Гьал къоязда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда гьоркьоб лъун букӏана Бузнасан бахъулеб нухлул суал.

Гьениб хӏукму ккана гендерида аскӏоб, кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда кьо лъезеги, ункъо километралъул манзилалда нух бахъизеги исана проект гӏуцӏизе ва гьелъие гӏарацги республикаялъул хӏукуматалъ биччазе. Хадубккун гьелъго квербакъизе буго хутӏараб 10 километралъул манзилалдаги нух бахъизе.

Гьеб суал дандбалеб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов, хӏукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутат Гӏабдулвахӏид Лабазанов, Бузнаса нух бахъиялъе кьучӏ лъурав Мухӏамадкамил Дибиров, Цӏумада районалъул собраниялъул депутат Мухӏамад Гӏабдулаев ва цогидалги.

2014 соналдаса нахъе гӏадамаз садакъаде бакӏарун гӏарацгун 30 км манзилалда бахъулеб, 11 район цолъизабулеб нухлул кӏваралъул гӏемер бицана прессаялдасанги батӏибатӏиял тадбираздаги. Бузнаса нух гӏемерго къокъабги буго, гьениса ракь ччукӏун бачӏиналда яги нухда цӏер чӏваялда хӏинкъиги гьечӏо.

Депутатлъун вищидал, Халкъияб Собраниялда жинца кӏвар кьезесеб аслияб суаллъун Бузнаса нух букӏине бугин бицун букӏана Гӏабдулвахӏид Лабазановасги «Хӏакъикъат» газеталъе.

Гьесго дандбан букӏана гьеб суал ДРялъул хӏукуматалъул председательлъун вукӏарав Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасдаги. Битӏун комиссияги гӏуцӏун, гьеб нухлул ишалде кӏвар кьезе байбихьидал, хӏукуматги хисун, чӏезе тана гьеб. Гьанже Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов вачӏиндал, цӏи гьабуна гьелда сверухъ гьабулеб хӏалтӏи.

Гьелда бан гьадин бицана Гӏабдулвахӏид Лабазановас:

— Хӏукуматалъ къотӏи гьабуна кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда кьоги лъезе, кьурабазул цӏураб, бищун захӏматаб бакӏалдасан ункъо км нухлулги бахъизе. Хадуб хутӏараб 8-10 километр бахъизеги рагӏи кьуна хӏукуматалъул вакилзабаз. Букӏине кколедухъ проектги гьабун гурелъулха халкъалъ гьеб бахъулеб бугеб. Щиб лъалеб, цониги бакӏалдаса гъалатӏ битӏа-бишизабизе яги батӏияб рахъалдасан свера-хъверун хисизабизе ккезеги бегьулелъул. Гьеб батила доб 8-10 километралъул магӏна.

Амма хӏукуматалъ кумек гьабизехъин букӏунилан Бузнаса нухда сверухъ гьабулеб хӏалтӏи чӏезе толеб гьечӏо нижеца, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз. Гӏарацги бакӏаризе буго, копек хутӏичӏого сунда тӏад гьеб харж гьабурабали халкъалъе хӏисабги кьезе буго. Масала, исана 26 марталда микьго млн гъурщиде экскаватор босана. Гьединго босана кьвагьизе картӏал рахъулеб машина. Нух бахъулаго хун, жагъаллъун, рахъ-рахъалда рехун тараб техникаги нахъе бакӏарулеб буго нижеца. Бажарараб къачӏала, бажаричӏеб, алаталги рахъун, цогидазда тӏад бацӏцӏина.

Гьеб нухлуе кутакалда кумек гьабулел районал ккола Гумбет, Гӏахьвахъ, Цӏумада. Амма жеги гъурущ гьенибе кьечӏел районалги руго. Гьединал бакӏазде нижерго вакилзаби ритӏулел руго халкъалда гьеб ишалъул кӏвар бичӏчӏизабизе. Нух-нухазда чӏун, гьелъие гӏарац бакӏарулел волонтералги руго. Кӏалккул моцӏалъ цо-цо росдаца тӏаде босун, ифтаралги гьаруна Бузна нухда.

Гӏ. Лабазановас бицухъе, кватӏичӏого Москваялдаса Дагъистаналде ячӏине йиго РФялъул транспорталъул министрасул заместитель. Бузнаса нух бахъулел жамагӏатчагӏаз гьесда гьарулеб буго, Бузнаса нухлул проект федералияб программаялда гьоркьобе бачинабиялъе гьелдасанги кумек тӏалаб гьабеян.

Халкъалъул кумекалдалъун умумузул нух цӏи гьабизе тӏаде босарав чи вуго Болъихъа Мухӏамадкамил Дибиров.

— Халкъалъе, жамагӏаталъе кӏвар цӏикӏкӏараб нух гьеб букӏин жакъа щивасда бичӏчӏулеб буго. Гьединго дагьаб кватӏун бугониги, республикаялъул хӏукуматалдаги гьеб бичӏчӏун батиялъ рази гьавун ватила гӏемерав чи. Гьаб дунялалда нилъеца балеб заман гӏемераб жо гуро, амма, нилъго индал, нахъе хутӏизе щиб букӏаниги гьабизе ккола. Гьеб пикру загьир гьабизе рес щвана хӏукуматалъул рокъоб букӏараб данделъиялдаги, — ян бицана Мухӏамадкамилица.

Амма гьесул пикруялда рекъон, хӏукуматалъ бахъизе тӏаде босараб нухлул ункъо километр исана гуреб, тӏадеялъулцин лъугӏуларо бахъун.

«Гьезда ракӏалда буго, проектги гӏуцӏун, исанаго гьеб рагӏалде бахъинабизе. Тӏадеялъул лъугӏаниги, цӏакъ лъикӏ букӏинаан гьеб. Амма нижецаго ракӏалда букӏараб къагӏидаялъ, жамагӏаталъул гӏарцул кумекалдалъун гьабулеб хӏалтӏи рагӏалде бахъинабила, Аллагьас хъван батани.

Гендерил тоннелалдасан раккаралго Ахӏулгохӏдехун унеб бакӏалде щвезегӏан бугеб гӏодобераялда машинабазе букӏунеб санагӏалъи гьечӏолъиги, гьенир кколел авариязул къадарги лъалеб буго гӏемерисезда. Лъалеб буго гьеб хӏукуматалъул вакилзабаздаги. Гьединлъидал гьеб суал Сергей Меликовасда цебе лъелин жидецаян рагӏи кьуна гьез», — янги бицана Мухӏамадкамилица.

ДРялъул хӏукуматалъул официалияб сайталда хъвалеб буго ракь ччукӏиялда, гьарчал гиризе, ракь багъаризе рес букӏиналда бан кинабгӏаги цӏех-рехги гьабичӏого бахъулеб бугин Бузнаса нухилан.

Амма Дибировасул рагӏабазда рекъон, Чӏикӏаб ва Рихьуниб ГЭСал ралалде Совет Союзалдасаго лъикӏал махщелчагӏиги рачӏун, 1957 соналъго гьарун рукӏана гьел цӏех-рехал.

«Гьединго гьел ччукӏелалги хъитӏалги лъугьунареб, цӏадал хӏалакиндал, иххалги рахъунареб бакӏ бихьизабе магӏарухъ. Кирго лъугьине рес буго гьел. Бузнаса нух бахъулеб мехалда нилъер умумузги хӏисабалде росичӏого тун ратиларо гьел рахъал. Гьезго лъун букӏун буго, масала, гьанже хӏукуматалъ кӏиго гӏор жубалеб бакӏалда лъезехъин бугеб кьоги», — ян баян гьабуна Дибировас.

Республикаялъул хӏакимзабаз церегӏанго соназги кӏвар буссинабун букӏана Бузнаса нухде. Амма бюджеталъе хираго чӏолилан, миллат гьабичӏого тун букӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ 2014 соналда «Гӏагарал мугӏрул» абураб фондалъул нухмалъулев Хӏажимурад Муртазагӏалиевас «Миллат» газеталъе гьадин бицун букӏана:

— Церегӏан соназда «Новое дело» газеталда бахъун букӏана «Зачем нам гимринский тоннель?» абураб макъала. Бузнаса нухги букӏаго, нилъее тоннель щайин хъвалеб букӏана гьениб. Гьелдаса хадуб хӏукуматалъул комиссия ана Бузнаса нухлухъ балагьизе Чӏикӏаб хӏоринисан, расаялдаги рекӏун. Гьедин индал, гъора рихьула мугӏрул, кьураби. Амма гьенисан нух бахъизе хираго чӏолинги абун, комиссия нахъ буссун буго. Кьурабаздаги мугӏруздаги хъвазе кколаро. Нух бихьизе гьел хӏакимзаби лъеда тӏасан инчӏого, УАЗалда яги вертолеталда рекӏун ине кколаан. Гьеб мехалда бихьулаан гьезда гьеб нухлул кигӏанасеб санагӏалъи бугебали.

Зульфия ХӏАЖИЕВА