ДРялъул Лъай кьеялъул отличник, РФялъул Гӏаммаб лъай кьеялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Хӏажиева 50 соналъ хӏалтӏулей йиго Хашархотӏа росдал школалда учительницалъун. Байбихьуда микьго соналъ гьелъ дарсал кьуна байбихьул школалда ва гьелдаса хадуб гьелъ кьолел руго чӏахӏиял классазе магӏарул мацӏалъул дарсал.
Гьелъул эмен Муртазагӏали вукӏана байбихьул классазул учитель. Гьев хӏалтӏана Гумбет районалъул Бакьулъ Гьарадерихъ, Инхо ва цогидал росабазул школазда. Цӏунтӏа районалде гочун хадуй хӏалтӏана Хашархотӏа, Хӏибиялъ, Вицӏиялъ, Асахъ, Азилтӏа росабазул школаздаги. Эбел йикӏана колхозчӏужу. Гьелъ тӏубалаан рукъалъул хӏалтӏиги. Гьелъ абулаан: «Учительзабазе чед бежулаго ана дир гӏумру», — ян. Эменги ункъабго лъимерги учительзабилъун рукӏиндалха.
Патӏимат, росулъ микьгосонилаб школаги лъугӏизабун, ана Буйнакскиялъул педучилищеялда цӏализе. Гьелдаса хадуй хӏалтӏана росулъ ва цадахъго цӏалана ДГУялъул филологияб факультеталда, лъугӏизабуна РДО. Заочно гьабулеб цӏали бигьаяб букӏинчӏо: цадахъго тӏубазе кколаан рукъги (росасе ун йикӏун), хӏалтӏиги ва цӏалиги. «Доб заманалда гӏемер цӏалдезе кколаан. Гьанже гӏадин, цӏаличӏониги, лъикӏаб къимат щолароан. Лъабилазда цӏализе дир ракӏалъги къабул гьабулароан. Дарсал рукӏунаан къаденахъе. Гьениса рокъоре щведал, дагьаб мехалъ хӏухьбахъи гьабулаан, кваналаан ва байбихьулаан цӏалдезе, цебеккунго цӏалараб такрар гьабизе. Гьедин рогьунаан сордо», — ян ракӏалде щвезабуна Патӏиматица.
Школалда дун цӏалулеб заманалда Патӏиматицаги кьуна дие дарсал. Гьелъ бицунеб магӏарул мацӏалъги лъуна дир лъай камиллъиялъулъ кӏудияб бутӏа. Дун рухӏдаллъулаан гьелъул бечедаб, мухӏканго гьаркьал рахъулеб, берцинаб ва пасихӏаб магӏарул мацӏалда. Нижерго хасаб мацӏ бугелъул, щивасухъа гуро гьедин бицун бажарулеб букӏараб гьеб. Гьелъул мацӏалъул берцинлъиялъ жеги бокьизабуна дие магӏарул мацӏ. Гьелъ цӏалулел адабияталъул асаразул багьадурал чӏаголъулаан нижее дарсида. Гьайгьай, гьелда релълъун кӏалъазе гъираги базабулаан. Амма гьанже гурони, дие таваккал гӏечӏо гьедигӏан лъикӏ магӏарул мацӏ лъаялъе гӏиллалъун щиб ккарабин гьелда гьикъизе.
«Нижер хъизамалда букӏана кӏиго батӏияб мацӏ: бежтӏадерил (эбелалъул) ва литературияб магӏарул (инсул). Эмен рокъов вугеб мехалда нижер рокъоб букӏана авар мацӏ. Нижго хутӏидал бицунаан эбелалъул мацӏ.
Дир эмен вукӏана бацӏцӏадаб магӏарул мацӏ бицунев чи. Нижедасаги гьебго тӏалаб гьабулаан. Росулъ бугеб сверелалда ниж кӏалъани, эмен семулаан. Гьев кколаан Гьарадерихъа. Эбел – Хашархотӏаса. Гьел дандчӏвана дагъистаниял Чачаналде гочинарураб мехалда. Эбелалъул хъизамалъ гӏумру гьабулеб букӏана Курен-Беной росулъ. Дида макьилъ гӏадин цебетӏамула Чачаналъ букӏараб нижер гӏумру. Гьениб букӏунаан хьитазда рекӏарулеб хӏарщ. Гохӏда гӏадин, тӏарада букӏана нижер мина. Ахада, майданалда, букӏана школа, библиотека, росдал центр. Гьенив школалда ва библиотекаялда хӏалтӏулев вукӏана эмен. Гьениб ккун буго эбелалъулгун лъай-хъвайги», — ян бицана Патӏиматица.
Гьелъ щуго сон бараб мехалда, дагъистаниязе ихтияр кьуна ватӏаналде тӏадруссине. Муртазагӏалил хъизамалъ лъагӏелалъ гӏумру гьабуна Хашархотӏа, хадуб – Гьарадерихъ ва хадурги тӏад руссана Хашархотӏе.
«Гьабсагӏаталда цӏакъ захӏмалъула лъималазда магӏарул мацӏалда хъвараб текстги грамматикаги бичӏчӏизабизе. Гьелъие гӏилла буго сверухълъиялда гьеб мацӏалда кӏалъангутӏи. Эбел-инсуца цӏалуларо авар мацӏалда я газета, я тӏехь, я художествияб асар. Радиоялдаса кьолеб передачаги киназдаго гуро рагӏулеб. Гӏумру унеб буго, магӏарул мацӏ лъалел лъималазе дарс кьезе анищгун. Тӏубалеб гьечӏо дир гьеб.
Гӏажаиблъи – ингилис мацӏ лъазабизе гъира букӏуна. Щай букӏине кколареб магӏарул мацӏалде рокьи? Гьеб буго дида жаваб батулареб суал. Социалиял гьиназдаги ингилис мацӏ хӏажалъулин абунгӏаги батилаха гьелде рокьи бугеб», — ан ургъел бикьана П. Хӏажиевалъ.
Цо чанго соналъ цебе нижеца хъван букӏана «Магӏарул мацӏ рихарав директор» абураб макъала. Гьелъие гӏиллалъун букӏана Хашархотӏа росдал школалъул директорас авар мацӏалъул дарсал дагьлъизариги гьездаса цӏалдохъаби эркен гьариги. Бежтӏа участокалъул цогидал школазде дандеккун, гьабсагӏаталда гьадинаб хӏал буго Хашархотӏа росдал гьоркьохъеб школалда: байбихьул школалда магӏарул мацӏалъе кьун буго лъаб-лъаб сагӏат щибаб классалда ва тӏасиял классазда – ункъ-ункъ сагӏат (5-9 классазда) ва 10-11 классазда – лъаб-лъаб сагӏат. Гьелъие сабаблъун ккола школалъул администрациялъул магӏарул мацӏалде бугеб рокьи. Бокьун буго «Хӏакъикъаталъул» рахъалдаса школалъул директор Ибрагьимхалилов Ахӏмадие гьелъухъ баркала кьезе.
Жакъа школалда ругел масъалаби рехсолаго, Патӏиматица абуна, киналго школазда, хасго гӏицӏго магӏарулаз гӏумру гьабулел росабазулъ, чарагьечӏого цӏикӏкӏинабизе кколин рахьдал мацӏалъул дарсазул къадар. Гьединабго масъалалъун рикӏкӏуна гьелъ цӏалул тӏахьал ва методикиял пособиял басмаялде рахъиги. Масала, ичӏабилеб классалъе адабияталъул тӏехь къватӏибе бахъараб заман кӏочанин жиндаян абуна гьелъ. Гьечӏо 10-11 классазе мацӏалъул тӏахьалги – микьабилеб ва ичӏабилеб классазе ругел тӏахьал хӏалтӏизаризе кколел руго гьезул бакӏалда. Щиб гьабунги, рахьдал мацӏалде бербалагьи хисизабулеб закон ургъизе къваригӏун бугоян абуна гьелъ. «Масала, цебе ичӏабилеб классалда кьолаан рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги экзамен. Къоло цо билет букӏунаан ва щибалда – кӏиго мацӏалъулги цо адабияталъулги суалал. Дир рукӏунаан гьеб къоло цоябго билеталъе жаваб кьун бажарулел цӏалдохъаби. Экзамен кьезе кколеблъи бичӏчӏулел цӏалдохъабазул жавабчилъиги гьезул эбел-инсул тӏалабчилъиги букӏунаан. Гьанже гьеб гьечӏо. Щай бегьулареб гьеб тӏад буссинабизе?» — ян суал лъуна Патӏиматица.
Исана Патӏимат Хӏажиевалъул педагогияб стаж бахуна 50 соналде. Гӏолохъанлъудаго гӏадин, гъира-шавкъалда хӏалтӏулей йиго гьей жакъаги. Гьелъул хӏалтӏул аслулъун ккола класстун къватӏирехунисел тадбиралги, республикаялъул къецаздегун олимпиадабазде цӏалдохъаби хӏадуриги, хъвадарухъабазулгун шагӏирзабазул творчествоялъул сардал гӏуцӏиги. Гьеб хӏаракаталъул хӏасиллъун ккола республикаялъул къецазда Патӏиматил цӏалдохъабаз кколел цересел бакӏал. Масала, Расул Хӏамзатовасул юбилеялда бан тӏобитӏараб «Дир ракӏ мугӏрузда буго» абураб конкурсалда Хӏажиевалъул цӏалдохъаналъ хъвараб сочинение мустахӏикълъана тӏоцебесеб бакӏалъе. «Учительлъи тун батӏияб хӏалтӏи гьабун бажарилароан дихъа. Букӏана моцӏрол харж кватӏизабулеб яги чамалиго моцӏалъ кьолареб заманги. Хӏалбихьана дармиде юссинеги. Амма дир жо ккечӏо – ракӏалъ къабул гьабичӏо батӏияб пиша», — ян абуна гьелъ.