда жаниб тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏана гьединаб даражаялъул жамгӏияб тадбир. «Экология» абураб миллияб проекталда рекъон, гьеб тадбиралъе гӏуцӏарухъанлъи гьабу- на «Россиялъул лъим» абураб тӏолгороссиялъулаб акциялъул церехъ- аби Роман Минухиницаги Илья Разбашицаги. Илья ккола гьеб акциялъе кьучӏ лъурав ва гьелъул аслияв хӏаракатчи. Гьединго машгьурав хоккеист, анкьцӏул дунялалъул ва кӏиго нухалъ Олимпиялъул хӏаязул чемпионлъун вахъарав, гьабсагӏат РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Вячеслав Фетисовги вуго гьеб жамгӏияб багъа-бачариялда гьоркьов. Редакциялде битӏун бачӏараб пресс-релизалда хъван букӏана, хӏурматиял гьалбадерида цадахъ, гьевги вачӏине вугин 14 маялда Ун- соколо районалда тӏобитӏулеб субботникалдеян. Амма, щиб ккарабали лъаларо, гьев вачӏинчӏо.
Гендерил тоннелалъги Шамил имамасул биценалъги пана гьаруна гьалбал
Россиялъул ва республикаялъул журналистазда цадахъ гьениве щвана гьал мухъазул авторги.
Роцӏараб ихдалил къоялъ, Махӏачхъалаялъул мэриялъ добеги нахъеги рекӏине кьураб «Мерседес» маркаялъул Sprinter микроавтобусалдаги рекӏун, бицунаго хабаргун, рачӏунел рукӏана ниж. Гӏурччинлъун хадуб гӏажаибго берцинлъун бачӏунеб тӏабигӏаталъул гьайбатлъиялъ асир гьарун рукӏана къватӏиса гьалбал. Буйнакск нахъа тарабго, сверухъ бугебщиналъул суратал рахъизе журана Москваялдаса ячӏарай «Комсомольская правда» газеталъул журналист Яна Поповаги, «Россиялъул лъим» акциялъул PR-махщелчӏужу Юлия Фетисоваги. Дагъистаналде жидер гьаб тӏоцебесеб сапар бугин, гьединлъидал жидее гьаниб гӏемераб жоялъул интересги бугилан мукӏурлъана гьел. Гендерил тоннелалъул кӏалтӏе щведал, нахъеги жидерго смартфонал къватӏире рахъана гьез. Европаялда бищун халатаб тоннельлъун рикӏкӏунеб гьелъул тарихалъул дица бицунелъул, цӏакъ гъираялда гӏенеккунги рукӏана.
Гендерил къварилъухъ бугеб зияраталде цере щведал, Дагъистаналъул тӏоцевесев имам шагьидлъараб тарихияб бакӏалъухъ халгьабизе рес щвана гьалбадерие.
190 соналъ цебе, 1832 соналъул октябрь моцӏалъ гьениб ккараб тарихияб къеркьеялъул бицана дица гьезие. Бахъун ханжаргун, нилъ, Аллагьас хъван батани, Алжаналда данделъилин цадахъ рукӏараздехун хитӏабги гьабун, сидухъа гъоркье кӏанцӏулаго, хучдузул тӏогьивги къан, имам Гъазимухӏамад шагьидлъун хадув, квералда хвалченги бухьун, сиялъул къваридаб гордухъа къватӏиве кӏанцӏарав Шамил тушбабазул мугъалда нахъа ватанилан абураб, цебеккун нилъеда чанцӏулго рагӏараб, тарихалде араб машгьураб биценалъ пана гьаруна нижер сапарцоял. Кавказалъул рагъул хӏакъалъулъ тарихчагӏаз хъварал рикӏкӏен гӏемерал тӏахьалги рахъарал кинофильмалги рукӏаниги, Россиялдаса рачӏарал туристазул гӏемерисезда гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жоцин батуларин бицун букӏана дие чанго къоялъ цебе турфирмаялда хӏалтӏулев гьалмагъас. Гьединго лъалеб батичӏо гьеб нижеда цадахъ рукӏарал гьалбадеридаги. Амма гьалдаса хадуб лъазабичӏого теларин, Москваялде нахъ юссун хадуб, тӏоцебесеб иргаялда, жинца Шамилил хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь босизе бугин рагӏи кьуна Юлия Фетисовалъ.
Цохӏо имам Шамилил гуребги, нилъер республикаялда хурханщинаб гӏемераб жоялъул интерес бугоан гьелъие. Мисалалъе, нужер гьанир миллияб квен-тӏехалъул хӏурматалда тӏоритӏулел кинал ругониги фестивалал рукӏунарищин гьикъана гьелъ. Нагагь ратани, жиндие бокьилаанила гьединаб фестиваль хадубккун тӏолгороссиялъулаб даражаялда рекъон, Москваялда ялъуни Санкт-Петербургалда, гӏемер чагӏиги данде гьарун, тӏобитӏизе. Араб ва гьелда цересел соназ нилъер гьанир тӏоритӏарал шашликӏалъул, пула- валъул, чаялъул фестивалазул бицана дица гьелъие. Чара гьечӏого гьезул цонигиязулгун бухьен кквелин жинцаян, йохун йикӏана гьоболги.
Рацӏцӏалъи — исламалъул шартӏ
Радал сагӏат 10 тӏубалеб гӏужалда щвана ниж субботник унеб бакӏалде. Унсоколо районалъул Майданское росдада цебе, гӏор бахун гьанибехун бугеб гӏатӏилъуде бугоан гӏалам бакӏарун. Тӏоцебе бер речӏчӏана Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовасдаги ДРялъул тӏа бигӏиял сурсатазул ва экологиялъул рахъалъ министр Ибрагьим Ибрагьимовасдаги.
Хӏакимчиясул костюмги хисун, гӏадатияв чиясул ретӏа-къаялда, живгоги гӏадатго гьимулев, махсара гьабулев, цӏакъ рази-ракиго вугоан гьев гьеб къоялъ. Тадбиралъул официалияб бутӏа байбихьилалде гьесухъа босана нижеца тӏоцебесеб баянги.
— Ясли-ахалдаса байбихьун, нилъеда лъала ракьги лъимги нилъер тӏабигӏияб бечелъи букӏин, — ан байби- хьана Ибрагьимовас.
— Инсаният хьихьизе ракь гьечӏони, нилъехъа гӏумру гьабун бажаруларо, ахал-хурзал лъалъазе гӏоралгун лъарал гьечӏони, нилъер гӏумру чӏола. Лъим гьечӏони, рацӏцӏалъи цӏунунги бажаруларо. Амма рацӏцӏалъиялъе хӏалтӏизабизе чара гьечӏого къваригӏунеб лъимги нилъецаго чорок гьабулеб бугони, кинал гӏадамалха нилъ рукӏинел? Жакъа хӏамамги хӏажатханаги камураб мина-рукъ магӏарухъ батиларо. Цивилизация цебетӏун бугелъул, санагӏатал шартӏал гӏуцӏулел руго гӏадамаз. Гьелда дагӏба балев чи дун гуро, гӏуцӏе шартӏалги, рукӏа берцинаб яшавалдаги. Амма черхалъе рахӏат балагьулел рукӏунилан, сверухъ бугеб тӏабигӏаталда пасатаб къо чӏезабизе бегьилищ? Ба- лагье сверухъе – магӏарухъа эхебе бачӏанщинаб магъакь-кӏачарги рищни-къулги — кинабго чороклъи гӏурулъе бакӏарулеб буго. Гьеб бегьулеб жо гуро. Я диналда, я нилъер гӏадаталда дандекколареб, сурараб, намуслъизе ккараб хӏужа буго гьаб. «Рацӏцӏалъи — исламалъул шартӏ кколин» абун, щибаб гали бахъаралъуб хӏалтӏизабулеб аварагасул хӏадисги буго. Гӏурумухъ чорок гьабулел нилъги руго.
— Дур пикруялда, кинал ресал хӏалтӏизаризе бегьулел кьищни-къул гӏурулъе бакӏаричӏого букӏиналъе? Мисалалъе, Европаялда цебегоялдаса нахъе хӏалтӏизабулеб буго гьадинаб къагӏида: щивав чияс цӏер батӏа, махх-кӏач батӏа, кагъат, ялъуни гьелда релълъараб цогидаб жо батӏа-батӏа къучӏбухъги сокӏкӏун, рехулеб буго контейнеразухъе. Гьедин тартибалда ва низамалда рекъон гьабураб хӏалтӏиялъ лъикӏаб хӏасилги кьолеб буго. Гьединаб мисал нилъер гьанибги бегьуларищ хӏалтӏизабизе?
— Бегьула. Амма ясли-ахалдаса байбихьун, тӏабигӏат чорок гьабизе бегьуларин щибаб лъимералда бичӏчӏизабулеб гьечӏони, гьелъул жо кколаро. Жакъа чара гьечӏого мугӏрузул щибаб мухъалда хӏажат руго хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциял. Жакъа нилъеца киназго тӏаделъун гӏурумухъал рацӏцӏад гьарила, хадурккун лъицаниги гьел чорок гьаричӏого рукӏиналъе шартӏалги гӏуцӏила, — ян бицана И. Ибрагьимовас.
Мугӏрузул щибаб мухъалда хутӏелал рацӏцӏад гьарулел станциял разе рукӏиналъул хабар такрар гьабуна республикаялъул хӏукуматалъул вице-премьер Нариман Гӏабдулмутӏалибовасги.
ДРялъул хӏукуматалъул программаялда рекъон, жидеда ракӏалда бугин республикаялда кьищникъул батӏа гьабулеб лъабго завод базеян бицана гьес. Вице-премьерасул рагӏабазда рекъон, гьел рукӏине рагӏула гӏодоблъиялда — Махӏачхъалаялда, Дербенталда ва Хасавюрт мухъалда. Гӏураб гӏатӏилъи гьечӏолъиялъ, мугӏрузул мухъазда гьединаб цониги завод базе санагӏалъи гьечӏин абуна вице-премьерас. Амма щибаб районалда хутӏелал рацӏцӏад гьарулеб цо-цониги станция бачӏого теларин рагӏиги кьуна. Гьел киналго программаби рагӏалде рахъинаризе руго 2024 соналъул ахиралдехун.
Рищни-къулалъул гохӏал, ихтилат ва магӏарул квен
Майданское росдал рагӏалда тӏобитӏараб субботникалде ячӏун йикӏана Россиялъул тележурналист Юлия Михалковаги. «Уральские пельмени» абураб КВНалъул къокъаялъул гӏахьалчагӏигун цадахъ, СТС каналалда юморалъул телешоуялда йихьун ятила нужер гӏемерисезда гьей.
Цӏакъ йохун йигоан гьеб къоялъ Михалкова. Жий цӏакъ урхъун йикӏанин нужер мугӏрузухъ, вай, дие нуж рокьулел куцилан, лъимер гӏадин, аваданго йикӏана сценаялда.
Араб соналъги щун йикӏун йиго гьей нилъер гьание. Кутакалда берцинаб тӏабигӏатги, хӏатталдаса ун тӏагӏамаб миллияб квен-тӏехги бугила нужер. Цӏакъ берцинал ясалги ругин, амма ясаздасаги берцинал васал ругилан абуна гьелъ. Гьади- наб берцинаб тӏабигӏат инжит гьа- бизе намуслъизе ккелин, насихӏатги цӏалана. Жакъа бищун лъикӏ хӏалтӏарав чи «ВКонтакте» абураб социалияб гьиналда жиндирго гьу- дулзабазул сияхӏалда гъорлъе жувазе вугилан ракӏ-макӏги гьабуна. Гьал мугӏруздаго йижарай гӏаданалъ кинигин, лезгинка кьурдиги гьабуна тӏабигӏиял сурсатазул министр Ибрагьим Ибрагьимовгун сценаялда.
Сагӏат 11 тӏубарабго, майдан бакьулъ бугеб сценаялде цо-цоккун гьалбалги ахӏун, субботникалъул официалияб тадбиралъе байбихьи лъуна Махӏачхъалаялъул КВНщиказул къокъаялъул вакил Павел Лугуевас. Гьаб нухалъ микро-фоналдасан киназдаго рагӏуледухъ такрар гьабун, цо-цо тӏаде жураялги гьарун, бицана Ибрагьим Ибрагьимовас цебеккун «Хӏакъикъаталъе» кьураб баян.
Россиялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул министерствоялда цебе рагьараб Департаменталъул нухмалъулев Роман Минухинилги букӏана лъикӏаб, къокъаб кӏалъай. Амма цеберагӏиялда гьес абуна нужер бугин берцинаб, гьайбатаб, тӏаде ракӏ цӏалеб тӏабигӏатги, бацӏцӏадаб мугӏрул гьаваги, гьарзаго лъим жаниса унел гӏатӏидал гӏоралги. Амма гьеб кинабго берцинлъиги бечелъиги пасат гьабизе бегьуларила.
Гьесдаго релълъараб букӏана РФялъул лъел магӏишат цебетӏеялъул рахъалъ гӏуцӏараб Централъул нухмалъулев Илья Разбашилги кӏалъай.
638 000 квадратияб метралъ халатал кьищнидул гохӏал
Гӏурумухъал кьищниялдаса ра цӏцӏад гьаризелъун лъазабураб тӏолгороссиялъулаб акция тӏоби тӏулелдаса исана ичӏабилеб сон буго. Гьеб заманалда жаниб гьеб акциялда гъорлъе журан руго ул- каялъул 85 регионалда гӏумру гьабун ругел гӏадамал. Волонтёразул къокъаялъ гьеб ичӏабго соналда жаниб бацӏцӏад гьабун буго 10300 лъел мухъ, бакӏарараб кьищни-къулалъул гохӏалъул абуни, гӏун буго 638000 квадратияб метр. Гьеб кинабго нахъе баччизе хӏажалъун буго 67160 КамАЗ. Акциялъе кверчӏвай гьабун, хӏалае рачӏун руго РЖД ва РМК абурал компаниялги. «Россиялъул лъим» акциялъул хӏаракатчагӏазда ракӏалда буго 2022 соналда жаниб улкаялда 13000 субботник тӏобитӏизе. Исанасеб тӏоцебесеб гьединаб тадбир тӏобитӏизе жидеца хас гьабун Дагъистан тӏаса бищиялъе гӏилла баян гьабулаго, Илья Разбашица гьадин бицана «Хӏакъикъат» газеталъе.
— Киназдаго лъала Дагъистан къанагӏатаб тӏабигӏаталъул регион хӏисабалда гуребги, туристазул ракӏ тӏаде цӏалеб гьайбатаб ракь букӏинги. Гъоркьиса нужер гьанире гӏемерал туристал рачӏана. Исанайин абуни, гьезул къадар кӏиго, хӏатта лъабго нухалъги цӏикӏкӏине бугин рагӏана. Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, гьел тӏаде щвелалде, тӏоцере берда цере рехулел лъел ва гӏурумухъал кьищниялдаса рацӏцӏад гьаризе ккола. Гьеб рахъги хӏисабалде босун, рачӏана ниж жакъа мугӏрузул районалде, — ян бицана Илья Разбашица.
Унсоколо районалъул нухмалъулев Гӏиса Нурмухӏамадовасги тӏаде жубана жал ругин сверухъ ругел районазде нух бикьулеб бакӏалда бакьулъ гӏадин. Гьединлъидал эхедехун ругел росабалъа иххалъ босун бачӏунеб чороклъиги кьищни-къулги жидехъе бачӏунин бакӏарун. Гьеб рахъги хӏисабалде босун, рачӏун ругин субботникалда гӏахьаллъизе анкьго батӏияб районалдаса гӏадамалилан бицана Нурмухӏамадовас.
Бищун къанагӏатаб кьищни – такъия
Гьелдаса хадуб байбихьана кьищни бакӏаризе. Цӏер, маххкӏач, чӏорто-къехь, пластик батӏабатӏаго, ункъо батӏияб бутӏаялде бикьун бакӏарулеб букӏана гӏадамаз кьищни. Кӏиго сагӏаталда жаниб гӏурумухъалъул рагӏа-ракьанда сигареталъул бухӏунхутӏцин хутӏичӏин ккола. Бакӏарараб кьищни жанибе бакӏарарал чӏахӏиял хъапазул ахиралде кӏудияб гохӏ гӏуна. Гьитӏинав-херав батӏа гьавичӏого, цӏакъ хӏаракаталда хӏалтӏана нуснус чи. Гӏахъуша, Лаваша, Лак районаздаса рахъарал тумазул ва даргиязул росабалъаги чагӏицин рачӏана гьеб къоялъ субботникалда гӏахьаллъизе. Ахӏулеб кечӏги, белъунеб, бежулеб гьанги букӏана. Гьекъезе, КамАЗ цӏун, цӏорораб лъимги букӏана чӏезабун. Гӏураб ихтилат букӏана Аваргӏурул рагӏалда араб шамат къоялъ. Гьебго къоялъ гӏурумухъ бацӏцӏад гьабиялъул тадбир тӏобитӏана цогидал районаздаги. Кинабниги 19 район гӏахьаллъана гьеб хӏалтӏуда гъорлъ.
Субботникалъул ахиралдехун бищун лъикӏ хӏалтӏарал чагӏи къиматал сайигъатал кьун, кӏодоги гьаруна акциялъул гӏуцӏарухъабаз. Сайигъатал гьединго кьолел рукӏана, мисалалъе, кьищни-къулалда гьоркьоб бищун гӏадатияб гуреб жо батарав чиясеги. Гьеб щвана нусго батӏияб магъакь-кӏачаралда гьоркьоб как балеб мехалъ лъолеб такъия батарай Унсоколо районалдаса цо гӏаданалъе.
Бакъаникак ахӏизе заман гӏагарлъидал, биххана субботник. Тӏубарал моцӏаз жиндирго квенчӏелалде бакӏарун букӏараб рищни-къулалдасаги бацӏцӏалъун, Аваргӏорги, цӏияб ретӏел ретӏарав гӏолохъанчиясда релълъун, бакъуда дандеги кенчӏелаго, ахӏулаго жиндирго ругьунаб шигӏругун, ана тӏасан гӏодобе чвахун. Тӏокӏаб дур азбаралъул ракьанде агъзинлъи гьабулев чи ккогегиян, гьелъие гьара-рахьиги гьабун, гьаругьин, гӏурул чвахиялде ракӏги гъезабун, шагьаралде нахъ руссана нижги.
Ашахан Юсупов, Унсоколо-Майданское-Махӏачхъала