Кӏудияб рагъ ккечӏого рорчӏизе рес бугебищха? Щакаб жо
ги, Иерусалималдаги, Сириялдаги кколел ругел лъугьа-бахъиназ тӏолабго дунялго буго хӏалуцинабун. СШАялъ Иерусалималда посольство рагьулеб 14 маялда, гьеб ишалдаса разилъи гьечӏолъи загьир гьабун, Израгӏилалъул гӏорхъода 100 азаргогӏанасев палестинаялъулас тӏобитӏана жидедаса лъиениги зарал гьечӏеб митинг. Амма израгӏилалъулазе гьеб иш рекӏее гӏечӏо ва гьез иргадулаб нухалдаги бихьизабуна жидерго къуват. Хӏасилалда, 60-гӏан палестинаялъулав чӏвана, 200-ялдаса цӏикӏкӏун чи лъукъана. Израгӏилалъулазул гьеб вахӏшилъи бихьана тӏолабго дунялалдаго, амма Иерусалималде ячӏарай Трампил яс Иванка гурони ккун ятиларо ракӏ-ракӏалъ гьеб ишалдаса разилъи загьир гьабурай гӏаданги. Гьеб заманалда, ай посольство рагьулеб тадбиралда гӏахьаллъизе ячӏун йикӏана гьей бика Иерусалималде.
Исана 14 маялда 70 сон тӏубана Израгӏил абураб пачалихъалъе кьучӏ лъуралдаса. Гьеб байрам, палестинаялъулазул биги гӏодобе тӏун, кӏодо гьабуна жугьутӏазги. Амма Палестинаялъул календаралда гьеб къо бихьизабун буго НАКБА (балагь, талихӏкъин) абураб цӏаралда гъоркь. Щайгурелъул 70 соналъ цебе 700 азаргогӏанасев палестинаялъулав хӏалгьабун гочинавуралъулха жидерго росабалъа ва шагьараздаса Гъазалъул секторалде. Гьабсагӏаталда гьениб гӏумру гьабун вуго 1,5 млн чи ва сектор рикӏкӏине бегьула дунялалда тӏад рагьараб зодикь бугеб бищун кӏудияб туснахълъун.
Жидеда тӏад гьабулеб бугеб зулму хӏехьезе бокьичӏолъиялъ, щибаб рузман къоялъ къватӏире рахъуна аза-азар палестинаялъулал. Ва щибаб рузман къоялъ Израгӏилалъул къуваталъулал идарабазул хӏалтӏухъабаз чӏвала анцӏ-анцӏ, лъукъула нус-нус чи палестинаялъулазул. Израгӏилалъул армиялда цебелъураб масъала буго цо: палестинаялъуласе гӏорхъи бахине биччангутӏи. Палестинаялъулалги ричӏчӏизе ккола, щайгурелъул гьел махӏрум гьарун ругелъулха гьекъолеб лъедаса, токалдаса (къойида жаниб 2-3 сагӏаталъ букӏуна гьеб), гьечӏо хӏалтӏи, хӏатта ччугӏа кквезецин толаро. Гьез гӏумру гьабулеб буго, садакъаялъе кьураб кванан ва ретӏун.
Доб къоялъ, ай Иерусалималда СШАялъ посольство рагьидал ккараб балагьаб хӏасилалъул кьучӏалда ООНалъ ва ОИСалъ (Цадахърекъон хӏалтӏиялъул исламияб гӏуцӏи) ахӏана данделъи. ООНалъул Генералияб ассамблеялъул вакилзабазул 128 чияс (гьеб ккола цӏикӏкӏарасеб къадар) СШАялде хитӏаб гьабуна Иерусалималда бан гьабураб хӏукму хӏакъикъияб гуреблъун рикӏкӏейилан. Киназго гӏайиб гӏунтӏизабуна Израгӏилалде, амма Кремлялъ рагӏи абичӏо. Щайгурелъул гъоркьиса апрель моцӏалдаго РФялъул МИДалъ лъазабун букӏаралъулха бакътӏерхьулаб Иерусалим тахшагьарлъун рикӏкӏине Израгӏилалъул ихтияр бугин ва бакъбаккулаб Иерусалим Палестинаялъул ракьлъунги кколин. ООНалда цебе бугеб Инсанасул ихтиярал цӏунулеб советалъ байбихьана Гъазалда гьабураб такъсиралъул цӏех-рех гьабизе, Турциялъул президент Эрдогъаницайин абуни СШАялдасаги Израгӏилалдасаги улкаялъул посолал нахъе ахӏана.
Ахираб кӏиго анкьида жанир ккарал гьел лъугьа-бахъинал тӏей гьечӏого рухьарал руго Сириялда кколе-толелда, гьединго Израгӏилалдаги Россиялдаги ва, Россиялдаги Ираналдаги, Россиялдаги Турциялдаги гьоркьор ругел бухье-назда. Гьеб буго бичизе захӏматаб гарацӏлъун лъугьараб масъала. Амма рачӏаха хӏалбихьилин бажарухъе гьел ричизе ва лъугьа-бахъунелъе къимат кьезе.
Аслиял кьучӏал ва Иерусалималъул суал
Гӏагараб бакъбаккуда ва хасго Иерусалималда сверухъ бугелъе къимат кьезелъун кьочӏокье раккани, бихьула гьениб диналда хурхараб рагъ унеб букӏин. Израгӏил абураб пачалихъ гӏуцӏаралдаса, гьеб рагъ цин хӏалуцуна, цин сасуна. Амма киданиги хутӏуларо регион рахӏаталда. Израгӏил – гьеб цохӏо сионистазул гуребги, «ягьудиязул» проектлъунги ккола. Щайгурелъул гьеб пачалихъалъул кьучӏго бугелъулха диниял принципазда рекъон гьабураб. «Ягьудиязул» абураб рагӏи кавычкабазда жанибе босиялъе бугеб гӏилла ккола ягьудиязда гьоркьорги гӏезегӏан чагӏиги гӏуцӏабиги рукӏин сионизмги Израгӏилги рикӏкӏунарел. Масала, гьединаблъун рикӏкӏуна халкъазда гьоркьосеб «Натурей Карто» (Шагьаралъул хъаравулзаби) абураб гӏуцӏи. Гьез рахъккола Палестинаялъулги Ираналъулги. Амма Израгӏилалдаги, СШАялдаги, СССРалде гьоркьоре унел рукӏарал республикабаздаги рагӏи билълъараллъун руго радикалиял «ягьудиял»-сионистал. Гьезухъ гӏенеккула Нетаньяхул хӏукуматги. Гьез абулеб жо буго кватӏичӏого Маших (тӏолабго дунял хвасар гьабизе Аллагьас витӏун вачӏине вугев чапар) тӏаде гӏунтӏизе вугин ва гьеб заманалде Соломонил (Сулейман авараг) кӏалгӏа (храм) хӏадурун, къачӏан букӏине кколин. Гьеб къачӏазе ккани чара гьечӏого биххизабизе ккола Ал-Акъса мажгит.
Иран, шигӏиязул Хӏезболла (Аллагьасул рагъухъаби), сунниязул Хамас ва вацал бусурбаби гӏуцӏабазгун 30-гӏанасеб улкаялъ (гьездаго гьоркьоб 25 бусурбабазул улкаялъги) Израгӏил пачалихълъун рикӏкӏунаро. Израгӏилалъул тахшагьар Иерусалим кколеблъи ритӏухъ гьабула гӏицӏго СШАялъ, Чехиялъ ва Парагваялъ. Гьеб суалалда бан Россиялъул позициялъул тӏадехун хъван бугелъул, такрар гьабиларо.
2012 соналдаго Генри Киссинджерица лъазабун букӏана анцӏго соналдасан Израгӏил букӏине гьечӏин. Америкаялъул гьев жугьутӏав ракӏалде кканщинаб жо бицунев чи гуро. Гьев вуго кутакалда гӏакъилав, тӏолабго дунялалъулго политикаялъул балъголъаби лъалев, гьелъул, абухъего, богорокъов гӏурав чи. Гьединго гьев ккола цӏакъго балъгояб ва жидер кутакаб асар бугеб халкъазда гьоркьосеб ункъониги цолъиялъул гӏахьалчиги. Гьев, официалияб къагӏидаялъ кинаб бугониги хъулухъ кодосев чи гурониги, кидаго къабул гьавула Путиница ва цогидалги улкабазул нухмалъулез. Гьезда лъалелъулха дунялалъулго политика рекъезабулев чи Генри вукӏин. 2015 соналда гьев вачӏун вукӏана Москваялде ва дандчӏвана Путингунги. Гьелдаса хадуб, «ракӏалдаго гьечӏого», Кремль лъугьана СШАялдеги бакъ-тӏерхьул улкабаздеги ахӏи базе ИГИЛалде (Россиялда гьукъараб террористазул къокъа) данде рагъ базе кколин, ва Башар Асадил гьариги къабул гьабун, Сириялъе рагъулаб кумек гьабизе байбихьана. Гьелъул хӏасилалда Россиялъ хвасар гьабуна, сунниязул ва ИГИЛалъул (Россиялда гьукъараб террористазул къокъа) тӏадецуялдалъун гьанже гурони гьанже бикь-бикьун инехъин букӏараб Сирия.
Гьебго заманалда буго гьениб цоги масъала: Иран, ай Исламияб революциялъул хъаравулзаби (СИР) ва Хӏезболла. Гьел руго Израгӏилалъул гӏорхъоде щун. ИГИЛалде ва сунниязул цогидалги гӏуцӏабазде данде рагъ гьабизе Дамаскъалъе кумекги гьез гьабулеб букӏана. Гьеб мехалда Израгӏилалъ байбихьана Сириялда ругел Ираналъул рагъулал базабазде бомбаби рехизе. Гьез цебеккунго гьелъул хӏакъалъулъ лъазабулаан Россиялъул рагъухъабаздаги. 2015 соналдаса нахъе Израгӏилалъ 40 нухалданиги бомбаби рехана Сириялде. Ахӏвал-хӏал хӏалуцана ахирал моцӏазда, хасго 9 маялда цоцазде ракетал риччайдал. Рагъулал экспертаз лъазабухъе, гьениб Израгӏилалъ хӏалтӏизабун буго ядернияб заряд. Гьелъул хӏасилалда хвана гӏезегӏан сириялъулалги ираналъулалги.
Сириялъе «сайгъаталъе» — бомбаби, Нетаньяху — Багӏараб майданалда
9 маялда Москваялде вачӏун вукӏана Израгӏилалъул премьер Биньямин Нетаньяху ва Путинида цадахъ гӏахьаллъана Багӏараб майданалда тӏобитӏараб парадалда. Гьелде щвелелде цо чанго къоялъ цебе Израгӏилалъул кнессеталъ (парламент) къабул гьабураб законалда рекъон, 9 май лъазабуна Израгӏилалъул пачалихъияб байрамлъунги. Гьениб Израгӏилалъ бихьизабуна жидерго иргадулаб сихӏирлъи ва Бергьенлъиялъул къоялъ Нетаньяху Москваялдеги гӏадада вачӏаравлъун вукӏинчӏо. Гьес Путин мукӏур гьавун ватизе бегьула ПВОялдалъун Сириялъе кумек гьабичӏого теялъе ва гьарун батизе рес буго Ираналде тӏадецуй гьабейин. Путинги разилъун ватила, гуребани, гьебго къоялъ Израгӏилалъ Сириялда ругел Ираналъул базабазде бомбаби ралароан. СШАялъги, Британиялъги, Франциялъги Сириялде бомбаби райдал, ахӏи-хӏур бахъинабун букӏана, амма, Израгӏилалъ гьебго гьабидал, тӏадежоялъе, ядернияб зарядцин хӏалтӏизабидал, инсанас кӏал рагьичӏо.
Россиялъул РТР телеканалалдасан бихьизабулеб Владимир Соловьевасул ток-шоуялда гӏемер гӏахьаллъулев чи вуго «жамгӏияв хӏаракатчи», Израгӏилалдаса Яков Кедми. Жамгӏияв хӏаракатчийин гурони гьев вихьизавуларо, хӏакъикъаталдаги Израгӏилалъул «Натив» абураб хасаб хъулухъалъул начальниклъун вукӏарав ва отставкаялда вугев генерал гьев вугониги. Цебе гьеб хъулухъалъ СССРалде гьоркьоре унел ва гьединго Бакъбаккул Европаялъул улкабазда гӏумру гьабун рукӏарал жугьутӏал жидерго ватӏаналде рачиналъе кумек гьабулеб букӏана. Цо передачаялдайин абуни Яковица лъазабуна Сириялде тӏаде бомбаби ранин ва разеги ругин. Гьайгьай, Израгӏилалъул хӏинкъигьечӏолъи цӏунун.
Гьанже ракӏалдещвезабилин цо гьадинабги лъугьа-бахъин. Ираналъул ядерияб программаялъул къотӏи-къаялда гьоркьоса нахъе ана США. Гьебгиха ЕСалъги, Россиялъги, хӏатта тӏолабго дунялалъгоцин гьеб ишалда тӏад жал рекъоларин лъазабуниги. Амма бичӏчӏизе ккола Трампил рахъкколеб партиялъул, ай республиканцазул гӏемерисел руго Израгӏил Аллагьасго тӏасабищараб улка бугин рикӏкӏунел чагӏи ва израгӏилалъулаз щиб гьабуниги, гьел ритӏараллъунги чӏезарула. Кин батаниги, Израгӏилалъ, Сагӏуди Гӏарабиялъ ва Персиялъул заливалда ругел гӏарабазул улкабаз, Катаралъгун Йеменалъ хутӏун, СШАялъул рахъккуна. Гьелъие бугеб гӏиллаги ккола Ираналдаса хӏинкъи букӏин. Гьеб къотӏиялда рекъон, Ираналъ уран хӏалтӏизабиялдаса инкар гьабизе ккола. Ираналъ гьеб иш гьоркьоб къотӏизабидал, Европаялъгун Россиялъ байбихьана Ираналъулгун экономикиял гьоркьорлъаби цӏигьаризе. Гьеб даран рекӏее гӏелищха Израгӏилалъегун СШАя-лъе. Гьединлъидал гьеб кӏиябго пачалихъалъ цоги нухалда дунялалдаго бихьизабуна гьудулзабазулцин пикру жидеца къабул гьабулареблъи ва жидеего бокьараб гьабизе бугеблъи. Щайгурелъул тушманлъун лъугьараб Иранги хасго исламияб динги хӏалхьиялда тезе гьезда ракӏалда гьечӏо. Гьелъин абуни лъикӏалде рачине гьечӏеблъиги хӏакъаб буго.
Гӏагараб Бакъбаккуда рагъ?
Дунялалъулаблъунгӏаги лъугьунгегиха!
Трампида нахъа бугеб къуваталъе хӏажат буго дунялалъулго резервалъулаб валюталъун рикӏкӏунеб доллар гьеб ролалдаса инкар гьабиялде бачунеб кӏудияб рагъ. Гьабсагӏат дунялалда тӏад буго цӏакъго гӏемераб къадар долларазул. Тӏубараб дунял меседил гьабуниги, гьелъулцин багьа бащалъулеб батиларо киса-кирего тӏиритӏун ругел долларазул багьаялда. Гьединлъидал, гьеб налъи тӏаса хъущтӏизабизе ккани, хӏажалъула рагъ, гьебгиха кӏудияб рагъ. Чанго соналъ халатбахъине рес бугеб гьединаб рагъдаса хадуб, дунялалъул гӏуцӏи тӏубанго хисизе рес буго. Гьеб мехалда доллар хӏалтӏизе буго гӏицӏго Америкаялда (югалдагун севералда). Жидерго хасаб валютагун цолъизе бегьула чанго улка. Дармие хӏалтӏизабулеб аслияб гӏарацлъунин абуни букӏина месед. Гьедин букӏаралъулха 1944 соналде щвезегӏанги. Гьеб рагъул хӏасилалда Израгӏил абураб пачалихъалда ккезе буго кӏудияб хиса-баси, ай гьеб букӏине гьечӏо жакъа бугеб ракьалда. Киреха гочине ругел Израгӏилалъул жугьутӏал? Аслияб куцалда, Украинаялде. Доба, ай Днепропетровскалда бан буго дунялалда тӏад бищунго кӏудияб синагога ва, гьениб израгӏилалъулазе рахӏатаб гӏумру букӏинелъун СШАялъ гьенире вагоназ раччизе руго долларал. Гьебго заманалда жугьутӏаз чӏей гьабизе бегьула Крымалдаги Россиялъул югалдаги. Дида ракӏалде ккола, цебе жугьутӏал Израгӏилалде гочинариялъе кумек гьабулев вукӏарав Яков Кедми, гьанже лъидаго рагӏиларедухъ, гьебго хӏалтӏи гьабулев ватилин, ай жугьутӏал тӏадруссинарулев.
Гӏагараб бакъбаккуда щиб ккелебали мухӏканго абизе лъидаго кӏвеларо, амма гьениб цо багъа-бачари лъугьунеб букӏин хӏакъаб буго.
Хадурагӏиялъул бакӏалда
Россиялъулазухъа (гьездаго гьоркьоб дагъистаниязухъаги) Гӏагараб Бакъбаккуда лъугьунеб-толелъе къимат кьун бажаруларо, гьениб бугеб ахӏвал-хӏал якъинго лъаларелъулха. Гьелъие гӏиллаги ккола централиял СМИяз гьелъул хӏакъалъулъ бицунарого ва бихьизабуларого букӏин. Амма дора кколел руго кӏудиял хиса-басиял ва рагъ букӏинин ккола гӏиси-бикъинал ядерниял бомбаби хӏалтӏизарураб.
Ираналъги Сириялъги бихьичӏеб ххвел гьа-бун тана Израгӏилалъ ядернияб ярагъ хӏалтӏизабиялъул хӏужа. Хадуб щибха ккезе бугеб? Сириялъе кумек гьабулаго, Россия ккана цӏакъ санагӏат гьечӏеб бакӏалде. СССР Афгъанистаналдего гӏадин, нилъедаго лъачӏого цӏана нилъ Сириялде. Цо рахъалъ бикь-бикьизабизе биччазеги бегьулеб букӏинчӏо гьеб улка.
Кин батаниги, цӏакъ захӏматаб масъалаялъе жаваб балагьизе ккола улкаялъул президент Путиница. СШАялъулги, Израгӏилалъулги, гьединго Ираналъулги тушбаби щал, гьудулзаби щалали лъала. Россияйин абуни хутӏун буго гьоркьоб бакӏалда, киназулгогун гьудуллъиги гьабизе бокьун. Амма кида-къадги цояб рахъ тӏасабищизе ккезе буго. Хӏукуматалъул цо кӏудияб хъулухъалда вугев хӏакимчияс абулеб рагӏана Израгӏил къварид гьабизе биччазе гьечӏин(?!).
Гьаниб хъварабщинаб буго дир пикру. Гьедин букӏине бегьулин рикӏкӏуна дица. Амма хӏакъаб жо буго кӏудияб рагъ ккезе букӏинги Къиямасеб къо чӏолеблъиги. Аварагасул хӏадисаздаги бугелъулха кӏудияб цӏа тӏибитӏизе бугин Шамалъул (Сирия) ракьалдасан. Гьединлъидалин дица абулеб бугеб нилъ сундего хӏадурго рукӏине кколин. Кин букӏине бугебали ва щиб ккелебали Аллагьасда лъикӏ лъала.
Денга Халидов