Жакъа херал чагӏазул гӏемерисел хутӏун руго лъиего хӏажаталлъун гьечӏолъиялъул ва гӏадамазул тӏалаб-агъазалдаса махӏрумлъиялъул асаралда гъоркь. Экспертазул пикруялда рекъон, гӏемерисел харабазул буго цӏияб хӏукуматалъул гӏуцӏиялъ жал гукканин абураб ракӏхвейги. Гьез кинго къабул гьабулеб гьечӏо гӏумру гьабиялъул цӏияб къагӏида. Ва гьеб киналъулго хӏалуциналда дугъдан чӏезарун руго нерваби. Харабазе чара гьечӏеблъун ккола сверухъ ругезул, хасго гӏагарал чагӏазул адаб-хӏурмат ва тӏалаб-агъаз. Гьезие кванил, ратӏлил къварилъи биччачӏониги, гӏагарал чагӏазулги, жидерго яшав-магӏишаталде риххун, кидаго гуро заманги, ресги, къуватги букӏунеб херал чагӏазде тӏаде-гъоркье ине, гьезулгун бухьен гьабизе.
Херлъиялъул адаб гьечӏо
Хераллъун рикӏкӏуна 60-ялдаса тӏаде араб ригьалъул чагӏи. Хӏатта жидерго лъималазе гьел хутӏулел руго хӏаракатаб гӏумруялъул хьолбохъ. Намус тӏагӏарал ва яхӏалде мугъ рехарал цо-цо лъималаз херал ва унтарал умумул щвезарулел руго херазул рокъоре, ресалда ругез – хасал пансионатазде.
Гӏадамазул агьлуялъул рухӏияб даражаялъе къимат кьола херал чагӏаздехун гьезул бугеб бербалагьиялъул хӏисаб гьабун. Гьайгьай, чӏахӏияб гӏел букӏинчӏебани, букӏинароан нилъер бахӏарчияб тарих ва жакъасеб къоялъул рес буголъи.
Умумузул абиги гьечӏищха, тамахал буртинадул хьиталги ретӏун, лъидаго рагӏулареб хӏалалъ, гьабугьин щивасда тӏаде гӏунтӏулин херлъиян. Тӏаде гӏунтӏана захӏматалъул книжкаялда ахирисеб хъвайхъвагӏай гьабураб къо. Бокьанагӏан хӏухьбахъе, босе гӏумруялдаса кеп. Амма щибаб къойилаб гӏадада чӏеялдаса хӏалтӏун ругьунлъарал пенсионерал хехго свакала, гьел ургъула щиб ишалдедай машгъуллъилаян. Узухъда, ракӏгъеялъе ва заман инабиялъе, пенсионераз гьаризе бегьулел ишал гӏемерал руго. Хӏаракатаб иш-пишаялъ халат гьабула гьезул гӏумру. Пайдаял ишазде машгъуллъарав херасда чӏалгӏунаро гӏумру ва гьев къанагӏат гурони унтуларо. Хӏалтӏулев херас жиндаго хадуб хъулухъги гьабула. Гьесул букӏуна гӏадамазе жиндаса пайда бугин абураб рохалил асар. Гьелъ квербакъула гьесул сахлъи ва рекӏел хӏал лъикӏлъизабиялъе.
67 сон барав пенсионер Арсланица бицана: «Лъабабилеб сон буго пенсиялде аралдаса. Анищ букӏана пенсиялде ине, къойил хӏалтӏуде гӏедегӏизе кколареб, бокьанагӏан кьижизе ва паркалда нардал хӏазе рес кьолеб заман щвезе. Киданиги кколароан пенсиялъул заман чӏвай дие гӏакъуба-гӏазаблъун лъугьинилан. Цо-цо мехалъ дун хутӏула гьабизе жо лъаларого. Радал вахъуна ва байбихьула иргадулаб, гӏададисеб, чӏобогояб, ай пайда гьечӏеб къо. Рихана телевизор, чӏалгӏана диван. Сахлъи-чӏаголъи жеги лъикӏ бугониги, хӏалтӏудеги восулев гьечӏо. Лъади йикӏуна васасул лъималгун, дидаса абуни, лъиего пайда гьечӏо. Щиб гьабилеб!? Дие хутӏараб жо буго хвалихъ балагьун чӏей», — ян.
Ингилисазул гӏалимзабазул цӏехрехаз тӏатинабун буго, пенсиялде арал руччабазул гӏумру бихьиназдаса халатаб букӏиналъе бугеб аслияб гӏилла. Рокъой лъади йикӏуна нусго батӏияб ишалде машгъуллъун (квен гьаби, ретӏел чури, рукъ бакӏари, росасда ва лъималазул лъималазда хадуб хъулухъ гьаби…), ай гьелда лъала жий хӏажатай гӏадан йикӏин. Кьурабги кванан, кванарабги беццун, диваналъеги телевизоралъеги командирлъи гьаби гуреб, росас рокъоб щиб гьабилеб?! Щибаб къо гьедин тӏамулев бихьинчиясда бичӏчӏула жиндаса пайда-хайир гьечӏолъи. Гьеб асаралъ жагъаллъизабула бихьинчиясул сахлъи, хасго нерваби, къокъ гьабула гӏумру.
Пенсиялде ин: талихӏ къосин яги…
«Пенсиялъулаб хӏалуцин» цӏакъго захӏмалъула жигараб творческияб ишалда рукӏарал чагӏазе, гьединго лъималаздаса ва гьезул лъималаздаса рикӏкӏад ругел харабазе. Пенсиялде ин гьезие лъугьуна унго-унгояб талихӏкъосинлъун.
Кинха гьел ругьунлъилел цӏияб социалияб ахӏвал-хӏалалде, гьоркьоса къотӏизе течӏого, кин пенсионерас жиндирго сахлъи щула гьабилеб ва гӏумруялдаса лазат-кеп босилеб? Щивасул букӏуна жинди-жиндир къагӏида. Масала, рагъул гӏахьалчи ва жигарав жамагӏатчи Мухӏамад Батирхановас шагьар бакьулъ гӏемертӏалаяб минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда бугеб квартираялда цебе гьабун букӏана цӏакъ лъикӏаб ах ва бахча. Рокъосезе гьес гьукъулаан гьениб кинабгӏаги хӏалтӏи гьабизе, кинабго гьабулаан жинцаго. Кисанго гӏадамал рачӏунаан гьес ах къачӏан бугеб куц бихьизе.
Ахикь бараб хасаб минаялда Батирхановас гӏуцӏун букӏана, жинца нухмалъи гьабулеб букӏараб полкалъул рагъулаб нухлул ва Дагъистаналъул бахӏарзазул бицунеб музей. Экскурсиялъ гьенире рачӏунаан гӏадамал, хасго школлъимал. Республикаялъул нухмалъиялъ Мухӏамадида тӏад къалаан гӏемерал жавабиял жамгӏиял ишал. Гьесул гӏарз букӏунаан киналго ишал тӏуразе жиндие заман гӏолеб гьечӏин. Гьелъги батила, Батирхановас бана 102 сон.
Херав чиясе аслияб жо ккола рекӏее бокьулеб ишалде машгъуллъи. Шагьаразда ругониги, гӏемерисел пенсионеразул кьалбал руго росабалъ. Гьезие бокьула ракьалда хӏалтӏизе. Гьединлъидал херав чиясе кинабго рахъалъ лъикӏаб къагӏида ккола дачаялда, ахикьбахчаялда хӏалтӏи. Дача гьечӏезе рес буго сверухълъи берцин гьабизе. Масала, гӏемертӏалаяб минаялъул квартираялда гӏумру гьабулей Анисатица жиндирго горда цебе гьабун буго цӏакъ берцинаб бахча. Гьеб берцинлъи бихьизе, гьелда цереги чӏун, суратал рахъизе рачӏуна аскӏор ругел минабаздаса гӏадамал. Гьеб минаялда Анисат лъугьун йиго цӏакъ машгьурай гӏаданлъун. Гьелдаса мисал босун, мадугьалзабазги чӏолел руго тӏугьдул ва хъархъал.
Цоги мисал, гъоркьиса ихдал Афгъаназул паркалда Хӏажияв абулев чияс, живго лъикӏав лъугьун (жиндирго харжазда, жинцаго бухъунхъван), чӏун букӏана 200 гъветӏ. Гьезул бащдал ракъвана, ва гьезул бакӏалда исанаги гьес чӏана 100 гъветӏ. Гьеб ккола Хӏажияс жиндиего лъолеб памятник ва ракьалда толеб лъалкӏ. Гьединал чагӏаздаса мисал босун, щивав пенсионерасе рес буго жиндирго рукъалда цебе цо-кӏиго гъветӏ яги хъарахъ чӏезе, гьезда хадуб хъулухъ гьабизе, гьел берцинлъулел ва кӏудиял гӏолеб куцалда хадуб халккун, жиндирго рекӏее рахӏат гьабизе.
Черх лъадаре
Сонал анагӏан загӏиплъула херал чагӏазул гӏакълу-пикру, гьезул «гьудулзабилъун» лъугьуна палгъай, пикраби риххин, ракӏалда жо чӏунгутӏи… Гьел гӏунгутӏаби тӏатинчӏого рукӏиналъе чара гьечӏого кидаго хӏалтӏизабизе ккола бетӏер. Гьеб мурадалда херав чи куцазе бегьула Къуръан цӏализе, хӏалбихьизе бегьула кучӏдул яги харбал хъвазе, компьютер лъазабизе, суратал рахъизе… Масала, Культураялъул хӏалтӏухъабазул профсоюзалда хӏалтӏулев вукӏана 81 сон бараб тумав Ахӏмад Ибрагьимович. Жиндирго гӏакълу-пикру камилго цӏуниялъул мурадалда Ахӏмадица рекӏехъе лъазарулаан гӏурусазул ва тумазул кучӏдул, абундачал.
Мукъсанаб гурони пенсия щоларел нилъер пенсионеразул рес гьечӏо дунял бихьизе ине. Амма, бетӏерги квералги хӏалтӏизе тӏамуни, гӏемерисезул рес буго, хӏалакъаб бугониги, бизнес гьабизе; гьеб бокьичӏони, гӏадамазе пайдаял ишазде машгъуллъизе. Мисалалъе, щай бегьулареб, жидерго сайтги гӏуцӏун, «гӏолохъанал» пенсионераз рекламаялъул хӏалтӏаби гьаризе. Ракӏгъейги букӏина, гъурщалги щвела.
Мугӏрузул районазул росабазул пенсионеразе рес буго наял хьихьизе. Гьелъие цӏализе кколаро, наязул хӏакъалъулъ киналго балъголъаби руго Интернеталда. Гьединго, цӏакъ хайираб ишлъун рикӏкӏуна гӏанкӏал ва чӏоролаби гӏезари.
Гӏемерисезул букӏуна лъимерлъудасанго бугеб, амма, рес ккечӏолъиялъ, тӏубачӏого хутӏараб анищ (квералъ яги фотоаппараталъ суратал рахъи, кучӏдул хъвай, музыкалиял алатазда бакънал рачине, кечӏ ахӏизе, кьурдизе ругьунлъи…). Бокьанагӏан эркенаб заман бугев пенсионерасе рес буго жиндирго пагьму цебетӏезабиялда тӏад хӏалтӏизе.
Херал чагӏазул аслияб масъала ккола сахлъи щула гьаби, гьелда хадуб халкквей. Цӏадаса Хӏамзатил «Бегун хвараб къаркъала, къо ккани, хьадарлъула» абураб малъиги гӏадахъ босун, нилъее – херал чагӏазе – лъикӏаб жо ккола, бажарараб куцалда чорхое «гӏакъуба» кьей. Гьайгьай, сахлъиги гӏумруги нилъее кьола Халикъас. Амма Къуръаналда хъван буго, щивав чияс жиндирго сахлъи цӏунизе кколин абун. Аллагьас дие кьун буго лъикӏаб сахлъи, гьайгьай, дицаги хӏаракат бахъула гьеб цӏунизе ва щула гьабизе. Радал мачӏикьаго гьекъола ражидул яги лимоналъул хинаб лъел кӏиго гьитӏинаб кружка. Щибаб къоялъ радал анкьгоялде бащдаб хӏалтӏараб мехалъ щола паркалде, росулъ вугони – накӏкӏил рохьове. Гьенив хьвадун, нахъа тола 3-3,5 км; унаго, гьарула батӏи-батӏиял упражнениял, гьединго беразе гимнастика. Вахуна турникалде, брусьябазде, хӏала торгӏо. Гьениса рокъове щведал кванала кӏиго-лъабго гӏеч. Маркӏачӏудаги добго парк, добго рохь (къойида жаниб 10000-11000 гали, ай 7-8 км). Гьеб киналъго квербакъула чорхол сахлъи щула гьабиялъе, беразул канлъи лъикӏлъизабиялъе ва къватӏул унтабаздаса цӏуниялъе. Амма лъикӏаб хӏасил ккеялъул мурадалда гьеб кинабго гьабизе ккола гӏужда, ай гьоркьоб къо биччачӏого.
Нури НУРИЕВ
Макъала хъвана тохтур-психолог Исрапилов Гӏарипилгун букӏараб гара-чӏвариялдаса пайдаги босун