ДРялъул хӏукуматалъул вакилзабигун цадахъ премьер-министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щвана Цӏумада районалде.

19 маялда гьез магӏарухъе сапар бухьун букӏин бичӏчӏана параялда жаниб соцсетаздасан тӏибитӏизабураб видеороликалдасан. Магӏарде гочунеб гӏиги цебе къотӏун унев вехьасулгун накъиталда вугоан гьенив Гӏабдулмуслим. Цинги цо заманалда риидалил мугӏрузде гочун унеб гӏиял рехъалъа хапун ккуна гьес кьегӏер. Гьелдаса хадуб цо-цо журналистазги тӏиритӏизаруна премьер-министрасго гӏадин жидецаги рехъалъа хапун кколел гӏиялъажалазул видеоял.

Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги хӏукуматалъул вакилзабиги щвана Гьигьалъ-Гӏурухъе, Тӏиндире, Метраде, Тӏасияб ва Гъоркьияб Хъварщинире, Цӏихалахъе, Хушеталда аскӏоре, Эчеде, Силдире, Агъвалире. Гьигьалъ-Гӏурухъ Гӏабдулмуслимовас транспорталъул министрасда тӏадкъана 2020 соналда ччукӏун ракьгун хвезабураб машинадул нух исана августалда къачӏазе байбихьеян.

Тӏинди росулъ гьел щвана участкаялъул больницаялде, кӏалъана «Земский доктор» абураб программаялда рекъон гьенире хӏалтӏизе рачӏарал гӏолохъанал тохтурзабигунги. Кватӏичӏого больницаялъе кьезе буго УЗИ-аппаратги.

Хадуб гьез хал гьабуна 2020 соналда базе лъугьараб ясли-ахалъулги. Гьеб бан бахъуна исана.

Цинги гьалбал ана Эчеде футбол хӏалеб майдан рагьизе. 10,7 млн гъурущги харж гьабун, гьеб бан буго «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялда рекъон.

Нухалги мехалги

«ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасухъ балагьун чӏун рукӏана ниж. Амма нахърахъичӏого тӏуразе кколел цогидал ишалги раккун, гьесул тӏадкъаялда рекъон, Цӏумаде вачӏана хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов. Районалъул гӏадамал цӏакъ разиго хутӏана гьесдаса. Гӏадатиял гӏадамазул гӏумруги бичӏчӏулев, жинда бокьараб хабарги бицине бегьулев, кутакалда ракӏ тӏаде цӏалев чи вугоан гьев», — ан бицана «Хӏакъикъаталъе» Цӏумада районалъул нухмалъулев Шамил Гӏумаровас.

Гьесул рагӏабазда рекъон, чанго батӏияб росулъе щун хадуб гьез данд ран руго токалъулги, Кӏванадагун Гьигьалъ ралел школазул, нухазул ва цогидалги суалал.

«Бищунго кӏвар буго нижее нухазул. Зама-заманалдасан ралел чвахунцӏадаз гьел жагъал гьарула яги тӏубанго машина хьвадизе бажару- лареб хӏал лъугьинабула. Гъоркьиса сентябралда рарал цӏадаздаса хадуб жагъаллъараб Агъвалиса Кидеробе унеб машинадул нух къачӏазе рагӏи кьуна хӏукуматалъул нухмалъулес.

Гьеб мехалда гӏоралъ босун ун букӏана Агъвали спорткомплексалда цебе лъураб сангар. Гӏ. Гӏабдулмуслимовас нухазул магӏишаталъул идараялъул нухмалъиялъе тӏадкъай кьуна цӏидасан гьениб гьеб базе», — ян баян гьабуна Шамил Гӏумаровас.

Гьес рехсараб Агъвали-Шаури нухалда тӏад 80 млн гъурущ харж гьабизе букӏин хъван буго ДРялъул хӏукуматалъул официалияб сайталда («Развитие территориальных автомобильных дорог республиканского, межмуниципального и местного значения» абураб пачалихъияб программаялда рекъон).

Метрадаса жамагӏатчи

Цӏумада районалъул щуго росдал вакил хӏисабалда гьенив премьерминистр Гӏ. Гӏабдулмуслимовгун дандчӏвана «Хӏакъикъат» газеталъул штаталда гьечӏев мухбир – Метрадаса Хӏабиб Давудов.

Гьадин бицана гьес Гӏабдулмус лимовасулгун жиндир ккараб гара-чӏвариялъул хӏакъалъулъ:

«Чара гьечӏого тӏуразе хӏажатал суалазул бицун, ургъел бикьана дица хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасде. Масала, нижер щуго росулъе (Метраде, Цӏихалалъе, Гъоркь ва Тӏад Хъваршинире, Хушеталде) рахунеб бакӏалда батула къогоялдасаги цӏикӏкӏараб свери. Чвахунцӏад бани, гьенисан нухал хола, цо-цо мехалда машина бахинчӏогоцин хутӏула. Нижер Метрада росулъе нух къачӏачӏони, дол хутӏарал росабалъеги унаро транспорт. Гьединабго гӏунгутӏи токалъулги ккола, гӏазуцӏад байдал. Кӏикъогогӏан соналъ цебе рохьосан бачараб линия буго токалъул. Гьанже гьеб ток машинадул нухккун бачине санагӏалъи гьабеян гьарана дица премьерасда.

Гьединго магӏарухъ росаби чӏун тичӏого рукӏиналъе санагӏалъаби гьаризе ккеялъулги бицана. Шартӏал гьечӏолъиялда бан, гӏолохъаби шагьаразде, гӏатӏиракьазде гочунел ругелъулха. Нижер росулъ хутӏун буго 60 цӏараки. Гьелниги цӏунун хутӏу лелани гьенир. Амма гьениб гьечӏо спортзал, ФАП. Гьел суалал тӏуразе рагӏи кьуна Гӏабдулмуслимовас.

Ахир-къадги бихьила…

ДРялъул хӏукуматалъул вакиллъиялъ Цӏумада районалде гьабураб сапаралъул кӏудияб хӏасиллъун ккезе бегьулаан цохӏо масъала тӏубазе кӏванигицин — Гуржиялъулгун гӏор хъода бугеб Хушет росулъе нух бахъизе бажарани. Гьабсагӏаталда жиндирго гӏарцухъ гьеб хӏалтӏи байбихьун буго Халкъияб Собраниялъул депутат, Цӏумада районалдаса Гӏабдурахӏман Камиловас.

Цӏумада районалъул нухмалъулев Шамил Гӏумаровас «Хӏакъикъаталъе» бицана премьер-министрас транспорталъулгун нухазул магӏишаталъул министрасда тӏадкъанин гьанжеялдаса хадуб Хушеталде нух хасаб программаялда гъорлъе бачеян.

Гӏ. Гӏабдулмуслимовасде мугъчӏвайги гьабун, ДРялъул хӏукуматалъул официалияб сайталда хъван буго Хушеталде нух гьаб лъагӏелгун бащдаб заманалда жаниб бахъун лъугӏизе кколилан.

«Метрадаса байбихьун, Хушеталде щвезегӏан нух бахъизе депутат Гӏабдурахӏманица байбихьаралдаса ункъо-щугониги сон буго. Гьанже нижехъе гьеб щвезе щугогӏанасеб километр хутӏун буго. Гьебгиха — кьурабиги ругеб, бищунго захӏматаб бакӏ. Гьединлъидал, гьабщинаб заманалда къварилъиялда рукӏарал ниж кутакалда рохун руго Гӏабдурахӏманидаса, гьес гьеб тӏаде босунилан. Носилкабазда лъун гурони, унтарав яги хварав чи росулъа къватӏивеги жанивеги восизе рес гьечӏого, малъ къосун ругелъул ниж. Азарабго баркала Гӏабдулмуслимиеги, гьеб нух гьанжеялдаса хадуб республикаялъ- ул хӏукуматалъул программаялда гъорлъе босизе тӏалаб гьабуралъухъ», — илан бицана Хушет росдал бегавул Мурад Окиевас.

2021 соналъул февралалда «Хӏакъикъаталъул» редакциялде вачӏарав Хушеталдаса Хӏапиз Абулмуслимовасги гьадин бицун букӏана жидедаго дандчӏвалел масъалабазул хӏакъалъулъ:

«Райцентралдаса 99 километралъ рикӏкӏада, 2055 метралъул борхалъиялда буго Хушет. Гӏага- шагарго 250 цӏаракиги буго гьениб. Кӏодолъиялъул рахъалъ районалда щуабилеб бакӏалда буго гьеб.

Росдае хӏажатал масъалабазул цояб ккола нилъер операторазул (телефоналъул) бухьен гьечӏолъи. Гьединлъидал нижеца пайда босула гуржиязул бухьеналдаса. Грузиялдаса сигнал лъикӏ ккола Хушеталда, нилъ- ер операторазулалдасаги.

Росулъ гьанжегӏагар бана цӏияб школаги. 70 лъимералъе бакӏ буго гьениб. Гьанжелъагӏан лъимал хӏебтӏун рукӏана биххун тӏатӏала кколеб гӏадаб, басрияб школалда жанир. Гьенибе къайи-цӏа вертолёталда баччизе квербакъи гьабуна Хунзахъ чӏараб гӏорхъаби цӏунулез. Дагьабниги тӏадагьаб къайи хӏамуздаги лъун баччула росулъе. Гурони, машинадул нух гьечӏелъул жеги гьенибе. Анцӏго километралъ лъелго рахине ккола росулъе.

Нижеде щвелалде ругел районалъул нухал гӏатӏид гьарун, къачӏалел руго. Гьебги лъикӏ буго. Амма гьелда цадахъго дагьа-дагьаб букӏаниги нижехъеги бахъулебаниха нух.

Нижеда сверухъ буго жеги чанго кули. Гьениса лъималги хьвадула Хушеталде мугъзада раччун тӏахьалгун. Гьеб цӏакъ санагӏалъи бахъ- араб суал буго гьезие: цин 5-6 километралъ эхеде ххаризе, тӏадруссунеб мехалда эхеререгӏелалъ ине».

Хӏабибил росулъеги щвана

Гуржиялъулгун гӏорхъода бугеб Хушет росулъе унеб нухдеги щун, хӏукуматалъул вакилзаби Силдиреги рачӏана Гӏабдулманап ва Хӏабиб Нурмухӏамадоваз жидерго гӏарцухъ гьениб бараб спортивияб базаялъухъ балагьизе. Гьабсагӏаталда гьенир руго гьалбадерие рега-рахъине бакӏалги, столоваяги, спортзалги, кватӏичӏого тӏаде разе руго воркаутплощадкаги, баскетболгун футбол хӏалел бакӏалги.

Гӏабдулманапидагун Хӏабибида ракӏалда букӏун буго гьениб гьанже заманаялъул тӏалабазда дан- де кколеб, кӏудияб спорткомплекс базе (Центр спортивной подготовки по единоборствам). Амма законалда рекъон, гьеб ракь данде кколеб батичӏо гьединал объектал разе. Гьединлъидалин бицана спорталъул министр Сажид Сажидовас, Нурмухӏамадоваз гьеб комплекс бай Дубкиялде бахъанила.

Букӏаниги, улкаялъул президент Владимир Путинил тӏадкъаялда рекъон, кватӏичӏого гьениб дандбитӏун пачалихъалъги базе буго гьединабго комплекс.

Исана сентябралде щвелалде гьелда хурхун проекталъулгун сметаялъул документация хӏадур гьабеян тӏадкъайги кьуна цадахъ ру кӏарал хӏукуматалъул вакилзабазе премьерас.

Хадуб хӏукуматалъул вакилзаба зулгун Силди росдал бегавул Мухӏа мад Нурмухӏамадовасул гара-чӏвари ккун буго силдадериеги Цӏумада районалъул тӏасияб участокалъул росабазеги чара гьечӏого хӏажатал суалазда тӏасан.

«Дир хӏисабалда, магӏарухъ ругел гӏадамазе бищунго къваригӏуна нухалги токги. Масала, гьанже къачӏазехъин бугеб Агъвали-Кидеро шагьранухалъ бигьалъизабизе буго цӏумадисезулги цӏунтӏадерилги гӏумру. Гьединго хӏукуматалъул вакилзабазулгун букӏараб дандчӏваялда нижеца ракӏалдещвезабуна 1976 соналда гӏадамаз жидецаго Эчедаса Силдибе токалъул кварал цӏараб куц, хадуб гьенисан гьел цӏана Метрадеги, Хъваршиниреги, Гьакъореги, Хушеталдеги, Хъвайниреги, Цӏунтӏа районалъул Сагьада ва Мекали росабалъе. Гьанже гьел бакӏ-бакӏалъа тӏу-тӏун рачӏун, лъицаниги кӏварги гьабичӏого рехун тун руго. Гьединлъидал нижеца республикаялъул хӏукуматалъул бетерасда гьарана гьел токалъул кварал Агъвали-Кидеро шагьранухккун цӏайилан», — абун бицана Мухӏамад Нурмухӏамадовас.

Гьеб дандчӏваялда гьединго хабар ккун буго Агъвали балаго чӏун хутӏараб административияб минаялда ва Гьигьалъ балеб школалда. Масала, рагъулабгун бакӏал раялъ- ул Управлениялъ рагӏи кьун букӏун буго араб соналъул сентябралде гьеб бан бахъинабизе.

Дандчӏваялда гьединго бицана «Комплексное развитие сельских тер- риторий» абураб программаялъулъгун «Местные инициативы» абураб проекталъулъ районалъул росаби гӏахьаллъизе лъикӏаб букӏиналъулги.

«Нижер районалъул лъабго росу – Силди, Тӏинди ва Лъондода – гӏахьаллъулеб буго «Местные инициативы» абураб проекталъулъ. Гьелда рекъон, Силди щула гьаризе руго росдал къватӏал (ракь ччукӏун бачӏине рес бугелъур къадалги ран), Тӏинди гьабила парк, Лъондоде бачина лъим», — ин бицана бегавулас.

Абухъего, Мухӏамад Нурмухӏамадовас Силди росдал администрациялъе нухмалъи гьабизе лъугьаралдаса росулъ гӏезегӏан хӏалтӏабиги гьарун руго: километралъул манзилалда бачун буго канализация, гамачӏги ккун, къачӏан руго гӏадамал рилълъунел нухал, росдал къадал ва цогидаб.

Зульфия Хӏажиева