Ватӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида
Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?
Лъица абадиялъ унареб хӏалалъ
Хӏасратаб дир рекӏелъ бикӏараб дур цӏар?
Хоралда ахӏулеб Фазу Гӏалиевалъул гьаб кечӏалдасан байбихьана шагӏиралъул творчествоялъе сайгъат гьабураб «Чӏагояб классика» абураб фестиваль. Гьенир гӏахьаллъана магӏарул районазул ва гьединго шагьаразул учительзаби ва цӏалдохъабикинавниги 196 чи. Гьезул гӏемерисел рачӏунги рукӏана 11 маялда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб тадбиралде.
Сухъмахъал рукӏуна батӏи-батӏиял,
Рохел гьурщулелги гьеб чӏинтӏулелги.
Дирги цӏакъ гӏемерал сухъмахъал руго,
Сухъмахъазул буго жидерго къисмат… (Фазу ГӏАЛИЕВА)
Гьеле гьел сухъмахъазухъе ахӏун рукӏана Фазу Гӏалиевалъ жиндирго шигӏраби рокьулел магӏарулал. Гьаб нухалда данделъун рукӏана Махӏачхъалаялда, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда. «Хӏакъикъат» газеталъ гьениб тӏобитӏулеб букӏана шагӏиралъул творчествоялъе сайгъат гьабураб «Чӏагояб классика» абураб фестиваль.
Хӏурматиял «Чӏагояб классикаялъул» гӏахьалчагӏи! Тӏоцебесеб иргаялда, ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе бокьун буго нужее.
Нужер кумекалдалъун гӏуцӏун бажарараб байрамалда гӏажаибго берцинал накъишал хъван рукӏана нужеца. Щивав гӏахьалчияс рикӏкӏунеб кечӏалъги прозаялдаса бутӏабазги гӏенеккарал дагь-дагьккун рачунел рукӏана шагӏиралъул сухъмахъазде.
Байрамалъул гӏахьалчӏужу, ахирал соназ шагӏиралъул кумекчӏужулъун йикӏарай, гьабсагӏаталда гьелъул творчествоялда тӏасан гӏелмияб хӏалтӏи хъвалей йигей ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Мариза Мухӏамадовалъ жиндирго кӏалъаялда кьуна нужее цӏакъго тӏадегӏанаб къимат:
— Хӏурматиял конкурсалъул гӏахьалчагӏи. Жакъа нужеца гьабулеб буго цӏакъго кӏвар бугеб иш. Бачӏунеб гӏелалъухъе кьолеб буго авар адабияталде бугеб кӏудияб рокьи. Гьаб нухалдаги нужеда лъалеб букӏана кӏудиял сайгъатазда хадур рачӏунел гьечӏеблъиги. Гӏицӏго – грамотабазда хадур. Гьеб гурищ хӏикмалъи. Гьеле гьединал гьайбатал гӏадамаз берцин гьабун буго дунял. Нужелъ бугеб рухӏияб бечелъиялда жакъа дун бахиллъана, — ян абуна гьелъ.
Маризаца абураб битӏарабха бугеб. Нуж, дир хириял учительзаби ва цӏалдохъаби рукӏинчӏелани, байрам додигӏан берцинаблъун лъугьине букӏинчӏо. Гӏиси-бикъинал гъалатӏалги камилищха. Гьел киназулго хӏисабги гьабун, тӏадеялъул тадбир тӏобитӏизе ракӏалде ккана дагьабги гӏатӏидго – Авар театралда. Гьеб мехалда киназего жеги рес ккела кучӏдулги цӏализе жидерго пагьму-гьунарги бихьизабизе. Баркала киназего. Гьеб кинабго лъугьине буго гӏицӏго нужер гӏахьаллъиялдалъун.
Гьанже бицина газеталъул гьудулзабазе нужер рухӏияб берцинлъиялъулги хӏакъалъулъ.
Щибаб лахӏзаталъулъ даимлъи буго
Ралъад, гӏодоб биччан, гӏунун чӏун буго,
Гӏемер квачӏид бахъун, свакан батила.
Дир гьинал ракӏ, дуе букӏунареб щай
Цо лахӏзаталъгӏаги хӏалхьиялде ин?
Фазу ГӏАЛИЕВА
— Ватӏан, мун бокьизе тӏоцебе дида…
— Гьаб бигъараб гӏомо дир гӏумру буго…
— Балъголъаби руго сардил бецӏлъидакь…
— Нухда лъурал гудрал гӏемер рукӏуна…
— Зодихъ цӏваби руго сихӏкъотӏиялда…
Цӏидасанги рагӏулеб буго шагӏиралъул шигӏрабазул гьаракь. Гьезул щибаб лахӏзат ине буго даимлъиялде. Шагӏиралъул шигӏрабазул гъасде сапаралъ рачӏаразул къадар цӏикӏкӏараб букӏана — Лъаратӏа, Цӏунтӏа, Цӏумада, Чӏарада, Хунзахъ, Унсоколо, Хьаргаби, Гумбет, Болъихъ, Гъуниб, Махӏачхъала, Буйнакск, Каспийск, Гъизилюрт, Гъизляр ва гь.ц.
Щивав гӏахьалчи мустахӏикъав вукӏана реццалъе. Гьайгьай, гьал киназулго цӏарал рехсезе хӏалкӏвеларо – 188 цӏалдохъан ва учитель гӏахьаллъана исана тадбиралда. Фестивалалде рачӏаразда байрам баркана профессор Мухӏамад Мухӏамадовас, шагӏирзаби Залму Батировалъ, Тубхӏат Зургьаловалъ ва Залму Мухӏамадовалъ, «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ. Гьединго кӏалъазе рахъана учительзаби – Хунзахъ районалдаса Барин Гӏабдулатӏипова, Саида Хӏусенова, Патӏимат Хӏамзатова, цӏарал ракӏалда чӏечӏониги, Гъизляралдаса, Буйнакскиялдаса, Махӏачхъалаялдаса вакилзаби. Тубхӏатица цӏалана жинцаго шагӏиралде гьабураб кечӏги.
Бихьулеб букӏана шагӏиралъул прозаги поэзияги цӏализе лъималазул букӏараб гъира. Гьелъулъ букӏана тадбиралъул аслияб магӏнаги.
Тадбир берцин гьабуна композитор Каримулагь Гӏабдулаевас, кочӏохъаби Ахӏсарат Хӏайбулаевалъ, Даку Хӏажиевас, Салим Камиловас, Патӏимат Хӏажиевалъ, Шамсигат Шапиевалъ, Шамил Ханакаевас. Фазул рагӏабазда гьез ахӏарал кучӏдуз кӏудияб асар гьабуна байрамалде рачӏаразе.
Газеталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Манаповас хӏадурараб сценариялда рекъон, тадбир нухда бачана газеталъул хӏалтӏухъаби Зульфия Хӏажиевалъ ва Мухӏамад Дудуевас. Нахъеги рагӏулеб буго шагӏиралъул гьаракь:
— Гӏемерал суратал рахъун руго дир,
Нахъе хутӏаразда ракӏалде щвезе.
Амма гьел сураталъ рихьизе гьечӏо
Дир бацӏцӏадаб ракӏги роцӏараб рухӏги.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА