Магӏарухъе щведал, гӏажаибго берцинго бихьула дунял. Рокьула гӏадамал, бокьула гӏумру. Кин абуниги, жакъа цохӏо магӏарухъ хутӏун буго нилъер ракӏал хинлъизарулеб къуватги, эбелаб ракьалдаса бугеб берцинаб махӏги, тӏабигӏаталъул гьайбатлъиги. Гьелъул хӏакъалъулъ нилъеца цебеги бицана, сонал индал хадур рачӏунезги бицина. Амма азарго сверел гьабун бицаниги, гьеб хӏакъикъат хутӏизе буго хиси гьечӏеб, нур свинчӏеб, цогидаб сунцаниги жиндир бакӏ кквезе рес гьечӏеб ритӏухъаб каламлъун.
Магӏарухълъи бугебгӏан заманалда нилъ руго
Халатаб цеберагӏиги цӏалкӏун сундул бицине дун хӏадурлъулев вугевин ккела нужеда. Дие бокьун буго Гъуниб районалъул Кӏуяда росулъ вугев гӏадатияв магӏарулав, умумузул тӏабгӏги, росдал гӏадатги мицӏир тӏаса камичӏого цӏунизе лъарав, гьалбалги рокьулев, гӏадамалги хирияв чиясул хӏакъалъулъ нужее бицине. Гьев ккола Мухӏамад Хӏасанов. Гӏемерал соназ Гӏурала гьоркьохъеб школалъул учительлъун хӏалтӏарав, лъабго лъимадуе тарбияги кьун гьел гӏезарурав инсан. Амма магӏарулазда гьев лъала жиндирго хатӏги, цогидазда релълъинчӏеб гьунарги бугев шагӏир хӏисабалдаги.
Хӏасановасул творчествоялъулаб сордойилан цӏар лъураб гьайбатаб тадбир букӏана араб рузман къоялъ Кӏуяда. Цадахъ хӏалтӏулев дир пишацояв гьудул, Хӏасанов Мухӏамадил вас Темирханица ахӏун вукӏана дун гьеб тадбиралде.
Цебесеб къоялъго, ай хамиз къоялъул бакъанида рахъана ниж шагьаралдаса. Нух теялъе бицунаго аваданаб хабаргун, гӏодореги риччан, хабар гьуинлъиялъеги биччан магӏарул кечӏгун рачӏунел рукӏана ниж магӏарухъе. Нижер сапарцояв гьалмагълъун гьеб къоялъ вукӏана Гъизилюрт районалъул Гелбахъалда гӏумру гьабун вугев Къелеса найихъан Махӏмуд-апандиги. Дагьав цевегӏан гьоцӏоги босун редакциялдеги вачӏун вукӏана гьев. Темирханил инсуе босараб тӏинчӏнайил бахъараб гьацӏул рамка гьеб къоялъги букӏана гьесухъ. Цӏакъ инсанасул адаб бугев, гьимун гурони кӏалъаларев чи вуго Махӏмуд-апанди.
Магнитофоналдасан биччараб Хӏажиласул кечӏалъ нижго студенталлъун ругеб заманалде рачана ракӏалдещвеяз.
Я дун херлъайгиян хералги руго,
Хиялазул чода чангитищ балеб,
Гьанже мех щванилан щиналги руго,
Чӏоларин рекӏеда, гудралищ ралел?
Къого соналъ цебе тӏоцебе гьеб кечӏгун магӏарул эстрадаялде вачӏарав Хӏажиласул кочӏоца гӏемераб жо ракӏалде щвезабуна. Тӏоцебесеб рокьиги, тӏоцересел анищалги, балугълъиги, сундулниги ургъел гьечӏел аваданал соналги. Нахъехун тӏерхьун арал соназда жаниб бахчараб рохелги къварилъиги цӏидасан гьулчун бачӏана рекӏелъе. Дол талихӏал сонал цӏидасан ракӏалде щвезаруна Темирханицаги дицаги.
Ракӏалдещвеязул щенон балеб цӏадалъ лазаталда риччизеги гьарун, ниж Къородисезул кьотӏе щун ратана. Кигӏан кӏудияб кири щун батилеб гьаб нухде хъил тӏезе кверба-къарав Къурбайиласул Мухӏамадил Мухӏамадкамилиеян абуна нижеца цоцазда, кӏуядерил тӏоцебесеб кули бихьулеб бакӏалде щведал.
Гӏалахалде къотӏун рукӏарал гӏачи-бачалги цере къотӏун ячӏуней цо чӏужугӏаданалда берчӏвайдал, нахъойги лъимерлъуде нахъ вуссинавуна пикрабаз. Шагьаралдаса тӏоцеве росулъе щвараб къо бачӏана ракӏалде. Щуго сон букӏана дир доб мехалъ. Амма жакъаги щибниги къосинчӏого цебе буго доб сурат. Гьадинабго, бакъал тӏерхьунеб гӏужалъ росу рагӏалде щварабго, рохьдолъа руссун рачӏунел гӏачиязул, эбел юссиналъухъ къоялъ балагьун чӏун рукӏарал гӏисинал бачаз рохун гьабураб гьаракьги, тӏоцебе бихьулеб магӏарухълъиялъ диего гьабураб асарги чӏана цебе. Гьединго ракӏалде щвана пекарниялдаса, гьанжего гьанже бежараб чадидаса букӏараб къалал рухӏизарулеб берцинаб махӏги, гъасда бакараб цӏаги, мугӏрул лъеда гьализабураб чаялъул букӏараб тӏагӏамги…
Огь, магӏарухъ сордо
Гӏалиханил Мухӏамадил азбаралъуре ниж щвана маркӏачӏул гӏужалъ. Как ахӏизе анин эменилан бицана Темирханида нижеда дандчӏвазе яхъун ячӏарай гьесул эбел Райгьанатица. Гьезул рукъалда цун гӏадин бугоан мажгитги. Умумузул заманалъго бан букӏараб гьеб гьанже жанисан берцинго къачӏан бугоан. Маркӏачӏул как ахӏулеб Темирханил инсул гьаракь тӏибитӏун ана росдада тӏад. Гьале доб дие бищун бокьулеб, гӏадамалги гъасде руссунеб, росуги дагь-дагьккун сасун унеб, гӏажаибго берцинго рещтӏунеб маркӏачӏул гӏуж.
Мажгиталъуре ниж лъугьарабго рохалил цӏуна Хӏасанов Мухӏамадил гьумер. Церего урхъун рукӏарал гьалбадерида гӏадин дандчӏай гьабуна гьес нижеда къвалги бан. Берцинго гьикъа-бакъарана, ниж рачӏиналдаса бугеб рохелги разилъиги нижее загьир гьабун гӏорцӏулев вукӏинчӏо.
Какалги ран ниж къватӏире лъугьарабго, Кӏогьориса Хӏамзалав Хӏамзалавги ватана Хӏасанов Мухӏамадил азбаралде щун. Жиндирго росулъа (Кӏогьорисан) анивехун вачӏине вугин гьевин бицун букӏана Темирханица нижеда. Гьанже нилъ вац Нурмухӏамадихъе рилълъине кколин, цевегоялдаса нахъе валагьун чӏун вугин гьевилан, нижги хадур гьарун, цеве вилълъана Темирхан. Инсуда аскӏобго бугоан гьитӏинав вас Нурмухӏамадил минаги. Гӏурала гьоркьохъеб школалъул завучлъун хӏалтӏулев вуго гьев.
Азбаралъуб шашликӏал режизе бакараб цӏаги, дагьаб добегӏан рекъезабун лъураб мангалги, гьалбал гӏодор чӏезе лъураб халатаб скамейкаги бугоан гьениб хӏадурун. Лъикӏаб минаги, минаялда цебе кӏудияб гӏатӏилъуда аххурги буго Нурмухӏамадил. Режулел шашликӏалги, бицунеб хабарги, гьабулеб махсараги – цӏакъ аваданаб сордо букӏана. Азбаралъуб букӏараб нижер ракӏгӏатӏидаб данделъи биххизабуна ракӏалдаго гьечӏого базе лъугьараб цӏадалъ. Хъата-масан гӏурдада бежараб шашликӏги нахъе босун, рагъиде рачана ниж Нурмухӏамадица.
Хадуб букӏана бихьиназул эркенаб мажлис, гбицунеб хабар. Къватӏиб гӏисинккун балеб букӏана ихдалил цӏад. Нурмухӏамадил рагъида, балеб цӏадал гьаркьиде гӏинги бан, бицунеб хабаралъухъги гӏенеккун – цебегоялдаса нахъе дун урхъун вукӏараб сордоги гӏодобчӏейги щвана дие гьеб сордоялъ.
Боголил какдаса хадуб нижер столалда нахъа чагӏи цӏикӏкӏана. Темирханил вацгӏалзабиги, мадугьалзабиги, гьесул гӏелбащадал гӏолохъабазул анцӏгониги чи вачӏана тӏаде. «Даци, цоги щиб босилеб, даци, чай хӏадурун буго, даци, пурщаби дагьалги режилищ?» — абун, нижеда цебе щиб лъелебали лъаларого, богорокъое-нахъе йортун, гьалбадерие хъулухъ гьабулей Темирханил яцалъул ясги йикӏана. Цӏикӏкӏараз кьураб тӏадкъай тӏубазе хӏадурун, эхетун чӏун рукӏана гӏисинал гӏолохъаби: Мухӏамадрасул ва Хӏажи.
«Рогьалилъ ахӏулеб будунасул как, сири балеб буго гьаб дир черхалда»
Сагӏат анцӏила кӏигоялде бащдаб хӏалтӏизегӏан биххичӏо гьеб аваданаб данделъи. Радал батулеб бакӏалда бетӏер лъезе кколин гӏадада абун гьечӏин умумузилан, регизе рачана Темирханица ниж. Гӏодоб тӏамураб бусада лазаталда макьуги щун кьижарав дун ворчӏизавуна рогьалил как ахӏулев Хӏасанов Мухӏамадил гьаракьалъ.
Радал рахъиндал кьерхараб дунял батана. Кьилимагӏарда тӏад лъураб руссунакӏкӏалъ сверухълъи бацун букӏана. Рузманалдаса ниж рахъун хадур тӏаде щвана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалда Авар секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовги (Ибрагьимил Мухӏамад), Дакул фондалъул нухмалъулев Асхӏабгӏали Хӏасановги, шагӏирзаби — Гӏалихӏажи Мухӏамадовги, Тубхӏат Зургьаловаги, редакциялъул хӏалтӏухъан Шамай Хъазанбиеваги.
Тӏасияб тӏалаялда, гӏатӏидаб залалъуб лъураб кӏиго столалда тӏад тӏибитӏун букӏана тӏагӏам. Гьениб лъай-хъвай ккана дир 28 соналъ школалъул директорлъун хӏалтӏарай, Темирханил кӏудияй эбел Гӏабидатилгун. Гӏумру бихьарай, цӏакъ хабар гьуинай, недегьаб хасияталъул гӏадан ятана гьей. Гьонодаса кколин дунин бициндал, цӏакъ разилъана. Гьениса жиндаго лъалел рукӏанщинал гӏадамал рехсезе лъугьана. Хасго цӏакъ адабгун ракӏалде щвезавуна 34 соналъ Гьонода росдал школалъе нухмалъи гьабурав Хӏамзат Мухӏамадов. Гьесул бицун гӏорцӏулей йикӏинчӏо Гӏабидат. Жидерго рукъалъул чийилан толаанин жинца гьев. Хӏакъикъаталда гьедин ракӏалде щвезавизе бегьуларев чи вукӏинчӏо мунагьал чураяв Хӏамзат Гьиматович. Директор Хӏамзат. Гьесул хӏакъалъулъ газеталъе гӏатӏидго хъвала, Аллагьас хъван батани. Гьанже нилъ Хӏасанов Мухӏамадил азбаралде нахъ руссинин.
Кваназеги кванан, аскӏобго бугеб Кьогъоб росдал маданияталъул кӏалгӏаялда цере лъалхъана. Гьениб тӏобитӏизе бугин инсул творчествоялъул сордойин бицун букӏана Темирханица. Ниж рачӏиналдего, бащдаб клуб цӏун букӏана гӏадамаз. Сценаялда кинабго хӏадурун букӏана хӏурматиял гьалбал къабул гьаризе.
Тадбир берцинго нухда бачана Хӏамзалав Хӏамзаловас. Хӏасанов Мухӏамадил гӏумрудул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ бицине сценаялде гьес къабул гьаруна Гӏурала гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъаби. Тадбир берцинго нухда бачана Хӏамзалав Хӏамзаловас. Хӏасанов Мухӏамадил гӏумрудул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ бицине сценаялде гьес къабул гьаруна Гӏурала гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъаби.
Цӏакъ пасихӏго бицана гьез росуцоясул бечедаб гӏумруялъул тарихалъул. Хӏасанов Мухӏамадил творчествоялъе кӏудияб къимат кьун кӏалъана Мухӏамад Мухӏамадов, Асхӏабгӏали Хӏасанов, Тубхӏат Зургьалова. «Хӏакъикъат» газеталъул цӏаралдасан Мухӏамадида творчествоялъулаб сордо баркана Шамай Хъазанбиевалъ. Лъикӏаб, берцинаб кӏалъай букӏана Гӏурала, Кьогъоб ва Кӏогьориб школазул нухмалъулезул.
Шагӏирасул кучӏдул рикӏкӏана Гӏурала ва Кьогъоб школалъул цӏалдохъабаз. Хӏасанов Мухӏамадие сахлъиги гьарун, лалуги пун, киналго хӏайран гьаруна лъебел мухъалъул вакил, шагӏир Гӏалихӏажи Мухӏамадовасги.
Хӏасил-калам, цӏакъ берцинаб данделъи букӏана Кьогъоб маданияталъул кӏалгӏаялъуб. Амма гьелдалъун лъугӏичӏо Кӏуяде гьабураб нижер сапар. Кватӏилалде жал нухда рахъинилан гьесда абизе лъугьун вукӏарав Ибрагьимил Мухӏамадги гьесул сапарцоялги нахъе риччачӏо Хӏасановас. «Шагьаралде нуж ина дир рокъореги щун, кваназеги кванан, дица нухаги регӏун, — ин абуна гьес гьалбадерида.
Магӏарул пандуралъул къуват
Хадуб букӏана добго кӏиабилеб тӏалаялда нижеца товухъего батараб кванил цӏураб столги гьалбадерие хъулухъ гьабизе эхетарал Мухӏамадил гӏагарлъиги. Нахъойги чӏана гӏодор, кванана магӏарул хинкӏалги, кӏутӏана кьагӏрил гьанадаги. Амма гьеб данделъи бищунго лъикӏ магӏарулазул горсвериялда релълъинабуна нилъер гӏемерисезда лъикӏ лъалев кочӏохъан Кӏуядасагун Гъогъолъа Мухӏамадхӏабибица. Цебесеб сордоялъго Кӏуяде щварав гьев цогидал чагӏазухъ рещтӏун вукӏун, нижеда нахъисеб къоялълъагӏан вихьизе щвечӏо.
Тӏамурги хъван кечӏ ахӏизего гӏадин, кутакаб махщел буго гьесул хабар бицинеги. Тӏокӏкӏун лъала жиндирго анкьумумузул тарих, Надир-шагьасул, имам Шамилил бодулъги гӏахьаллъарал бахӏарчиял умумузул бицен. Амма Мухӏамадхӏабиб нилъеда киназдаго лъалев Мухӏамадхӏабибида релълъуна тӏамур кодобе щварабго. Игьалиса Чупалас гьабураб: «Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал» абураб кечӏ ахӏана гьес тӏоцебе. Ахӏана кидаго гӏадин звархун, гьаракьги биччан, сверухълъиги мугӏрул-щобалги гьаргьадуледухъ, гучаб гьаракьалъе эркенлъиги кьун. Ахӏана Мухӏамадхӏабибица рекъав Ражбадиниде, чачанав Залимханиде, Надир-шагь щущахъ виххизавиялде халкъалъ гьарурал бахӏарчиял, магӏна гъваридал, хвел гьечӏел асарал. Ахӏана цогидабги кечӏ. Ахӏулеб букӏана хӏасратго, гъваридго, щибаб рагӏиги рекӏелъан биччан, чвахулаго гӏетӏгун. Гьеб лахӏзаталъ гьев цӏакъ релълъун вукӏана анцӏила микьабилеб ва анцӏила ичӏабилеб гӏасрабазда рукӏарал рагъазулъ гӏахьаллъарал анкьумумузда.
Гьединаб букӏана Кӏуяде гьабураб нижер сапаралъул авалги ахирги. Цебегоялдаса нахъе гьединаб гьарзаяб, аваданаб гӏодобчӏеялде ккун вукӏинчӏо дун. Лъикӏал, бечедал, нахъеги нилъ гь адин цолъизарулеб тадбиралъе байбихьи лъураблъун батаги гьеб Аллагьас. Магӏарухъе унел нухалги нилъер щивасда къосунгеги.
Ашахан ЮСУПОВ, Кӏуяда-Махӏачхъала