21 маялда Цӏияб Гӏурада, мунагьал чураяв Суракъат Асиятиловасул цӏаралда бугеб школалда, тӏобитӏана кӏиго тадбир цолъизабураб байрам.
Росдал наслабазе тарбияги лъайги кьолеб, гьел гӏадамалъе рахъинарулеб аслияб «чӏинкӏиллъи» рикӏкӏадасанго батӏа бахъизе лъала берцинлъиялъги, жанире щведал ракӏ гӏатӏид гьабула гьелъул узданлъиялъги. Азбаралде лъугьанщинав чиясе салам кьолеб бугин ккола гьениб цӏакъ рекъон бугеб, цӏалдохъабазе къойилаб насихӏат гӏадаб, скульптор Гьимат Гьиматовас гьабураб Суракъатил бюсталъ.
Байрамалъул байбихьиго букӏана улбузул бадиб магӏу хулизабулеб, эбел-инсул куркьбазда гъоркь гӏурал тӏанчӏи гьезда жеги бичӏчӏулареб дунялалде, жидерго куркьбазда рор- жине заман щвеялъ, гьезда бихьизе бугебщинаб бигьаяб гуреб нухда гьезул ракӏазда улбузе хасиятаб ба- рахщиялъ цӏураб.
Байрам рагьана школалъул директор Хӏажиева Патӏиматица. Жиндир гьариги къабул гьабун рачӏарал гьалбадерие гьелъ кьуна баркалаги. Диего рохеллъун лъугьана Суракъатил вац, профессор, Дагъистаналъул мустахӏикъав тохтур Гӏабудало вихьиялъги гьесухъ гӏенеккизе щвеялъги. Гьединго асар гьабуна росуцоязул цӏияб гӏелалъе нух битӏулаго гьабураб профессор, медицинаялъул гӏелмабазул доктор, ДГМАялъул проректор Мухӏамад Хӏамидовасул насихӏатаб каламалъги, доцент, физ- культураялъул кафедраялъул нух- малъулев Мухӏамад Мухӏамадовасги, педагогикиял гӏелмабазул кандидат, доцент Хӏалимат Инусовалъги, ДГУялъул доцент Мухӏамад Рамазановасги, СПКялъул председатель Гӏали Асиятиловасги, лъималазул тохтур Залму Мухӏамадовалъги гьарурал кӏалъаязги.
Ахирисеб цӏумуралъулги Суракъат Асиятиловасулги байрамалда хурхун щивасе хасаб гьезул ка- ламалъги чӏаголъи кьуна школа лъугӏун унел гӏолилазул улбузда букӏараб гьидерил формаялъ дагьабги берцин гьабураб, ракӏал сахаватал гӏурадисез занкӏун цӏураб залалъе.
Кӏалъай гьабуна, гьединго, гӏолилазул классалъул нухмалъулей Патӏимат Нурмухӏамадовалъ, улбузул рахъалъ мугӏалимзабазе баркалагун цере рахъарал гьезул вакилзаби Мадина Мухӏамадовалъ ва Гӏайшат Жаватхановалъ. Кучӏдулги, кьурдабиги, гӏолилазул берцинлъиги, чӏахӏиязул гӏакъиллъиги цолъараб байрамалъул ахиралда гьалбадерие хасаб, пашманлъи гъорлъ жубараб рохеллъун букӏана Суракъатил бюсталда цере, гьесдаса чӏухӏиялъул асар гъорлъ лъурал тӏугьдул лъезе рес щвей.
Нухал ритӏаги нужее, Цӏияб Гӏурадаса гӏолилал! Кидаялиго гӏагараб школалде Тӏоцебесеб цӏумуралъул гьаракьалда гъоркь гьенибе тӏамураб галиго гӏадин, баракатаб батаги нужеда гьениб рагӏулеб Ахирисеб цӏурмил гьаракьалда гъоркь къватӏибе тӏамулеб галиги! Бокьулеб школалъ кьураб тарбиялда цадахъ кӏочон тоге кӏудияб цӏаралъул росуцояв Суракъатил цӏаралъе мустахӏикъал рукӏинеги, гьидерил къартӏги, гьидерил кашги, гьидерил руччаби киданиги хисичӏеб, гьезул паспорт гӏадаб ратӏлил формаги!
Тубхӏат ЗУРГЬАЛОВА