Гӏемертӏалаял минабазул капиталияб ремонт гьаби аслияб хӏалтӏилъун кколеб капиталияб ремонт гьабиялъул фонд гӏуцӏун букӏана 2013 соналда. Гьелдаса нахъе араб 9 соналда жаниб фондалъ гьабуна гӏезегӏан кӏудияб ва пайдаяб хӏалтӏи.

18 маялда, «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб данделъиялда фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏалиевас кьураб баяналда рекъон, 2014-2040 соназда капиталияб ремонт гьабизе ккола 4001 минаялъе.

Гьелъул хӏалтӏи тӏадбан ине байбихьараб 2014 соналда къачӏазе хӏисабалде босун букӏана 30 гӏемертӏалаяб мина. Рукъалъул гӏатӏилъиялда рекъон кьезе тӏадал взносал 15 проценталъ гурони ракӏаризе кӏун рукӏинчӏониги, гьеб хӏалтӏи тӏубана 100 проценталъ. 2020 соналде щвезегӏан капиталияб ремонт гьабуна 82 азарго чияс гӏумру гьабулеб 580 минаялъуб, хисана чанго нусго тӏох, гьединабго къадар лифтазул, цӏи гьаруна фасадал ва коммуникациял, къачӏана кьучӏал. 2021 соналда взносал (1 кв метралъухъ 6,5 гъурущ) ракӏариялъул процент бахана 71-ялде ва гьелъул хӏасилалда тӏубанго хисизабизе кӏвана 177 гӏемертӏалаяб минаялъул сипат. Гьезда гьоркьоса 78 минаялда лъуна цӏиял тӏохал, 48 минаялда цӏи гьаруна фасадал, 68 минаялде рачана цӏияб тайпаялъул коммуникациял, 32 минаялда лъуна хӏинкъи гьечӏел лифтал. Лифтал къачӏай ва гьел хиси ккола кӏвар бугеб масъала. Ахираб 20 соналда жаниб лифтазул магӏишаталда гьабин абизе гӏураб хӏалтӏиго гьабун букӏинчӏо. Гӏаммаб куцалда республикаялда хисизе ккола 500-гӏанасеб лифт. Гьеб хӏалтӏи тӏубазелъун республикаялъул бюджеталъ щибаб соналъ биччала 100 млн гъурущ ва гьелъул хӏасилалда, ахираб 3 соналда жаниб хисизе кӏвана 247 лифт. Хисизе цӏиял лифталги къватӏире риччала нилъерго заводазда («Кизлярский электроаппаратный» ва «Махачкалинский машиностроительный»).

Гьеб киналдаго тӏаде, шагьаралъул администрациялъул гьариялда рекъон къачӏана жеги 10 гӏемертӏалаяб мина. Къабул гьарурал планазда рекъон, исана къачӏазе ккола 65 мина, цоги сурсатазул квербакъиги хӏалтӏизабун, гьеб къадар цӏикӏкӏине бегьула 100-ялде щвезегӏанги.

Гӏабаш Гӏабашилов