ГӏАНДИСА БАЙСУЛТӏАНИЦА ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ
Дунялалъул рокъов бусурбанасдаги капурасдаги гурхӏулев, ахираталъул рокъов хасго муъминчиясда гурхӏулев Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. Бетӏергьан, Дуца зулмуялде ккараздехун имамасул ракӏ тамах гьабе, гьесул рекӏелъе пакъирзабаздехун гурхӏел рехе. Гьаб буго пакъир, Аллагьасул рахӏматалде хьул лъолев Байсултӏанил рахъалдасан Аллагьас тушбабазул гарбал къотӏизе къуват кьеяв, Аллагьас жиндирго тӏасарищарал чагӏазда гъорлъ даим гьавеяв, кӏудияв Шамил имамасухъе гӏарза.
Цинги. Дун чанги щвана дур тӏадегӏанаб нуцӏил кӏалтӏе, дида зулму гьабурал чагӏазул хӏакъалъулъ дуда бицине ва гьел гьерсихъабазул гьереси ва хӏилла-макру дие баян гьабизе гӏоло. Амма цогӏаги нухалъ дур бахьинаб нур бараб гьумер бихьизе дие рес ккечӏо. Гьанже дун, пакъир, хӏайранлъун вуго, дир ракӏги бекун буго. Дур гьумер бихьизе ресищ гьечӏеб тӏадегӏанал чагӏазда гурони абураб жоги ракӏалде ккун, ялъуни, дур хъаравулзабаз духъе рачӏарал пакъирзабазул гьумералде хӏур биччаян абун, амруйищ гьабун бугеб, вачӏанщинахъе дун нахъ чӏвазе ккани? Аллагьас Къуръаналда дов беццасул хӏакъалъулъ абураб кинигин: «Бечедасде ва рес-хӏалалда вугесде мунги вуссана…», — ян. Ялъуни шаргӏалъул низамалда гӏадамазул даражаби, бечелъи-мискинлъиялъул халгьабун, батӏи-батӏиялищ рукӏунел?
Вассалам.
ГӏАШИЛТӏАСА КЪУРБАНГӏАЛИЦА ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ
Къурбангӏалил рахъалдасан хӏакъикъат цӏунулев, халкъалъул реццалъе мустахӏикъав, Аллагьас жив вугеб заманалда берцинаб хӏалалда таяв, Дагъистаналъул халкъалъул амир Шамилиде. Дуда Аллагьасул саламалги лъеги, Гьесул рахӏматалги дуда тӏаса унгеги.
Цинги. Дулъ данделъараб гӏадиллъиялъ тӏалаб гьабула хӏакъикъат загьирлъизегӏан, дуца цониги чи чӏвазе хӏукму гьабунгутӏи ва, щибаб жоялъул мухӏканлъи лъазегӏан, мун сабруялда вукӏин.
Гьединлъидал мун гьей гӏаданалъул рагӏиялда, Аллагь рехсолел чагӏазда (ай зикруялъул агьлуялда) дандбан гурони, божуге. Хадубги, Гӏашилтӏа лъугьарал дол къваригӏел гьечӏел, къабихӏал пишаби, гьаб квешаб ишалдасаги къабихӏал ва чӏахӏиял руго. Кинниги гьез гьеб кӏудияблъун рикӏкӏунеб буго, гьезда гьеб иш рихараб букӏиналъ. Аллагьас нуж битӏараб нухде тӏоритӏаги, нуж пайда бугеб агьлулъунги гьареги. Амин.
Вассалам
ШАМИЛ ИМАМАС МУКРАКЬАЛЪУЛ ВА РИСГӏОРАЛЪУЛ БОЯЗУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал Мукракьалъул ва Рисгӏоралъул гӏалимзабазде, хасал ва гӏаммал чагӏазде, тӏолабго гьезул агьлуялде. Ассаламу гӏалайкум. Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан жиндирго вацал Мукракьалъул ва Рисгӏоралъул гӏалимзабазде, хасал ва гӏаммал чагӏазде, тӏолабго гьезул агьлуялде. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Дихъе хабар бачӏана нилъер вац Даниялсултӏан жиндирго хъизан-кулпатгун цадахъ, кинабниги жиндирго буголъи-магӏишат босун, хӏатта эбелги цадахъ ячун, Ракьуса Гӏириб-хъалаялде гочун вугилан. Цо-цо чагӏаз дун гьев иналда щакдаризавулев вуго, гьев жиндирго аслияб ватӏаналде лъутизе къасдалда вугин абурал жалги рицун. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, гьениса нахъе ине гьесие нух кьогеян абун, нагагьлъун гьесул гьениса къватӏиве вахъине къасд ккани. Гьев унел нухазда нужеца мухӏканго, цӏакъ яхӏ бахъун, камилаб хӏалалъ хъаравуллъи ккве, гьев къватӏиве ворчӏичӏого вукӏине. Нагагьлъун нужеца гьел нухал цӏуничӏони ва гьеб иш мугьмалго, тӏаса-масаго тани, гьесие нухги кьуни, дир нужеде гӏайиб щвела ва гьединго Тӏадегӏанав Аллагьасул ццинги бахъина. Хадуб нужеца дида гӏайиб чӏваге, гӏицӏго нужедаго чӏвай. Цинги. Дихъе хабар бачӏана нилъер вац Даниялсултӏан жиндирго хъизан-кулпатгун цадахъ, кинабниги жиндирго буголъи-магӏишат босун, хӏатта эбелги цадахъ ячун, Ракьуса Гӏириб-хъалаялде гочун вугилан. Цо-цо чагӏаз дун гьев иналда щакдаризавулев вуго, гьев жиндирго аслияб ватӏаналде лъутизе къасдалда вугин абурал жалги рицун. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, гьениса нахъе ине гьесие нух кьогеян абун, нагагьлъун гьесул гьениса къватӏиве вахъине къасд ккани. Гьев унел нухазда нужеца мухӏканго, цӏакъ яхӏ бахъун, камилаб хӏалалъ хъаравуллъи ккве, гьев къватӏиве ворчӏичӏого вукӏине. Нагагьлъун нужеца гьел нухал цӏуничӏони ва гьеб иш мугьмалго, тӏаса-масаго тани, гьесие нухги кьуни, дир нужеде гӏайиб щвела ва гьединго Тӏадегӏанав Аллагьасул ццинги бахъина. Хадуб нужеца дида гӏайиб чӏваге, гӏицӏго нужедаго чӏвай.
Гьалдалъун тана. Вассалам. Рогьалил гӏуж, шамат къо, 1269 соналъул 9 мухӏаррам / 1852 соналъул 22 октябрь.
КУРДАЗУЛ ШАЙИХ МУХӏАМАД АЛ-ХАНИЯС ШАМИЛ ИМАМАСУХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ
Гьаб дунялалъул рокъоб Жиндир гурхӏел-рахӏмат бусурбанасеги капурасеги гӏаммав, ахираталда Жиндир гурхӏел бусурбанасе хасав Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. (Бетӏергьан Аллагьасе) щукруги щибаб реццги буго Жинца битӏараб нухде тӏоритӏарав, лагъзадерил ракӏазул кирталги ричӏарав ва гьединго гьезул къадруги тӏадегӏан гьабурав, Жиндир махлукъаталда гьоркьоса гьелги тӏокӏ гьарурав ва гьездалъун битӏараб диналъе кверги бакъарав. Гьединго свалатгун саламги лъеги жинца Аллагьасул нухда хӏакъаб куцалда жигьад гьабурав нилъер сайид Мухӏаммадидаги, гьесул агьлуялдаги, асхӏабзабаздаги, гьезул лъималаздаги.
Паналъарав, хӏакъирав Мухӏамад ал-Ханиясул ал-Халидиясул анНакъшубандиясул рекӏелъан кьолел саламал руго ва гьединго тахӏияталги руго сайгъатал гьарулел, камилаб рокьи ва берцинаб рекӏелгъей жидеца баян гьабулел. Гӏалимзабазул чӏухӏилъун вугев, тӏокӏал чагӏазул цевехъан кколев, бацӏцӏадаб диналъе квербакъи гьабулев, гӏодобегӏанаб, чорокаб бидгӏаги жинца тӏагӏине гьабулев, жиндалъун Тӏадегӏанав Аллагьас Дагъистаналъул ракьалда тӏагӏун рукӏарал исламалъулги тӏадегӏанаб суннаталъулги асарал чӏаго гьарурав, жиндир лебалаб хвалчадалъун бусурбабаздаса капурзабазул питнаги нахъ чӏварав, амирзабазулги амир, чӏахӏиял чагӏазулги бетӏер, жив тӏокӏав, тӏадегӏанав диналъул вац шайих Шамилиде. Аллагьас дудалъун Жиндир диналъе квербакъаяв ва къосарал чагӏазул квешлъиялдаса мунги цӏунаяв ва Жиндир рахъалдасан бетӏергьанас, боялги ритӏун, кумек гьабеяв, щайтӏаналдаса ва гьелъул макруялдасаги мун цӏунаяв ва, Жиндир нигӏматалги даим гьарун, Жинда аскӏов къабулавлъун гьавеяв, жиндир хӏатӏазда вараниялъ баарав аварагасул хӏурматалъе гӏоло.
Цинги. Гьал рокьул мухъал хъваялъе сабаблъун ккараб жо буго, дун кидаго дур берцинал харбал рагӏилародаян, дур рацӏцӏадал тӏабигӏатал дихъе щвелародаян, дур гьалмагъзабазул щивниги вихьилародаян, валагьун чӏун вукӏин. Гьединго нужер хӏакъикъат нижеда лъазе, гьелдалъун нижги камилаб хӏалалъ рохизе рукӏине. Дие рокьулел чагӏазул харбал рагӏизе дица гӏемер хӏалбихьана, къасикъад чӏечӏого, гьелда хадув лъугьана ва гьел цӏехана. Тӏадегӏанав Бетӏергьанас къадар гьабун, дун данделъана дуца Чергесалъе витӏарав шайих Мухӏамадамин-пашагун Аллагьас жиб цӏунаяб бусурбабазул хункарасул тӏадегӏанаб ракьалда. Гьев вихьиялдалъун дие гӏорхъи гьечӏеб гӏатӏилъиги щвана, гьесдехун хитӏаб гьабиялдалъун ракӏги рагьана. Дур берцинал тӏабигӏаталги камилал пишабиги рехсон, исламалъе квербакъизе ва Аварагасул дин чӏаго гьабизе дур гъираялъул бицун, дие кутакаб шавкъги хӏасуллъана ва дур тӏадегӏанаб, берцинаб, камилаб гьумер бихьизе ва гьелда берчӏвазе гӏишкъуги цӏикӏкӏана.
Кинниги гьеб гьабсагӏаталда ккезе рес гьечӏеб, лъугьунареб жо букӏиналъги, нилъеда гьоркьоб кӏудияб манзил букӏиналъги, дица жигар бахъана, дуде бугеб рокьиги загьир гьабун, гьал мухъал хъвазе. Кагъат хъвайги рихьиялъул бащалъи гӏадаб жо кколелъул, дугӏа къабулаб гӏужалда ниж ракӏалдещвеялъе сабаблъунги букӏине, дуда ракӏалдаса ниж инчӏого рукӏиналъе гӏиллалъунги букӏине, дур хитӏабазулъ ниж рехсеялъе ва дур тӏадегӏанал кагътал дихъе щвеялъе сабаблъунги букӏине.
Дица тӏоцебе дидаго хадуб нужедаги амру гьабулеб буго балъгоги тӏатунги, хӏалкӏвараб куцалъ, Аллагьасукьа хӏинкъайилан, гьесул дин чӏаго гьабиялде кӏвар кьеян ва тӏадегӏанаб, рекӏел зикруялдаги даимлъеян абун. Гьеб зикру буго къиямасеб къоялде бищунго лъикӏаб нахърател. Гьединго дица, дудеги, дидегоги васият гьабулеб буго аварагасул тӏадегӏанаб суннат загьир гьабеян ва гӏодобегӏанаб бидгӏа тӏагӏине гьабеян. Дица Тӏадегӏанав Аллагьасда гьарулеб буго, гьеб ишалъулъ дуе квербакъи гьабеян. Хӏакълъунго Гьев хӏалкӏолев, кинабго ихтияр кодосев вуго. Гьединго дир хьул буго дуда нижги, балъгоги тӏатунги, дур дугӏаялъулъ рехсезе кӏочон теларин абун. Вассаламу гӏалайкум.
1269 сон/1852 сон. Аллагьасде хӏажатав, хӏакъирав, нужее дугӏа гьабулев лагъ Мухӏамад ал-Хани ал-Халиди ан-Накъшубанди.
ШАМИЛ ИМАМАС НАИБ ГӏУМАРИХЪЕ ХЪВАРАБ КАГЪАТ
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац, наиб Гӏумарихъе. Ассаламу гӏалайкум. Цинги.
Гьаб кагъат босун вачӏарав нилъер вац Халид вуго унго-унгояв, вацӏцӏадав мугьажирги гьединго дунгун гӏелму-варагӏ цӏунарав чиги. Гьес дие гӏарз бахъана жиндирго гӏумру-магӏишаталъул язихълъиялда тӏасан. Гьединлъидал дуца гьесде гурхӏел-рахӏмуялъулаб бербалагьи гьабиги гьесие ва гьесул хъизаналъе гӏураб напакъат кьейги буго дир мурад. Дунялалъул рокъобги ахираталдаги Тӏадегӏанав Аллагь дудаса разилъиялъе сабаблъунги букӏина гьеб.
Гьалдалъун тана. Вассалам. Арбагӏ къо, 1269 соналъул 11 сапар / 1852 соналъул 23 ноябрь.