Ахирал соназда дунялалдаго хехаб куцалда цӏикӏкӏунеб буго бусурбабазул гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул къадар. Цо-цо улкабазул бечелъи буго жидеего къваригӏунеб къадаралдаса цӏакъго цӏикӏкӏараб, хасго кванил нигӏматазул рахъалъ. Гьебго заманалда мискинал пачалихъазда лъимал холел руго ракъуца, къечалъ, унтабаз. Ресукъал чагӏазе гурхӏел-рахӏмуялъул кумек гьабизеян бечедал улкабазул лъикӏал гӏадамал рачӏуна мискинал пачалихъазде. Ресукъал чагӏазе гьабураб гурхӏелалдалъун, бусурбанчияс жужахӏалъул цӏаялдаса хвасар гьавула живго. Гьединлъидал гьел фондал ккола щивав бусурбанчиясе гурхӏел-рахӏмуялъул тадбирал тӏоритӏизе рес кьолеб бакӏ.

Гьал къоязда дун дандчӏвана кӏалбиччанкъоялде Африкаялдаса гӏагараб Шамил районалъул Хӏотода росулъе вачӏарав, Тӏолгодунялалъул «Новая жизнь» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул ассоциациялъул фондалда хӏалтӏулев Мухӏамадхӏажи

— Мухӏамадхӏажи, нилъер гара-чӏвари байбихьилин, цӏалдолезул дургун лъай-хъвай гьабиялдаса.

— Дица лъугӏизабуна ДГПТИялъул ралел бакӏазул факультет. Хӏалтӏана транспорталъулаб компаниялъул менеджерлъун, хадув логистлъун.

Ункъабилеб курсалда цӏалулеб мехалда ячана лъади. Мискинлъиялда ва ресукълъиялда букӏана нижер гӏолохъанаб хъизам. Гьединал чагӏазе гӏумру-яшав гьабиялъе букӏунеб захӏмалъи дида цӏакъ лъикӏ бичӏчӏула. — Дица лъугӏизабуна ДГПТИялъул ралел бакӏазул факультет. Хӏалтӏана транспорталъулаб компаниялъул менеджерлъун, хадув логистлъун. Ункъабилеб курсалда цӏалулеб мехалда ячана лъади. Мискинлъиялда ва ресукълъиялда букӏана нижер гӏолохъанаб хъизам. Гьединал чагӏазе гӏумру-яшав гьабиялъе букӏунеб захӏмалъи дида цӏакъ лъикӏ бичӏчӏула.

— Гурхӏел-рахӏмуялъул кумек гьабиялде сунца вачарав мун?

— Гьабизе жо лъаларого ругел нижер – лъадулги дирги – ракӏал гьеб ишалде гьесизаруна Аллагьас. Лъадуца гӏуцӏана «Отдам, приму в дар» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул фонд. Байбихьуда нижеца бакӏарулаан басрияб, ай ретӏараб ретӏел-хьит ва гьеб бикьулаан ресукъал чагӏазда гьоркьоб. Хадуб гӏуцӏана «Сабур» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул фонд. Рес бугел чагӏазухъа бакӏарараб гӏарцудаса пайдаги босун, мухьдахъ ккурал квартирабазухъ гӏарац кьезе кумек гьабулаан лъимал гӏемерал хъизамазе, гьединго гьезие кьолаан кванил нигӏматал.

Цоязе Халикъас кьола бечелъи, цогидазе – лъай, гӏакълу, махщел, дие гьеб щвечӏо. Алхӏамдулиллагь, Халикъас дие кьуна къварилъиялда ругел чагӏазухъе гурхӏел-рахӏмуялъул квер бегьизе бокьулеб, цогидазе кьечӏеб гӏамал-хасият ва гьеб ишалде гъира. Гьеб хӏалтӏи дица гьабула ракӏ-ракӏалъ, бокьун буго гӏумруго гьелда тӏамизе

Социалиял гьиназдасан «Сабур» абулеб нижер фондалъул хӏалтӏул хӏасилал рихьун, «Новая жизнь» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул ассоциациялъул фондалъул нухмалъулев, чачанав Гӏабдулагьица вацапалдасан ралагьана ниж ва ахӏана цадахъ хӏалтӏизе.

— Бокьилаан, нужер фондалъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицани.

— 2016 соналда фонд гӏуцӏана Гӏабдулагьица, жакъаги гьес бажарун гьелъие нухмалъи гьабулеб буго. Фондалъул бетӏераб офис буго Франциялда. Фондалъул вакилзаби хӏалтӏулел руго Северияб Кавказалъул киналго республикабазда, Германиялда, Австриялда, Франциялда, гьединго Африкаялъул ва Азиялъул улкабазда.

Жакъа фондалъ гӏумруялде рахъинарулел руго гурхӏел-рахӏмуялъул цӏакъ гӏемерал проектал. Гьеб мурадалда нижер счеталде, аслияб куцалда, гӏарац битӏун бачӏуна батӏи-батӏиял улкабаздаса гьоркьохъеб ресалъул гӏадамаз. Хирияб Рамазан моцӏалъул хӏурматалда фондалде бачӏана саламатаб къадар гӏарцул.

Гьелдаса пайдаги босун, нижеца Африкаялда ралел руго мажгитал, мадрасаби, лъадал хӏалуцин цӏикӏкӏинабулел сиял, къачӏана гъуял. Гьединалго проектал унел руго Бангладешалдаги. Северияб Кавказалъул республиказда, гьединго Дагъистаналда нижеца гьарулел гурхӏелалъул хӏалтӏаби дагьал батӏиял рукӏуна.

Бищун лъикӏаб садакъалъун рикӏкӏуна гӏадамазе лъим чӏезаби. Масала, пуланав чияс бараб гъуялъусан гӏадамаз лъим гьекъолеб бугебгӏан заманалъ гьесие бачӏунебго бачӏунеб букӏуна кири. Гьебги бичӏчӏун, гӏадамаз байбихьун буго жидерго цӏаралдаса гъуял раялъе нижер фондалде гӏарац рехизе. Масала, Табасаран районалъул Хнов росулъа Мухӏамадханов абулев чияс фондалъул счеталде рехун бачӏана гӏарац, жиндир хварай эбелалъул цӏарги лъун, Африкаялда гъуй баян гьарун.

Гьениб цо гъуй гьабиялъухъ уна 900-1000 евро. Гьединаб гӏарац Африкаялъул росабазул гӏадатиял гӏадамазда макьилъцин бихьуларо. Гьев табасаранасул гӏарцудалъун ба- раб гъуялда тӏад хъван буго «Семья Магомедхановы, село Хнов, колодец №2» абун.

Гӏадамаз бачӏараб гӏарцудалъун бараб гъуялда нижеца цӏар лъола «Бисмиллагь, от всех мусульман» абун. Жакъа къоялде нижеца гьениб бана гьединаб 34 гъуй.

Аслияб куцалда фондалъ хӏалтӏа би гьарулел улкаби ккола Нигер ва Бангладеш.

— Кинал тадбирал гьарурал ахираб заманалда фондалъ?

— Африкаялъул, дурусго абуни, Нигералъул ва Бангладешалъул росабалъ рамазан моцӏалъ нижеца тӏоритӏана 700-1000 чи гӏахьаллъарал гӏемерал ифтарал. Гьеб гуребги, Нигералъул росабалъ щибаб къоялъ кваназавулаан 200-ялдаса цӏикӏкӏун бецав чи. Рамазан моцӏалъ нижеца кваназавуна кинавниги 36 азарго чи.

Африкаялъул росабазул гӏемерисел гӏадамазул букӏунаро кинабгӏаги тӏаде бачӏунеб харж, гьезда лъаларо пенсия, пособие, абулел жал. Гьенир руго цӏакъ бечедал ва цӏакъ мискинал гӏадамал, гьоркьохъеб класс абуни, гьезего гьечӏо. Гӏадамазул 75-80 процент буго мискинлъи-пакъирлъиялда. Гьезул бечедал чагӏазул гӏадат гьечӏо мискинзабазе кумек гьабулеб. Африкаялъул росабазул гӏемерисел гӏадамазул букӏунаро кинабгӏаги тӏаде бачӏунеб харж, гьезда лъаларо пенсия, пособие, абулел жал. Гьенир руго цӏакъ бечедал ва цӏакъ мискинал гӏадамал, гьоркьохъеб класс абуни, гьезего гьечӏо. Гӏадамазул 75-80 процент буго мискинлъи-пакъирлъиялда. Гьезул бечедал чагӏазул гӏадат гьечӏо мискинзабазе кумек гьабулеб.

Нигералъул халкъалъул гӏага-шагарго 98 процент ккола «хӏалакъабго» диналъул бусурбаби. Ни- жеца гьезул росабалъ бана 27 мажгит ва 1176 гъуй, Бангладешалда абуни — 5375 гъуй, гӏицӏго гьаб соналъул рамазан моцӏалда Бангладешалда нижеца гьабизе заказ гьабун букӏана 1036 гъуй. Цо лъадал хӏалуцин цӏи кӏкӏинабулеб си баялъул багьа баху- на 12500 евроялде. Фондалъ Ниге- ралда бана анлъго гьединаб си ва 16 мадраса. Бангладешалъул росабалъ ва Бирмаялдаса лъутун рачӏаразул лагералда (кӏиго миллион бусурбан- чи) бана 36 мадраса. Талихӏалъ, мугъ рехарал гьел лагеразда ругел чагӏазе нижеца гӏуцӏана ифтарал, гьенире щвезаруна кванил нигӏматал. Амма бакӏалъул законаз изну кьоларо гьел пакъирзабазе гӏарцулаб кумек гьа бизе. ЦохӏНигералъул халкъалъул гӏага-шагарго 98 процент ккола «хӏалакъабго» диналъул бусурбаби. Ни- жеца гьезул росабалъ бана 27 мажгит ва 1176 гъуй, Бангладешалда абуни — 5375 гъуй, гӏицӏго гьаб соналъул рамазан моцӏалда Бангладешалда нижеца гьабизе заказ гьабун букӏана 1036 гъуй. Цо лъадал хӏалуцин цӏи кӏкӏинабулеб си баялъул багьа баху- на 12500 евроялде. Фондалъ Ниге- ралда бана анлъго гьединаб си ва 16 мадраса. Бангладешалъул росабалъ ва Бирмаялдаса лъутун рачӏаразул лагералда (кӏиго миллион бусурбанчи) бана 36 мадраса. Талихӏалъ, мугъ рехарал гьел лагеразда ругел чагӏазе нижеца гӏуцӏана ифтарал, гьенире щвезаруна кванил нигӏматал. Амма бакӏалъул законаз изну кьоларо гьел пакъирзабазе гӏарцулаб кумек гьа бизе.

Цохӏо рамазан моцӏалъ гьел улкабазул мискинзабазе нижеца бикьана щуго миллионгун лъабнусазаргоялдаса цӏикӏкӏун евро (цо чиясе 100 евро). Гьенир ругел гьоркьохъел харжазул хӏисаб гьабуни, гьеб ккола кӏиго моцӏрол харж. Гӏарцулаб садакъа кодобе щведал, рекӏел низам биххун лъугьун, гӏодула гьел пакъирзаби.

Нигералда кӏудияб масъалалъун лъугьун буго Къуръанал щунгутӏи ва гьел ричун росизе гӏадамазул рес гьечӏолъи. Гьебги хӏисабалде босун, гьениб нижеца бикьана азаргоялдаса цӏикӏкӏун Къуръан.

— Нилъерго гьаниб гьабичӏого, батӏиял пачалихъазде ун, дуца гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏи гӏуцӏиялъе гӏилла щиб кколеб?

— Россиялда, хасго Дагъистаналда руго гӏемерал ва чӏахӏиял гурхӏелрахӏмуялъул фондал. Нилъер буго, умумулъанго бачӏараб, цоцазе кумек гьабулеб гӏадат, мадугьал дуца киданиги вакъун-къечон толаро. Африкаялъулазул цоцада кверчӏвалеб гӏадат гьечӏо. — Россиялда, хасго Дагъистаналда руго гӏемерал ва чӏахӏиял гурхӏелрахӏмуялъул фондал. Нилъер буго, умумулъанго бачӏараб, цоцазе кумек гьабулеб гӏадат, мадугьал дуца киданиги вакъун-къечон толаро. Африкаялъулазул цоцада кверчӏвалеб гӏадат гьечӏо.

Гурхӏел-рахӏмуялъул кумек гьаби буго «цоцаде бахунеб унти» гӏадаб жо. Рикӏкӏадаб Россиялдаса рачӏун, нижеца кумек гьабулеб бихьидал, Бангладешалъул хӏукуматалъул вакилзабиги лъугьана, нижгун цадахъ, чӏахӏиял ифтарал тӏоритӏизе. Гьединго Нигералъул цо министралъги гьабуна гьединабго хӏалтӏи.

Африкаялда лъим ккола гӏумру. Лъим гьечӏолъи ккола гьенир гӏемерал гӏадамал ракъуца холел рукӏиналъе бугеб аслияб гӏилла. Бутӏрузда лъун лъел ведрабигун гьезул руччабаз лъим баччула анлъго-анкьго километралъул рикӏкӏалъиялдасан. Гьабсагӏат гьезие рес буго, нижеца рарал гъуязул лъедаса пайдаги босун, росдал магӏишаталъул культураби гӏезаризе. Фондалъ тӏаде босун буго Нигералъул щибаб росулъ цоцогӏаги гъуй базе. Африкаялъул пачалихъазул гӏадамазул мискинлъиялъул бицани яги видеоялдасан гьеб бихьизабуни, нилъер гӏадамал божиларо. Гӏемерисезул букӏунаро радал кваназе квен, гьезул аслияб масъала ккола къаде кваназе жо балагьи.

Щибаб къоялъ гьел кваназарун нижеда хӏал кӏоларо. Гьединлъидал фондалъул аслияб масъала ккола мискинал чагӏазухъе ччугӏа кквезе гъармахъ кьей.

Нури Нуриев