«Сулахъалъ нугӏлъи гьабула» абураб М. Хуршиловасул романалда бицунеб буго Дагъистаналъул мискинзабаз цӏияб гӏумруялде тӏамулел галабазул хӏакъалъулъ. Жакъайин абуни Сулахъ гӏоралъ нугӏлъи гьабулеб буго цӏияб дунялалда гӏадамаз талихӏаб гӏумру гьабулеб букӏиналъе.
1 июналда — лъимал цӏуниялъул тӏолгодунялалъулго халкъазда гьоркьосеб къоялъ — «Главрыба» абулеб Басрияб Миякьо росдада аскӏоб бугеб бакӏалда, республикаялъул бетӏер Сергей Меликовасул гӏахьаллъигун, рагьана дагъистанияз ва республикаялде рачӏунел туристаз хӏухьбахъи гьабулеб комплекс.
Сулахъ гӏурул рагӏалда бугеб свериялда, Россиялъул Пачалихъ- ияб Думаялъул депутат Хӏажиев Гӏабдулхӏакимил хӏаракаталдалъун гӏуцӏун буго, лъималазе ва чӏахӏиязе хӏухьбахъиялъе киналго шартӏал ругеб, комплекс. Батӏи-батӏиял рухӏчӏаголъаби жанир ругеб зоопаркалдаса байбихьун, гӏуруда тӏасан лъураб, нохъабазде унеб кьоялде гӏунтӏун, камураб берцинлъи гьечӏо гьениб. Гьеб бакӏалда аскӏобго буго гӏурусазул хъвадарухъан Лев Толстоясул «Кавказалъул асир» абураб асаралъул аслиял героял Жилин ва Костылин гвандинир тӏамун рукӏараб Миякьо росуги. Гьединго гьенисан бихьула Михаил Пришвиница хъвараб Чир-Юрталъул сангарги. «Главрыбаялда» ран руго гьалбадерие цӏулал рукъзал, руго гьенирго ччугӏа гӏезабулел хӏорал. Хасаб берцинлъи кьола гӏурул кӏиябго рахъалда ругел нохъаз.
Гьенирго руго нилъее бокьараб тӏагӏамаб квен хӏадур гьабулел аш- базал, ресторан ва кафеял, гьединго лъаралгун фонтаналги. Сулахъ гӏоралъ гьеб киналдаго гӏажаибаб нурги базабула.
Данделъиялда гӏахьаллъи гьабурал республикаялъул бетӏер Сергей Меликовас, хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатал Сайгидпаша Гӏумахановас, Нурбахӏанд Нурбахӏандовас, Алла Поляковалъ кӏудияб къимат кьуна лъимал цӏуниялъул къоялда бан гӏуцӏараб гӏатӏидаб тадбиралъе ва республикаялда туристазе чӏезарун ругел шартӏазе.
З. Ильясов