24 маялда Москваялда бихьизабуна «Аманат» абураб фильмалъул премьера. 26 маялдаса байбихьун улкаялъул киналго кинотеатразда бихьизабизе буго гьеб.
Имам Шамилил кӏудияв вас, Ахӏулгохӏда рагъ унеб заманалъ инсуца гӏурусазухъе аманаталъе кьун вукӏарав Жамалудинил хадусеб къисматалъул бицунеб гьеб киноялъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъван букӏана газеталъул цересел номеразда. 7 маялда Махӏачхъалаялъул «Синема Холл» кинотеатралда букӏана гьелъул цебелъейги (презентация). Имам Шамилил кӏудияв вас, Ахӏулгохӏда рагъ унеб заманалъ инсуца гӏурусазухъе аманаталъе кьун вукӏарав Жамалудинил хадусеб къисматалъул бицунеб гьеб киноялъул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго хъван букӏана газеталъул цересел номеразда. 7 маялда Махӏачхъалаялъул «Синема Холл» кинотеатралда букӏана гьелъул цебелъейги (презентация).
Гьаб нухалъги ниж гьеб темаялде тӏад руссиналъе гӏиллалъун кканин абизе бегьила, 24 маялда, Москваялда букӏараб премьераялде гӏемерал хӏакимзабиги, гьединго Россиялъул киноялъул актералги, машгьурал артисталги гьенире рачӏун рукӏин.
Республикаялъул бетӏер Сергей Меликовги, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги ва цогидалги рукӏана гьенир. Гьединго премьераялъухъ балагьизе вачӏун вукӏана РФялъул президентасул администрациялъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамадсалам Мухӏамадовги. Гьез фильмги беццана.
«Аманат» фильмалда аслиял ролал хӏарал, гӏурусазул хӏалбихьи бугел актераздаса байбихьун гӏолохъанал артистазде гӏунтӏун гӏемерав чи вачӏун вукӏана гьениве. Фильмалъул афишаялъул сурат тӏад бахъараб кӏудияб баннералда цебе жидерго суратал рахъулел, журналистазе комментариял кьолел рукӏана гьел.
Мисалалъе, «Аманаталда» гӏурусазул пача Николай Тӏоцевесесул роль хӏарав машгьурав актер Андрей Соколовас гьадин бицана жиндирго героясул ва Дагъистаналъул хӏакъалъулъ:
— Цӏакъ рекӏее гӏуна дие Дагъистанги гьелъул гӏадамалги. Гьеб киноялдаги бихьизабулеб буго магӏарулазул гӏамал-хасияталъул хаслъиги, гьезул къвакӏунчӏейги, эбелалаб ракьалъе рухӏ кьезе барахщуларел гӏадамал гьел рукӏинги. Амма, кин букӏаниги, дие киноялъул бицен ккезабун гуреб, абизе бокьун буго хӏакъикъаталдаги хӏикматаб ракь бугин гьебилан. Тӏабигӏатги гӏораллъаралги, тӏоцеве гьениве щварав чи асир гьавулеб берцинлъиялъул ракь буго. Гӏайиб гурищ, дие цо-кӏиго къо гурони базе щвечӏо гьениб. Цоги нухалъ вачӏинчӏого рес гьечӏо.
Фильмалда Николай Тӏоцевесесул даражаги, пача хӏисабалда гьесул машгьурлъиги, къадру-къиматги бихьизабун бугониги, дица абила, кӏиабилеб планалъул роль букӏанин гьебилан. Аслияб бакӏ киноялда ккола Шамилил вас Жамалудиницаги гьесул гӏадатияб гуреб къисматалъги, — ян бицана А. Соколовас. Фильмалда Николай Тӏоцевесесул даражаги, пача хӏисабалда гьесул машгьурлъиги, къадру-къиматги бихьизабун бугониги, дица абила, кӏиабилеб планалъул роль букӏанин гьебилан. Аслияб бакӏ киноялда ккола Шамилил вас Жамалудиницаги гьесул гӏадатияб гуреб къисматалъги, — ян бицана А. Соколовас.
Жамалудинил рокьи ккун букӏарай Лиза Оленинал эбел — Мариял роль хӏалеб буго Екатерина Гусевалъ. Гӏемерисезда лъалей актриса ккола гьейги. Мисалалъе, 2000-абилел соназда машгьурлъараб «Бригада» телесериалалда аслиял ролазул цояб хӏалеб букӏана Екатеринаца. «Аманаталда» гьелъул героиня — Мариял вас чӏвала Кавказалъул рагъда. Гьелъул ясалъул абуни рокьи ккола, тушманлъун гурони гьелъ къабул гьавуларев чиясухъ, ай имам Шамилил васасухъ. Жамалудинил рокьи ккун букӏарай Лиза Оленинал эбел — Мариял роль хӏалеб буго Екатерина Гусевалъ. Гӏемерисезда лъалей актриса ккола гьейги. Мисалалъе, 2000-абилел соназда машгьурлъараб «Бригада» телесериалалда аслиял ролазул цояб хӏалеб букӏана Екатеринаца. «Аманаталда» гьелъул героиня — Мариял вас чӏвала Кавказалъул рагъда. Гьелъул ясалъул абуни рокьи ккола, тушманлъун гурони гьелъ къабул гьавуларев чиясухъ, ай имам Шамилил васасухъ.
Гьелъиеги цӏакъ рекӏее гӏун буго Дагъистан.
Амма гӏажаиблъи, гьанжелъизегӏан «Аманат» фильмалда хурхун жидерго пикру загьир гьабичӏо цониги нилъер тарихчияс. Имам Шамилил заманги, гьесда хурханщинаб тарихги тӏокӏкӏун лъалев Хӏажимурад Доногъоги вуцӏцӏун чӏана. Юцӏцӏун чӏана наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ саламатаб тӏехь хъварай тарихчӏужу Патӏимат Тӏахӏнаеваги. Нижехъе щварал баяназда рекъон, фильм гьелъие рекӏее гӏун рагӏуларо. Уяб бугищ-гьечӏищали гьелъухъе жиндихъего ахӏизе нижер рес ккечӏо. Тимур Айтберовги, ахираб заманалда тӏагӏун чӏун вуго. Амма гӏажаиблъи, гьанжелъизегӏан «Аманат» фильмалда хурхун жидерго пикру загьир гьабичӏо цониги нилъер тарихчияс. Имам Шамилил заманги, гьесда хурханщинаб тарихги тӏокӏкӏун лъалев Хӏажимурад Доногъоги вуцӏцӏун чӏана. Юцӏцӏун чӏана наиб Хӏажимурадил хӏакъалъулъ саламатаб тӏехь хъварай тарихчӏужу Патӏимат Тӏахӏнаеваги. Нижехъе щварал баяназда рекъон, фильм гьелъие рекӏее гӏун рагӏуларо. Уяб бугищ-гьечӏищали гьелъухъе жиндихъего ахӏизе нижер рес ккечӏо. Тимур Айтберовги, ахираб заманалда тӏагӏун чӏун вуго.
Хӏасил-калам «Шамилил заманалъул хӏакъалъулъ бахъараб цӏияб фильмалъул хӏакъалъулъ жиндирго пикру загьир гьабуна тарихчи Зураб Хӏажиевас:
— Тӏубанго гьеб кино дида бихьичӏо, премьераялдеги ккечӏо. Амма, тарихчи хӏисабалда, дие гьеб бахъараб куц рекӏее гӏечӏолъи загьир гьабизе, гьеб фильмалъул проморолик бихьиги гӏуна. Тӏоцебесеб рахъ босани, кино букӏана какиеги чурун, бисмиллагьги бахъун ракӏалъ ниятги гьабун бахъизе кколеб. Амма дида лъала гьединаб ниятгун гьез гьеб бахъичӏолъи.
Кӏиабизе, дие рекӏее гӏечӏо гӏолохъанав Жамалудинил роль хӏарав актер. Я гьурмал гъалипалдалъун, я сипаталдалъун нилъеда тарихалъул тӏахьазда вихьарав Жамалудинида гьесул щибниги релълъен-хъвайцин гьечӏо. Гьеб жо ккола, мисалалъе, цо кида бугониги Рамазан Гӏабдулатӏиповасул хӏакъалъулъ кино бахъизе ракӏалде ккани, гьесул роль Сайгидпаша Гӏумахановас хӏараб гӏадаб жо.
Хадуб, фильмалда жаниб гьез бищун цебе босун буго гӏолохъанчи Жамалудинилги гиназасул яс Лиза Олениналги рокьул тема. Амма гьеб рокьул хабар буго цониги тарихияб документалдаги батичӏеб, гьадингояб хабар, рагӏарасул рагӏаралдаги божун нилъехъе щвараб баян. Мисалалъе, школалда ва университеталда букӏунаан Патялги Магалги рокьи-мокьи рагӏулин, гьез цоцахъе кагътал хъвалел ругин абун, шуршудилаго бицунеб гӏахьучӏ. Гьединал гӏахьучӏазда божун бахъулеб жойищ букӏунеб тарихияб кино.
— Дуе абизе бокьун буго гьеб фильмалда Жамалудин вихьизавизе кколаанин кӏудияв имамасул вас талихӏкъосун, гьитӏинаб лъимер букӏаго гӏурусазухъеги ккун, гьесул къисмат хисараб куц ва инсухъе гьев нахъ вуссиналъул хӏакъалъулъ, гурищ?
— Гьениб батӏаго гӏочӏода чӏвазе кколаро имам Шамилил букӏараб кӏодолъиги гьесул бажариги. Гьеб гьадингоги, лъазе бокьарал чагӏазда, лъала тарихиял тӏахьаздасан. Дие абизе бокьун буго, мисалалъе, дида бичӏчӏичӏин фильмалъул авторазе щиб гьениб бихьизабизе бокьун букӏарабали. Жамалудин, магӏарухъ гьавурав чи, гӏурус ракьалде ккун хадув, гьезул гӏадатазда гъоркьги куцан, гӏолохъанчи гӏедал, инсуца хӏарам гьабунщинаб жоялъул хӏалбихьулев вукӏаниланищ? Гьебищ аслияб жо? Ялъуни, живго пачалъун вугебгӏан заманалда Кавказалда рагъги къотӏизе течӏев, хъачӏав, гурхӏел гьечӏев пача хӏисабалда тарихалда хутӏарав пача Николай Тӏоцевесев, хӏеренав, хӏалимав, Жамалудинил ботӏрода кверал рахъулев, адаб бугев чи вукӏанилан халкъалъе загьир гьавизейищ гьезул мурад букӏарабали? Амма киназдаго лъала гьев (пача Николай I) гьединав вукӏинчӏолъи. Кавказияздехун гуревги, жиндирго халкъалдехун, ай гӏурсаздехунцин вукӏана гьев хъачӏавлъун. Гьев хун хадув тӏалъуде вачӏарав гьесул вас Александр Кӏиабилес байбихьана реформаби гьаризе. Гьев пачалъун вачӏун лъабго соналдасан лъугӏана Кавказалда рагъги.
Къокъаб хӏасил, цоги нухалъ абуниги, тӏубанго кино дида бихьичӏо. Рагӏа-ракьанде щун гьелъул анализ гьабизе дир изнуги гьечӏо, лъугӏизегӏан гьелъухъ валагьун гьечӏелъул. Къокъаб хӏасил, цоги нухалъ абуниги, тӏубанго кино дида бихьичӏо. Рагӏа-ракьанде щун гьелъул анализ гьабизе дир изнуги гьечӏо, лъугӏизегӏан гьелъухъ валагьун гьечӏелъул.
Амма, кин бугониги, дирго разигьечӏолъи дица загьир гьабуна. Дида кинго бичӏчӏичӏо щай гьез кино бахъулелъул цониги тарихчи гӏакълучилъун ахӏичӏевали. Я Тӏахӏнаева, я Хӏажимурад Доногъо, я дун гьез ахӏичӏо. Гьез бахъана жидедаго берцин бихьараб хӏалалда фильм ва гьеб бихьизабулеб буго гьанже халкъалдаги. Гьабейин абе, дир дагӏба гьечӏо. Амма гьелъул гӏолелги гӏоларелги рахъал рукӏин хӏакъаб буго, гьеб дица гьаниб бицана. Дихъа бицинчӏого хутӏаралъе фильмалъухъ балагьун халкъалъги кьела къимат, — ин абуна З. Хӏажиевас.
Гьединаб пикру буго цӏияб киноялда хурхун тарихчиясул. Амма Москваялда букӏараб премьераялде рачӏун рукӏанщиназ «Аманат» зодобе бахинабун беццана. Шамилил заманалъул хӏакъалъулъ, РФялъул Культураялъул министерствоги гӏахьаллъун, бахъараб тӏоцебесеб кино ккола гьеб. Ахираб заманалда нилъер республикаялдехун бербалагьи къо бахъанагӏан лъикӏлъулеб букӏин бихьулеб буго. Гьаб нухалъ гьелъие сабабалъе ратанин абизе бегьила Жамалудинги гьесул «Аманатги». Гьеб гурищха нилъееги къваригӏун букӏараб?
Ашахан ЮСУПОВ