Тӏаса лъугьа, шигӏраби, нуж гӏодизе тӏамунин,

Тӏурачӏел анищазда гьоркьоре нуж реханин,

Макьу тарал сардаца, сабру хварал къояца

Къварилъи, кӏихӏи бикьун, нужер гъуждузда лъунин.

Исана 65 сонилаб юбилей кӏодо гьабулеб буго машгьурай шагӏир, хъвадарухъан, журналист Париза Гереевалъ. Гьал гӏагарал къоязда гьелъухъе гьоболлъухъ щведал, тӏахьазда, асаразда, хъвадарухъанасул гӏумруялда тӏасан гӏезегӏанго ракӏрагьараб накъит ккана нижер.

Париза Гереева ккола Казбек районалъул Хубар росулъа. Лъугӏизабуна ДГПИялъул художествиябгун графикияб факультет. Гьей ккола РФялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, анлъго тӏехьалъул автор. Дагьаб цебегӏан басмаялда бахъана гьелъул «Васигат» абураб романги.

Гьабсагӏаталда Гереевалъ редакторлъи гьабула Хасавюрт шагьаралъул магӏарул мацӏалда къватӏибе бачӏунеб «Насихӏат» газеталъе. Гьелъул асарал рокьула гӏисиназеги чӏахӏиязеги. Гьелъ гвангъарал лъалкӏалги толел руго миллияб адабияталда.

— Париза, гьитӏинго магӏарул адабияталдегун маданияталде рокьи бижизабиялъе сунца квербакъи гьабураб?

— Дида лъай лъаралдаса нахъе дун ятана магӏарул маданияталде рокьи бугейлъун. Радиоялдасан ахӏулебщинаб кочӏол авторги, композиторги, живго кочӏохъанги цӏехон, гьеб лъазабулей йикӏунаан дун. Тӏоцебесеб классалда цӏалулей дица, вацасул тӏохьодаса цӏалун, Расул Хӏамзатовасул «Магӏарулай» поэма рекӏехъе лъазабун букӏана.

Мунагьал чураяв эменги вукӏана адабиятгун маданият бокьулев, газет-журналазулгун гьудуллъи ккурав, кучӏдул хъвалев чи. Гьесдаса ирсалъе щун батилаха диеги гьаб.

— Кин бижараб тӏоцебесеб кечӏ? Кинал рукӏарал творчествоялъул нухде лъолел тӏоцересел галаби?

— Тӏоцебесеб кечӏ хъвана 1-2 классалда цӏалулеб мехалда. Доб букӏана транспорт къанагӏатаб заман. Тӏоцебе росулъе мотоцикл бачӏараб мехалъ, гьелде хъвана тӏоцебесеб кечӏ. Дун, гьебги босун, инсухъе щвана. Гьев, гьебги цӏалун, гьимана ва дир ботӏрода кверги бахъун, чвантиниб гьебги лъун къватӏиве ана. Гьеб кечӏ нахъе цӏунун хутӏун гьечӏо.

Ункъабилеб классалда дун цӏалулеб мехалъ бахъана «Дир Хубар росу» абураб кечӏ райгазеталда.

Хадуб, ракь багъаридал, ниж ритӏана Воронеж шагьаралде. Гьений цӏалулаго, дица Дагъистаналде битӏана «Дир Дагъистан» абураб кечӏ тӏад «Махӏачхъала, «Багӏараб байрахъ» абунги хъван. Гьитӏинай чӏужуялда мухӏканаб адресги щибха лъалеб? Дагьаб заманалдаса гьез битӏун бачӏана газеталда бахъараб дир кечӏ. Гьеб мехалъ дир рохалие гӏорхъи букӏинчӏо.

«Дир хӏасраталъул цӏва» абураб тӏоцебесеб тӏехь басмаялда бахъана 2001 соналда.

— Аслияб куцалда кинал темабазда асарал хъвалел? Щал кколел асаразул аслиял героял?

— Лъимерлъуда дица кучӏдул хъвалаан патриотикиял темабазда. Хасго, Воронежалда цӏалулеб мехалъ, гӏемер хъвана Ватӏаналъул хӏакъалъулъ. Гьенир нижее кигӏан лъикӏал шартӏал чӏезарун рукӏаниги, рокъоб ракӏги лъун йикӏунаан дун.

Гьанжейин абуни рорхула батӏибатӏиял темаби. Масала, дица хъвана прозаялъул лъабго тӏехь: «Къисмат», «Гӏумруялъул лахӏзатал» ва «Васигат» абураб роман. Гӏемерал чагӏаз абуна дида, дур асаразулъ жидер къисмат рагьун бугин. Дир асаразул аслиял героял ккола гӏадатиял магӏарулал. Гьезул гӏумру, рукӏа-рахъин, гӏамал-хасият. Бокьула гьезулъ инсанияталъул лъикӏал рахъал, гӏадамазул лъикӏал хасиятал рагьизе.

— «Васигат» романалда сундул хӏакъалъулъ бицунеб бугеб?

— Гьеб цӏаларазул цо-цояз абуна бухӏун щвараб бакъудаса хадуб горо-цӏер бараб гӏадаб жо гьабун бугин Паризаца. Гьаб нухалъ дица кӏиябго рахъ бихьизабуна романалда, лъикӏабги квешабги. Гьелда бицен гьабулеб буго нилъер заманалъул гӏадатияй магӏарулалда дандчӏварал къварилъабазулги, гьел къезаризе гьелъ бахъараб яхӏалъулги, цин баккун, цин тӏерхьун, накӏкӏукьан хьвадулеб бакъул загӏипал чӏорал гӏадин, гьелда лъарал къокъалго талихӏал лахӏзатазулги. Гьениб бихьулеб буго рокьи, хӏалимлъи, хӏеренлъиялда цадахъго, инсанасул рекӏелъ бахчун букӏунеб нахъегӏанаб, вахӏшияб асарги.

— Щив дуца рикӏкӏунев дурго мугӏалимлъун, аслияв критиклъун?

— Дир аслияв критикги, гӏакълучиги, мугӏалимги вукӏана мунагьал чураяв эмен.

Дий гӏумрудул дарс кьурав,

Гӏакълу тӏокӏав мугӏалим,

Гӏадлу ккараб бакӏалда

Закон хасав диванчи.

Гьес кьолаан дир асаразе къимат, рихьизарулаан гӏолел-гӏоларел рахъал. Гьесул дарсал кидаго рекӏелъ хутӏана.

«Багӏараб байрахъалде» кучӏдул ритӏидал, дие малъа-хъваял гьарулев, гӏакълаби кьолев чи вукӏана Тажудин Таймасханов. Хадубккун, дие лъикӏал дарсал щвана Гӏабасил Махӏамадихъан ва Мухӏамад Патахӏовасухъан.

— Цӏалдолезул критика кин къабул гьабулеб?

— Узухъда, гьебги гӏадахъ босула, гьелъул кӏварги буго. Дицаго диего гӏезегӏан кьварараб хӏукмуги къотӏула. Асар хъвалаго дун ургъула, гьаб халкъалъ киндай къабул гьабилеб, гьелдаса гьезие кинаб пайдадай щвелаян абун.

Ракӏалда буго цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Дица цо кечӏ битӏана газеталда бахъизе. Гьез жаваб бачӏана гьаб гӏемер рагьараб тема бугин, палхӏасил, дир кечӏ нахъ чӏвана. Гӏолохъанай дие гьеб цӏакъ захӏмалъана ва гьелдаса хадуб 11 соналъ цониги рагӏи хъвачӏо. Байбихьудаго дир асаразе кьварараб критика гьабун букӏарабани, ругьунлъунги йикӏинаан дун. Хадуб, дагьдагьккун бичӏчӏана хъвадарухъанасе критика чара гьечӏого хӏажатаб жо букӏин. Жакъа цӏакъ бокьула хъвараб жоги бичӏчӏулев, гьелъие ритӏухъаб къиматги кьун бажарулев чияс гьабураб критика.

— Цӏияб асар бижизе ккани, щиб къваригӏунеб?

— Магӏарулазул аби гьечӏищха «Рокьи ккарав кочӏохъан, керен бухӏарав магӏихъан», — ан. Кечӏ хъвазе ккани, узухъда, кинаб букӏаниги гӏилла букӏине ккола. Нилъерго гӏумруялда ккараб букӏаниги, чияр гӏумруялда жаниб лъугьараб букӏаниги лъугьабахъин рекӏелъан биччачӏони, асар лъугьунаро.

Хъвадарухъанасда лъала сверухъ кколебщинаб рекӏелъан биччачӏого бажарулареблъи. Гьев гьелде ругьунавги вукӏуна. Хъвадарухъаби рукӏуна цӏакъ ракӏ тӏеренал, гӏадамазул къварилъиялъ пашманлъулел, рохелалъ рохизарулел чагӏи. Чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго гӏадамасул гӏумруги гьелда жаниб лъугьунебщинабги бичӏчӏи, рекӏелъан биччазе бажари.

Хъвадарухъанасда лъала сверухъ кколебщинаб рекӏелъан биччачӏого бажарулареблъи. Гьев гьелде ругьунавги вукӏуна. Хъвадарухъаби рукӏуна цӏакъ ракӏ тӏеренал, гӏадамазул къварилъиялъ пашманлъулел, рохелалъ рохизарулел чагӏи. Чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго гӏадамасул гӏумруги гьелда жаниб лъугьунебщинабги бичӏчӏи, рекӏелъан биччазе бажари.

Дица керен чучула хъвадариялде. Дие бокьула, киналго кьижидал, дунго дирго пикрабаздеги машгъуллъун хъвадаризе. Кигӏан свакан йигониги, гьеб пишаялъ керен чучизабула.

— Гӏезегӏан руго дур кучӏдул ахӏулел кочӏохъаби. Дуца хъварал рагӏаби жидеего ахӏизе санагӏатаб хӏалалъ хисизарурал хӏужаби кканищ?

— Дир кучӏдул ахӏула Апанди Исмагӏилхӏажиевас, Шамил Ханакаевас, Руслан Имамирзаевас, Маржанат Гӏабдулаевалъ, жеги гьитӏинав, амма гьунар кӏудияв Сагӏид Имамирзаевас, ахӏулаан мунагьал чураяй Марижат Гӏабдулгӏазизовалъги.

Дир кучӏдуздехун гьединаб «адаб тей» гьабурал хӏужаби ккечӏо. Дица гьезда цебеккунго абула хъвараб хӏалалъ ахӏеян. Жакъа гӏемер рихьулел руго жубагъубарал, дораса-гьаниса чӏварал кучӏдулгун церерахъунел кочӏохъаби.

Халлъулел руго цо-цо гьединал кучӏдул хъвалел «шагӏирзабиги».

— Дуца лъугӏизабуна ДГПИ. Мугӏалимасул нух тӏаса бищизе рекӏее къабуллъичӏогойищ? Яги гьаб хъвадарухъанлъиялъул нухда хутӏиялдаса талихӏай йигищ мун?

— Дун щуго соналъ хӏалтӏана Гъизилюрталъул школалда мугӏалимлъун. Амма ракӏалъ гьаб рахъалдехун цӏалей йикӏана. Хӏалтӏана «Вечерний Кизилюрт» газеталда, «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирлъун, «Чапар» газеталда — цин бетӏерай редакторлъун, хадуй — жавабияй секретарьлъун. Жакъа хӏалтӏулей йиго Хасавюрталъул магӏарул мацӏалда къватӏибе бачӏунеб «Насихӏат» газеталъул редакторлъун. Дие мугӏалимасул хӏалтӏиги цӏакъ бокьулаан.

Амма рекӏел тӏиналда кидаго гьаб махщалихъ ккараб рокьи букӏунаан. Гьалъул къуват бергьанаха

Мухӏамад МАНАПОВ