Щибаб соналда дунялалдаго кӏодо гьабула Хъизамалъул халкъазда гьоркьосеб къо. Россиялда гьеб кӏодо гьабизе байбихьана 1995 соналда. Исламалъги кӏудияб кӏвар кьола хъизам гӏуцӏиялде, иман бугел лъимал гӏезариялде. Жиндир заманалда хъизам гӏуцӏиялъ гӏадамал мунагьаздаса, квешлъиядаса цӏунула. Жакъа хъизамал риххиялъул хӏужаби гӏемерлъараб заманалда нилъеца цӏикӏкӏун кӏвар кьезе кколеб буго гӏолеб гӏелалъе исламияб тарбия кьеялде. Хъизамалъулъ ва гӏагарлъиялда гьоркьоб букӏине кколеб бухьеналъул хӏакъалъулъ гӏемерал хӏадисал руго.

Нилъер аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Я, гӏолилал. Хъизам гӏуцӏизе нужер рес батани — гӏуцӏе. Гьелъ инсан гьукъаралде балагьизе виччаларо ва хасият бацӏцӏад гьабула. Ригьин гьабизе рес гьечӏез кӏал кквеян абе, кӏал кквеялъ гӏодоре риччазарула», — ян.

Гьединго аварагасул (с.гӏ.в.) хӏадис буго: «Я, бусурбаби! Нужер ясал релълъуна гъотӏода барщараб пихъида. Пихъ бакӏаризе ккола гьеб барщараб гӏужалда, гурони бакъуца, гьороца, цӏороялъ гьеб хвезабула. Гӏемераб мехалда щибго пиша гьечӏого гьел тани, хадуб ккаралъул нужедаго гӏайиб букӏина. Гьел чӏагоял гӏадамал руго ва гьезулги хьулал рукӏуна», — ян.

Нилъер жамгӏияталда гьоркьоб кинаб кӏварха кьолеб хъизам гӏуцӏиялде. Магӏарулазул аби буго рукъалде руссине гӏурал гӏолилазе «Кӏудияб дармидаса рохун хутӏаги», — ян гьара-рахьи гьабулеб. Битӏахъе гьединги кколеб буго. Бичулесулги босулесулги яхӏалда бараб букӏунеб буго гӏемерисеб мехалда гьеб «дармил», ай цӏияб хъизамалъул къисмат. Даранчияс махсараде ккуралги дандчӏвала, даранчи махсараде ккуралги лъугьа-бахъинал камуларо. Пихъ бичулелъул цогӏаги турараб гьоркьобе ккани аскӏоб букӏанщинабги рокъобе щвелалде турун батула. Гьелдаго релълъун лъикӏайин еццун багьа бахинабун ячарай нусалъ жиндирабго хъизанги биххизабизе рес буго, росасул гӏагарлъиялда гьоркьобги ракӏбакъвай цӏикӏкӏине буго.

Гьеб кӏудияб дармилъ нилъецаго рекӏкӏги гьабун, хадуб, ригьнада баракат лъечӏин зигардизе журала нилъ. Нилъер жамгӏияталда гьоркьор гӏемерисел ригьнал кин тӏоритӏулел? Васасе чӏужу ячунеб къо буссуна цогидал гӏадамазда жидерго бечелъи ва гуч бихьизабулеб тадбиралде. Рес гьечӏонигицин, цоцояз кредитал росун, налъаби гьарун реццалъе кӏудиял залал ккола. Гьениб исрап гьабула квен. Цо-цояз гӏаракъи-чагъирги лъола цебе. Аллагьасда баракат гьаризе кколеб, инсанасул гӏумруялъул бищунго кӏвар бугезул цояблъун кколеб къоялъ гьекъелги, цогидаб гьукъараб ишги гьабун бертин тӏобитӏараб хъизамалъул кинаб икъбалдай букӏинеб? Бертадул къо кӏодо гьабун, инсуца аскӏов гӏодовги чӏезавун гьекъолдизавулев васасул кинаб жавабчилъи букӏунеб хъизамалда цебе?

Ахирал соназда нилъ гьелдаса дагь-дагьккун нахъе къалел ругин абизе бегьила. Цо-цояз кьурдикечӏалдаса инкар гьабун, нашидал ахӏун тӏоритӏулел бертаби тӏаса рищулел руго. Кин букӏаниги, гьенибги кванил исрап гьабула, видео, суратал рахъулел гӏадамазе хъат цӏун гӏарац кьола. Чанго соналъ хъизамалъго данде гьабунщинаб гӏарацги хвезабун рихьдае чӏухӏараб бертин гьабула. Бахӏаралъе чӏухӏараб чемодан босула. Цӏи гӏуцӏараб хъизамин абуни, ахирги, ижараялъе ккураб квартираялда бетӏербахъиялда тола. Гьелъул хӏасилги гӏемерисеб мехалда лъикӏаб кколаро.

Хъизам – дунялалдаги ахираталдаги хвасарлъи

Хъизам гӏуцӏи Аллагьасда цебе налъилъун ва аварагасул (с.гӏ.в.) суннатлъун ккола. Гьелъул магӏна ккола – инсанас хъизам гӏуцӏиялъул кумекалдалъун кӏвар бугел социалиял рахъал тӏуралел рукӏин. Гьелдалъун инсанасул хадусеб наслу лъугьуна. Лъимал гьарун хадуса эбел-инсуе Аллагь разилъи щола, лъимал гьариялдалъун ракьалда инсаният цӏунула, аварагасул уммат цӏикӏкӏинабиялдалъун гьесдехун рокьи бихьизабула, эбел-эмен хун хадуса гьезие дугӏа гьабиялдалъун, гьезие бигьалъи щола.

Къиямасеб къоялъ эбел-инсуе хӏалае рахъуна гьитӏинго хварал бусурбабазул лъимал. Гьеб хвалилъ, Аллагьасул къадаралда разилъун, эбел-инсуца сабру гьабун букӏун батани. Гьелъул хӏакъалъулъ Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Хӏакълъунго лъималаз жидерго эбел-эмен алжаналъуре рачуна», — ян.

Хъизамалъулъ куцала чӏахӏияздехун адаб ва гӏисиназул тӏалабагъаз гьаби. Хъизам ккола рокьул ва тарбиялъул тӏоцебесеб аслу. Гьединаб бербалагьи буго исламалъул хъизамалдехун.

Нилъер аварагас (гӏ.с.в.) хӏадисалда абулеб буго: «Аллагьасда божулезда гьоркьов бищунго камилав динияв чилъун ккола хъизамалдехун бищунго лъикӏав чи», — ян.

Абу Гьурайратица бицараб хӏадисалда буго: «Инсан хвараб мехалда гьесул киналго ишал гьоркьор къотӏула, лъабгояб хутӏизегӏан. Гьел ккола: инсан хун хадубги гӏадамазе пайда букӏунел, гьес гьарурал лъикӏал ишал ва садакъа (масала, гъветӏ чӏей, кьо яги мажгит бай, нухал къачӏай ва гь.ц.); гӏадамазе пайда бугеб лъай кьей; Аллагьасда цебе жиндие гӏоло дугӏа гьабулеб, иман бугеб лъимер».

Гьединго Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Бищунго кири цӏикӏкӏараб лъикӏаб ишлъун ккола – жиндирго хъизам хьихьи».

Лъикӏаб хъизамалъул гӏаламат

Дунялалдаги ахираталдаги инсанасе хвасарлъи щолеб хъизам кинабха букӏине кколеб? Гьеб суалалда тӏаса вагӏзаби гьарула нилъер имамзабаз, амма цо-цоязда гьез бицараб гӏаксалда бичӏчӏун батула, цогидаз жидеего пайдаябги гьоркьоса бищун тола. Гӏемерисез шаргӏалдаса гуреб, гӏадатаздаса пайда босулеб буго. Гьелдалъун, исламалъ инсанасе кьурал ихтиярал хвезарулел руго. Хъизамалда гьитӏинабгӏаги бичӏчӏунгутӏи ккани, гӏагарлъиялъухъе, гьудулгьалмагъзабазухъе рекерулел руго «гӏакълу» цӏехон. Исламалъ гьукъула рос-лъадуца цоцазул гӏайибал къватӏир чӏвазе.

Цо-цо хъизамазда рос-лъади гьалмагъзабилъун рукӏине кколеб бакӏалда данде къец ккураллъун лъугьуна. Исламалда рекъон, рослъадуца цоцазе квербакъизе ккола, цоцада ричӏчӏизе ккола.

Хъизамалъул бетӏер рос вукӏинги кӏочон тун батула цо-цоязда гьоркьоб. Росас бетӏерлъи гьабичӏеб мехалда чӏужуялъ босула гьеб тӏаде. Гьединал хъизамазда бетӏерлъи гьабизе лъугьуна росасул эбел-эменги. Талихӏги букӏунаро бетӏергьанчи гьечӏеб хъизамалда.

Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго, магӏна: «Гьел (лъудби) – ккола нужее ретӏеллъун, нуж (росал) – гьезие ретӏеллъун ккола (росги чӏужуги цоцазе хӏажатал руго, инсанасе ретӏел хӏажатаб бугеб кинниги)» (сурат Бакъарат: 187)

Хӏисаб гьабураб мехалда гьедин букӏинги бихьулеб буго. Ретӏел буго инсанасе тӏоцебесеб иргаялда къваригӏунеб жо. Гьелъ нилъ квачалдаса цӏунула, нилъ берцин гьарула. Рос-лъадуда гьоркьоб хинлъи букӏин гьеб ккола лъикӏаб хъизамалъул гӏаламат. Гьединаб хъизамалъулъ рос яги лъади сах-саламатго аскӏор рукӏинцин парахалъилъун лъугьуна.

Нилъер ретӏел ккола нилъер черхалде бищунго гӏагараб жо. Гьединаб букӏине кколин рос-лъадуда гьоркьоб бугеб бухьенгиян абураб магӏна гьабула цебехун рехсараб аяталъулги. Рос-лъадуца цоцазулгун ургъел бикьизе ккола, бадирчӏваяздаса, тӏад релъиялдаса яги ричӏчӏунгутӏиялдаса хӏинкъичӏого.

Ратӏлица нилъ квачалдаса, багӏариялдаса цӏунула, гьединго нилъер чорхол кинабгӏаги мукъсанлъи, гӏужал, ругънал, кьаралъи бахчула гьелъ. Гьелдаго рекъон, рос-лъадуца цоцал цӏунизе ккола, чиядаса гурелги жидедасагоги. Жив хъизамалъул бетӏер вугин абун чӏужу юхинги рекъараб гьечӏо бусурбанчиясда. Лъадиялъул кинабгӏаги гъалатӏ батани, гьеб цадахъ тӏубазе ккола.

Рос-лъадуца жидерго хъизамалда гьоркьове лъабабилев чи виччазе бегьуларо, гьелдалъун щайтӏаналъе рес щолеб буго гьезда гьоркьобе ракьа рехизе. Нилъер ретӏел чороклъани, гьеб нилъерго рокъоб, чияр бердаса бахчун чурула, бацӏцӏад гьабула нилъеца. Чурун течӏого итуги чӏвала. Гьелдаго рекъон, гӏайиб ккарай лъадул яги росасул гъалатӏ рокъобго бацӏцӏине лъикӏаблъун рикӏкӏуна исламалъги.

Цогидал хъизамазухъ балагьун, гьезул талихӏалда жахӏда бан, росасда яги лъадуда гӏайибал чӏвазе гӏедегӏизе бегьуларо. Нилъеда берцин бихьунин абун мадугьаласул ретӏел, нилъеда ретӏун рекъоларебго гӏадин, гьесул хъизамги жиндаго рекъараб батула.

Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) хӏадисалда абулеб буго: «Нужер щивав ккола вехь ва щивас жидерго рехъадул жавабги кьезе ккола. Бихьинчи ккола жиндирго хъизамалъе вехьлъун. Чӏужугӏаданги ккола жиндирго росасул рукъалъул ва лъималазул тӏалаб гьабулей вехь».

Аллагьас жидеда тӏадаблъун гьабураб иш щивас тӏубалеб бугони, хъизамалда талихӏги букӏина.

П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА