2020 соналъул март моцӏалдаса нахъе СМИязги, социалиял гьиназдаги, корохъ-гьабихъги гьоркьоса къотӏичӏого бицунаан коронавирусалъул хӏакъалъулъ. Ахираб заманалда, Украинаялда тӏобитӏулеб хасаб операциялъул ургъалица гӏадатиял гӏадамазда гьоркьоб гьеб унтул хӏакъалъулъ къанагӏат гурони бицунеб рагӏуларо. СМИязги гьелъул хӏакъалъулъ цебе гӏадин гӏемер бицунеб гьечӏо. Гӏилла щиб? Дунялго квегъараб, бихьулареб тушман — COVID-19 тӏубанго тӏагӏунебищ бугеб яги цогидал цӏиял харбаз гъоркьго къине гьабунищ бугеб гьеб квешаб унтул хӏакъикъат?

Нилъер улкаялда къойилго унтулезул къадаралъул хал гьабуни, коронавирус нахъе къалеб букӏин бихьула. Гьал къоязда, Россиялда коронавирус унти тӏатаразул къадар щибаб къойил гӏага-шагарго 5000 чиясде бахуна. Унтун больницаялда регарал яги унти бахун букӏин тестаз бихьизабулезул къадар 225162 чиясде бахуна.

23 маялда улкаялдаго коронавирусалъ унтун больницаялда регизаруразул къадар 775 чи гурони гьечӏо. 24 маялдайин абуни, больницаялда вегизавуна 2466 чи. Цересел къоязде дандеккун больницаялда регизаруразул къадар 218 проценталъ цӏикӏкӏана. 23 маялда COVID-19 унтудаса хвана 76 чи. 24 маялдайин абуни — 90 чи.

Пандемия байбихьаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан Россиялда COVID-19 унтиялъ хвана 378 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи. Пандемия байбихьаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегӏан Россиялда COVID-19 унтиялъ хвана 378 азаргоялдаса цӏикӏкӏун чи.

Дунялалдаго гьеб унти сордокъоялда жаниб (23 май) 481 азарго чиясулъ батана. Пандемия байбихьаралдаса нахъе дунялалдаго коронавирусалъ унтана 526 миллион чи, хваразул къадар анлъго миллионалдасаги цӏикӏкӏана.

Дагъистаналдайин абуни, коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 24 маялда COVID-19 унти тӏатана 10 чиясулъ. Пандемия байбихьаралдаса нахъе республикаялда коронавирусалъ унтана 93182 чи. Кӏигониги моцӏ буго, талихӏалъ, коронавирусалдаса цогӏаги чи хвечӏелдаса. Дагъистаналдайин абуни, коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 24 маялда COVID-19 унти тӏатана 10 чиясулъ. Пандемия байбихьаралдаса нахъе республикаялда коронавирусалъ унтана 93182 чи. Кӏигониги моцӏ буго, талихӏалъ, коронавирусалдаса цогӏаги чи хвечӏелдаса.

Россиялда коронавирусалъ унтаразул къадаралъул статистикаялъул баяназул хал гьабидал, пандемиялъул заманалда бищунго цӏикӏкӏун гӏадамал унтун рукӏана исана февраль моцӏалда. 11 февралалда унтун вукӏана 203943 чи. Гъоркьисаги бищунго цӏикӏкӏун коронавирусалъ гӏадамал унтун рукӏана октябрь моцӏалда – 41 азаргогӏанасев чи.

Бищунго цӏикӏкӏун чи хвана 2021 соналъул ноябрь моцӏалда. 20 ноябралда сордо-къоялда жанир хвана 1254 чи. Хадубги холезул къадар гӏодобе кколеб букӏана 2022 соналъул февраль моцӏалде щвезегӏан.

Ва март моцӏалдаса нахъе унтаразулги холезулги къадар дагьлъана.

Пандемия байбихьаралдаса нахъе бищунго цӏикӏкӏун гӏадамал унтараб февраль моцӏалде дандек- кун ахираб лъабго моцӏалда жаниб гӏезегӏан гӏодобе ккана унтаразул къадар. Жакъа къоялда унтаразул къадар хӏисабалде босани, 2022 соналъул февраль моцӏалде дандеккун 460 проценталъ гӏодобе ккун буго. Гьеб хӏужаялъулъ балъголъаби цӏехечӏого, жакъасеб къоялда коронавирусалъ унтаразул статистикаялъул хӏисаб гьабуни, гьеб балагьгӏаги тӏаса анин рохизе ккараб хӏал буго. Амма COVID-19 унти, грипп ва ОРВИ гӏадин, гьавабакъ хисулеб заманалда баккулеб гӏаламатлъун хутӏизе рес бугин рикӏкӏунеб буго инфекционистаз.

Коронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъунин абун, гьеб тӏубанго нилъер гӏумруялдаса тӏагӏинин абун рохизе жеги заман щун гьечӏин рикӏкӏунеб буго РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ. Июнь моцӏалда унтаразул къадар цӏидасан цӏикӏкӏине рес бугин абулеб буго гьез.

Минздравалъул цо-цо инфекционистаз абулеб буго июнь-июль моцӏазда коронавирусалъул цӏияб карачел баккизе рес бугин. Цӏияб, «омикроналъул» карачелалдаса цӏикӏкӏараб ва захӏматаб букӏине батиларин абураб хьулги буго гьезул. Минздравалъул цо-цо инфекционистаз абулеб буго июнь-июль моцӏазда коронавирусалъул цӏияб карачел баккизе рес бугин. Цӏияб, «омикроналъул» карачелалдаса цӏикӏкӏараб ва захӏматаб букӏине батиларин абураб хьулги буго гьезул.

Оперативияб штабалъул ахирисел баяназда рекъон, улкаялдаго коронавирусалда данде коллективияб иммунитет 36,8 проценталде бахун буго. Улкаялдаго 91,3 миллион чияс гьабун буго коронавирусалде данде вакцинаялъул тӏоцебесеб компонент. Гьезда гьоркьор руго «Спутник Лайт» цохӏо компоненталъулаб вакцина гьабуралги.

Нилъер улкаялда коронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъулеб батаниги, дунялалъул 70 улкаялда гьеб цӏикӏкӏунеб буго. Гьединал баянал кьолел руго ВОЗалъ.

Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА