31 маялда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда «Молодая гвардиялъул» вакилзаби Гӏумар Багъиновасги Мухӏамад Мухӏамадовасги бицана гьанжегӏагар Мариуполь шагьаралда жидеца гьабураб волонтёрлъиялъул хӏакъалъулъ.
Гьездаго цадахъ гьениве вачӏун вукӏана «Молодая гвардиялъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев Сергей Никитинги.
Дагъистаналдаса цоги волонтёр, Рамазан Гетаев, гьал къоязда доваса тӏадвуссун вачӏине вугиланги бицана Никитиница.
Гьезул гӏуцӏиялъги «Волонтёрское братствоялъги» Донбассалде волонтёрал ритӏулел руго 30 марталдаса байбихьун. Гьедин улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса гӏолохъаби гьенире унел руго щибаб итни къоялъ. 30 марталдаса нахъе гьанжелъагӏан нилъер улкаялдаса 500 волонтёр хӏалтӏун вуго дова.
Гьединго рагъ ккаралъуса лъутарал гӏадамал ралагьизелъун 4 апрелалда www.poisk-mariupol. ru абун сайтги хӏалтӏизе биччана «Молодая гвардиялъ». Гьелдаса нахъе кӏиазаргониги чи валагьун вуго гьез. Жидер гӏагарал ралагьеян 11 азарго гӏарзаги бачӏун буго гьеб сайталде.
Донбассалде ине бокьаразе доба бугеб хӏинкъиялъулги, цӏодорлъи гьабизе ккеялъулги хӏакъалъулъ бицун, цин бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏиги гьабулеб буго гьез. Къварилъи ккаразе медицинаялъул, психологазул ва цогидаб кумек кин гьабизе кколебали малъулеб буго хасаб централда.
Сергей Никитинил рагӏабазда рекъон, волонтёраллъун Донбассалде ине бокьарал гӏолохъаби, хасго студентал, гӏемер руго нилъер республикаялда. Амма сессиялъул заман тӏаде щолеб букӏиналъ дагьалъ чӏезе кколел руго гьел.
Мариуполалдаги гьелда гӏагарлъухъги гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вуго 200 волонтёр. Гуманитарияб кумекалъе бачӏараб квен-тӏех, ретӏел-хьит, дараби рикьизего гӏадин, «Скорая помощалъул» машинаялда медицинаялъул кумек гьабизеги унел руго гьел. Масала, гьедин унев вукӏун вуго Гӏумар Багъиновги.
Гьевги Мухӏамадги, цогидал волонтёралго гӏадин, рега-рахъун цин школалда, цинги чадразда жанир рукӏун руго. Аскӏобго гӏадин къойилго рагӏулеб кьвагьагӏанхъиги букӏун буго.
«Азов-сталь» заводалдаса 30- 40 километралъ рикӏкӏад букӏана нижер чӏей. Я лъим, яги цогидаб санагӏалъи гьечӏого, цӏакъ захӏмат букӏана гьениб, школалда. Гьелъул цояб тӏалаялда ниж, цогидалда – рагъулал хъулухъчагӏи рукӏунаан нижги цӏунун. Гьединго гуманитарияб кумек бикьулеб пунктги букӏана гьениб рагьун.
Нижеца цин хъвай-хъвагӏай гьабулаан гьеб кумек хӏажалъун рачӏарал гӏадамазул. Хадуб бикьулаан гьеб. Тӏоцебе кьолаан херал чагӏазеги гӏисинал лъималгун рачӏаразеги. Амма бикьулеб жо цӏикӏкӏун щвезе къваригӏун, жидерго лъимал хӏисабалда чиярал рачунги рачӏунаан цо-цоял. Гьединлъидал нижеца лъимал гьариялъул хӏакъалъулъ хъвараб свидетельство тӏалаб гьабулаан гьездаса. Цо нухалъ вачӏана гӏолохъанав вас, жив микьго лъимадул эмен вугиланги абун. Амма тӏаде балагьун гьелгощинал лъимал гьаризегӏан сонал рарав чи вукӏинчӏо гьев. Цоги нухалъ бихьана кумекалда хадув вачӏарав гӏолохъанчиясул квералда рахъ- арал нацистазул гӏаламатал. Гӏадатиял гӏадамазул ххвелалда вачӏарав нацист ватилилан, ниже- ца гьесул хӏакъалъулъ рагъулал хъулухъчагӏазда лъазабуна. Бо- кьараб жо ккезе рес букӏиндалха гьениб. Нижеда цеве цо волонтёр викъизецин хӏалбихьун букӏана доз», — ин бицана Гӏумарица.
Подвалахъ яги дора-гьанир рахчун, хадур къватӏире рахъарал бакӏалъул гӏадамазул бербалагьи жидедехун лъикӏаб букӏаниланги бицана Гӏ. Багъиновас.
Волонтёразда тӏад ретӏарал хъахӏилал яги багӏарал футболка- би рихьидал, аскӏоре рачӏунаанила гьел.
— Квен-тӏех яги цогидаб къайицӏа гуребги, гӏицӏго кӏалъазе къваригӏунгицин рукӏунаан гӏадамал. Гӏемер бицине кколаан гьел гӏодоре риччазарулеб хабар. Гьединго сах гьаричӏого тарал ругънал гангренаялде сверарал хӏужабиги рукӏана гьенир. Хасго херал гӏадамал рукӏана цӏакъ пашманго гьанже бох-гъеж къотӏун хадуб, жидер тӏалаб лъицадайила гьабилаян. Тӏадежоялъе гьезул гӏемерисел рукӏана лъималаз рехун тарал херал эбел-эмен, — илан ракӏалде щвезабуна Багъиновас.
Минабиги риххун, къватӏир хутӏарал гӏадамал жидехъего рачун хьихьулел рукӏиналъул бицана Мухӏамад Мухӏамадовас:
«Цо гӏадан ячӏун йикӏана нижер пункталде хъвай-хъвагӏай гьабизе. Гьелъухъ букӏана щуго-анлъго батӏияв чиясул паспортги. Жидеца гьел жидехъего рачун ругин абуна гьелъ.
Гьеб бакӏалдаса гочун ине бокьарал чагӏазеги кумек гьабулаан нижеца. Къойилго 70-80 чи рекӏинавун автобусаздагун, фильтрациялде вачун унаан. Хадур гьезие бокьараб бакӏалде ритӏулаан – яги Россиялде, яги Украинаялъул регионазде».
Волонтёраз доба лъималазе рекӏелгъеялъул тадбиралги тӏоритӏун ругоан. Масала, цо нухалда шарикалги рухьун, кепихтилаталда рукӏаго, цо шарик кьвагьун буго. Гьеб мехалда лъимал рачӏинахъего ракьалда регун чӏун руго гьеб кьвагьараб жо гумпарайиланги ккун.
Гӏумар Багъинов ккола политехникияб колледжалъул преподатель. Волонтёрлъун Донбассалде ине бокьилищан гьикъидал, отпускги босун, ун вуго Гӏумар дове. Гьанже цӏидасан инеги ракӏалда буго. Жиндие гьадинги рагъулаб хъулухъ тӏаса бищизе бокьун букӏанилан абуна Гӏумарица.
Мухӏамад Мухӏамадовги ккола гьебго политехникияб колледжалъул студентги, Багъиновго гӏадин, «Молодая гвардиялъул» активистги. Донбассалде ине живго нахъе къачӏониги, рокъосезе цин лъикӏ хабар бицине ккун буго гьес. Цин Мухӏамадица гьел хӏадур гьарун руго жив гӏорхъода вукӏине вугин, хадуб абун буго рагъ-кьал гьечӏеб бакӏалда вукӏине вугилан.