Магӏарул шагӏиралъе — Шекспирил премия

Гӏагарал мугӏрузда юхьун ятана,

Бихьанщиналда тӏад гьезул шал чӏвана.

Кӏудияб гьаб дунял гьитӏинлъун ккана,

Гьитӏинаб доб росдал дуниял цӏуна.

(«Макьилъ йоржунаан дун»)

Гьитӏинабго кочӏол гьаб ахирисеб куплеталъ бицунеб буго халкъияй шагӏиралъул шигӏрабазул тӏадегӏанлъиялъулги борхалъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьей даим ритӏухъайлъун хутӏун йиго рекӏел ахӏилъун лъугьарал ва хутӏарал жиндирго шигӏрабазул аслияб темаялъе — гьитӏинаб ватӏаналде бугеб кӏудияб рокьуе. Гьеб рокьуца ячана шагӏир жиндирго шигӏрабазул тӏогьазухъе…

«Россиялъул меседил перо» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб къецалъул хӏасилалда рекъон, Северияб Кавказалъул шагӏирзабазул «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» («Созвездие родственных душ») абураб тӏехь мустахӏикълъана В. Шекспирил литературияб премиялъе. Гьеб тӏехь данде гьабун буго Северияб Кавказалъул ункъо шагӏирасул кучӏдуздаса, гьездаго гъорлъ йиго Баху-Меседу Расуловаги. Тӏехьалда буго Валерий Латыниница гӏурус мацӏалде буссинабураб гьелъул 31 кечӏ, гьездаго гъорлъ, Москваялъул композитор Леонид Шумскияс бакъанги хъван, Россиялъул эстрадаялъул кочӏохъан Галина Улётовалъ ахӏулеб «Гьорол сайгъат» («Ветер») абурабги кечӏ:

«Гьорол сайгъат»

Гьороца бачӏараб сардил сайигъат –

Макьу щунгутӏигун къеркьолей йиго.

Басриял каваби къир-къиризарун,

Къватӏие гьороца ахӏулей йиго.

Къватӏий яккичӏони, рокъой биччаян,

Къараб нуцӏихъги чӏун, гӏодулеб буго.

«Гӏинкълъун» чӏарай дида ццидахараб гьелъ

Гьалмагълъун хӏалае ахӏун щвана цӏад.

Гьуригун тӏадрекъон, гӏодана гьебги,

Магӏил гарал руго горда кӏетӏолел,

Тӏохда кьурдул наку буго бачунеб,

Гонгалги чӏаголъун руго гаргалел.

Гьороца бачӏараб сардил сайгъатгун

Гъаримго столалде гӏагарлъана дун.

Бацӏцӏадаб тӏанчиде гъенана хӏарпал,

Хӏенехӏцин хутӏичӏо чӏамучӏаб унтул.

2015 соналда тӏобитӏараб исламияб темаялда хъварал кучӏдузул къецалда бергьаразулъ бугеб «Тӏупандай тӏелеб» кечӏги буго «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» тӏохьода.

Тӏупанадай тӏелеб

Илбисалъ гуккарай Хӏава сабаблъун,

Хӏалкӏолес ракьалде витӏана Адам.

Къайисил къосараб наслу сабаблъун,

Къадирас тӏупан тӏун, гъанкъана гӏалам.

Гӏелин ккун батила халкъ бижарасда

Хадур рачӏунезе чӏагояб мисал.

Чӏелин диналдаян хьул лъун батила,

Нухӏил гамида тӏад хвасарлъунщинал.

Хвана дол. Сверана сонал, гӏасраби,

Гӏасилъи цӏилъана цӏиял гӏелазулъ.

Цӏаял гъуна рагъул, гъурана халкъал,

Гъарачагӏи чиналъ кӏодо гьаруна…

Гӏарасаталъул къо тӏаде щвезегӏан

Тӏадегӏанас гӏалам гьадиндай телеб?

Гьадабщинаб мисал гӏадахъ босичӏин,

Гӏурулъ тӏерхьинелъун тӏупандай тӏелеб?!

Руго гьенир «Зоб-ракьалъул рокьи» («Любовь земли и неба»), «Рекӏел тахшагьар» («Прописка души»), «Бекьулареб ракь» («Земля под асфальтом»), «Талихӏалъул кӏулал» («Ключи от счастья»), «Хӏедул хӏарпаз басуна» («Древний смысл»), «Кьвагьи» («Взрыв»), «Макка», «Ихӏсан» ва цогидалги кучӏдул.

Баху-Меседу Расуловалъул тӏоцересел кучӏдул Гӏахьвахъ районалъул «Заман» газеталда рахъизе байбихьаралдаса 50 сон сверула исана. Гьеб 50 соналда жаниб шагӏир, хъвадарухъан ва публицист Расуловалъ къватӏибе биччан буго 43 тӏехь — 16 магӏарул мацӏалда, 5 гӏурус мацӏалда, 6 кӏаралазул мацӏалда, анцӏго батӏияб мацӏалъул тӏасарищарал асаразул тӏехь, лъабго гӏелмияб тӏехь (гьездаго гъорлъ лъабго мацӏалъул словарь), гӏурус ва дунялалъул цогидал мацӏазде буссинабураб анцӏго тӏехь, Баху-Меседул хъвадарухъанлъиялъул хӏакъалъулъ гӏурус, магӏарул хъвадарухъабазги цӏалдолезги хъварабщинаб данде босараб кӏиго тӏехь («Эхо» — гӏурусалъ ва «Шигӏрияб пагьмуялъе пероцоязул къимат» — магӏарул мацӏалда). Рехсараб 43 тӏехьалъул сияхӏалда гьечӏо, шагӏиралда жиндаго лъачӏого, цогидаз къватӏире риччарал гӏаммал тӏахьал: Ригаялда къватӏибе биччараб «Планета поэтов» («Шагӏирзабазул дунял»), Ростовалда къватӏибе биччараб «Рокьул асар» («Любовное настроение»), Москваялда къватӏибе биччараб «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» («Созвездие родственных душ»). Баху-Меседуе гьел тӏахьал гьез жидецаго ритӏун рачӏана.

Шигӏрияб нухлул байбихьуда «Дир гӏагараб росулъ рогьалил заман», — Кӏаратӏа росдал хӏакъалъулъ хъвалей йикӏарай школалъул цӏалдохъаналъ нахъа тана халатаб творчествоялъулаб нух. Гьелъул магӏарул мацӏ бечелъана, ДГУялъул филфакалъул РДОялъул отделениялда цӏалулелъулги, «Багӏараб байрахъ» («Хӏакъикъат») газеталда ва магӏарул радиоялда хӏалтӏулелъулги.

2004 соналъул июлалда бахъараб «Хӏакъикъаталда» Баху-Меседул цӏиял кучӏдузе цеберагӏиялда М. Патахӏовас гьадин хъван буго:

— Баху-Меседу Расуловалъул цӏар дида тӏоцебе лъана къоло щуго соналъ цебе. Ракӏалда буго доб мехалъ «Багӏараб байрахъ» газеталда рахъун рукӏарал гьелъул «Накӏкӏ», «Мугӏрул лъар» кучӏдул. Хадуб нижер лъай-хъвай ккана Дагъистаналъул гӏолохъанал хъвадарухъабазул мажлисалда. Гьенир гьелъ цӏаларал «Дунни анцӏила микьилъ», «Тӏабигӏаталъулгун гаргар», «Мугӏрул лъар» ва цогидалги кучӏдузе магӏарулазул машгьурал хъвадарухъабаз лъикӏаб къимат кьун букӏана.

Хадуб анцӏгогӏан соналъ ниж цадахъ хӏалтӏана магӏарул республикаялъулаб газеталда. Къойидаса къойиде, соналдаса соналде шагӏир, хъвадарухъан, журналист ва таржамачӏужу хӏисабалда рагӏизе, машгьурлъизе лъугьана Расуловалъул цӏар магӏарулазда гьоркьоб. Гьеб ункъабго махщел, щибго цоялъ цоялъе мукъсанлъи ккезе течӏого, цадахъ бачунеб буго Баху-Меседуца. Бокьарав махщелчиясе захӏматаб жо буго жив цо чиясдаса ватӏа вахъулеб, батӏаго жиндир гьаракь рагӏулеб къагӏида батизе. Гьелъие бищунго цебе гьунар хӏажалъулеблъиги лъиениги балъголъи гуро. Гьеле гьеб гьунар букӏиналъ кӏвана Баху-Меседуда жиндир рагӏиги, рагӏул магӏнаги, жиндиего хасиятаб лъалкӏги букӏин адабият бокьулезда бихьизабизе.

Лъугьинаро дун Б.-М. Расуловалъул асаразе къимат кьезе, гьелъул цӏиял кучӏдузе хъвараб гьаб гьитӏинабго цеберагӏиялда. Рехсон тела Баху-Меседул кучӏдул цӏалидал, Расул Хӏамзатовас хъварал гьал жугьаби:

Баху Расулова, йихьун дида мун,

Дагьа-макъай гурей, жеги лъаларо.

Жакъа дун вуссана сапаралдаса,

Саламгун баркала буго дир дуе.

Гьабсагӏат цӏалана «Гьудуллъиялда»

Цогидазда гьоркьор дур асаралги.

Лъица гъоб абураб магӏарул кочӏол

Куркьбал хӏулун ругин, гьел мекъи руго.

Дие рохел буго. Цӏалана, лъана

Цӏияй шагӏир гӏуна Дагъистаналда.

— Баху-Меседу Расуловалъул магӏна бугел кучӏдул кидаго рукӏана. Рукӏана гьел тӏоцере хъвалеб заманалдаго. Рукӏана гьел гьей Литинстуталда цӏалулеб мехалдаги. Дица хӏикмалъи гьабулеб жо буго гьелъул поэзиялъул мацӏ циндаго роцӏунги, цӏикӏкӏунги, цӏакъго берцинлъунги бачӏиналда. Жидерго росдал, кьибил цо бугониги, батӏияблъун ккараб мацӏниги, мацӏалъул сверелниги бугел чагӏазе, болмацӏалда хъвадарулелъул, квекӏен ккечӏого букӏунаро. Баху-Меседул мацӏилан абуни, я малъ кӏутӏичӏого, я галадичӏого чӏалде бачӏун буго. Хасалихълъиялъул кечӏалда «Макьихунеб бакъул кӏухӏалаб гьими» абураб сипат гьабиялъги бицуна кинаб макъамалде Баху-Меседул поэзия бахун бугебали, — йилан хъвана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабасил Мухӏамадица 2001 соналъул июналда «Хӏакъикъат» газеталда бахъараб макъалаялда.

Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Валерий Ганичевасги тӏадегӏанаб къимат кьуна магӏарул шагӏиралъул гьунаралъе:

— «Канатоходкаялъул» автор ккола тӏадегӏанаб шигӏрияб махщалил шагӏир. Гьелъул гьунаралъулъ цӏунун буго гӏурусазулгун дагъистаниязул классикаялъул рорхалъабазе ритӏухълъи.

Гьебго данделъиялда гӏурусазул шагӏир В. Г. Бояриновас Б.-М. Расуловалъе кьуна «Канатоходка» тӏехьалъул тӏадегӏанаб шигӏрияб махшалие гӏоло А. С. Грибоедовасул цӏаралда бугеб Тӏолгороссиялъул литературияб премия ва «Россиялъул адабияталъулъ лъураб бутӏаялъе гӏоло» медаль.

2012 соналда Ригаялда къватӏибе биччараб 40 батӏияб улкаялдаса шагӏирзабазул кучӏдуздаса данде гьабураб, гьедигӏанасел улкабазде жиб щолеб «Шагӏирзабазул дунял» («Планета поэтов») тӏехьалда лъикӏаланго бакӏ кьун буго Баху-Меседул кучӏдузе. Гьеб тӏехьалда руго тӏолабго дунялалъул ургъел-пикру гьабун хъварал жугьаби.

2015 соналда «Россия – исламалъул дунял» («Россия – исламский мир») абураб халкъазда гьоркьосеб гӏуцӏиялъ лъазабураб исламияб темаялда хъварал кучӏдузул къецалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Б.-М. Расуловалъул кучӏдуз. 2016 соналда Казаналда гьелъие кьуна гьеб къецалда бергьиналъул дипломги «Россия – исламалъул дунял» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб премияги.

«Россия – исламалъул дунял» къокъа гӏуцӏун букӏана 2006 соналда Евгений Примаковас ва Татарстаналъул президент Минтимер Шаймиевас. Байбихьуда гьелда гъорлъе унел рукӏун ратани цӏикӏкӏарасеб халкъ бусурбаби ругел Россиялъул тӏолалго республикабиги СНГялъул улкабиги, 2010 соналде гьелде гъорлъе рачӏана дунялалъул тӏолалгогӏан исламиял улкаби.

«Алеф» басмаханаялда кватӏичӏого къватӏибе бачӏине буго гӏурус мацӏалде руссинарурал тӏолалго тӏахьаздаса тӏасарищарал кучӏдулги, гьезул щибалда цадахъ магӏарул мацӏалъул кучӏдулги ругеб бицатаб тӏехь. Хӏадур гьабулеб буго Живодар Душковас болгар мацӏалде руссинарурал кучӏдузул гьитӏинабго тӏехьги.

Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Журналистазул союзазул член, Россиялъул литературияб фондалъул член, Тӏолгороссиялъул ва Халкъазда гьоркьосел литертатуриял премиябазул лауреат, ДРялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Баху-Меседу Расулова мустахӏикълъана «Россиялъул адабияталъулъ лъураб бутӏаялъе гӏоло» медалалъе (2011 с.), имам Шамилил цӏаралда бугеб медалалъе, Азербайжан Республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул хӏурматалъулаб дипломалъе (2010 с.), Волоколамскалда тӏобитӏараб Тӏолгороссиялъул шигӏрияб фестивалалда гӏахьаллъарай гьей мустахӏикълъана «Тӏадегӏанаб шигӏрияб махщалие гӏоло» дипломалъе, ДРялъул Пачалихъалъул Советалъул Хӏурматалъул грамотаялъе, Кавказалъул халкъазул халкъазда гьоркьосеб конгрессалъул хӏурматалъул грамотаялъе.

2014 соналъул 3 марталда ДРялъул бетӏерасул №52 хӏукмуялдалъун Баху- Меседо Расуловалъе кьуна ДРялъул халкъияй шагӏир абураб тӏадегӏанаб цӏар.

Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялда буго бахъизе хӏадур гьабураб Баху-Меседул кӏиго тӏехь. Гьел тӏахьаздаса цо-цо цӏиял кучӏдулги рахъила гьанир.

Шамай Хъазанбиева

Ритӏухълъи

Гӏолохъанаб гӏелалъул

Гӏанчӏал кунчӏарал къоял,

Гӏунараб херлъиялъул

Хвалил махӏ чӏварал сардал.

Гӏолиллъи – тӏогьолаб их,

Херлъи – гӏунараб хасел.

Гӏаздакь кьижарал гӏорал,

Макьилъ гьимулел хварал.

Хасалил херлъи хисун,

Их цӏидасан белъула,

Цӏер биигун, тӏабигӏат

Гӏидра-тӏегьалъ гвангъула.

Гӏаздалаб макьуги тун,

Гӏор гӏедерго чвахула,

Чвахалаби гарула,

Гонгал-иххал хъудула…

Гӏарасаталъул къоялъ

Хварал тӏаде рахъуна.

Тӏадегӏанасда цере

Тӏолалго ращалъула.

Тӏогьол их даимлъула,

Гӏаламго гӏолиллъула,

Гӏамал бихьун, гӏумруги

Ритӏухълъиги Дос кьола.

Тӏадегӏанасул хӏикмат

Борхатаб мугӏрул тӏогьиб

Тӏогьилаб кьуру буго.

Тӏадегӏанасде гӏин бан,

Гӏаздалаб тӏогьги буго.

Гӏубил кьурул кьватӏелаз

«Кьвари», — йилан хъван буго.

Кьватӏелалъа рецӏцӏулел

Рацӏцӏадал иццал руго.

Роцӏараб зоб борлъулеб

Тӏогьиб цо тӏавус буго.

Тӏадегӏанас ракьалда

Гӏуцӏараб алжан буго.

Гӏицӏал кьурабалъ рещтӏун,

Кьер берцинаб хӏинчӏ буго.

Хӏайранлъулеб берцинлъи

Хӏалкӏолес бижун буго.

Хӏалкъараб шагьаралда

Доб Алжан рехун тарал.

Умумузул магӏишат

Рекӏей гӏечӏел, тохлъарал.

Ракӏ мугӏрузухъ гӏодулей

Дунги гьезул кьеразулъ,

Кьалбаз гьаний ккурай дий

Гӏодунго щай мугӏрузухъ.

Динияб дуниял гӏун йикӏина дун

Дунявиябщинаб тарабин рехун,

Баху риханщинал рукӏа, нуж, рохун.

Ахират босила, халваталъуй чӏун,

Чӏаго йигониги, йикӏина дун «хун».

Динияб дуниял, дур парахалъи!

Халват хириязул рекӏей эркенлъи!

Халикъасе сужда, васасе хъулухъ,

Шукру Аллагьасе, къоял кьуралъухъ.

Къуръан-хӏадисалъул хӏурупазул нур,

Хӏалкӏолесде рокьул тӏораз цӏураб хур.

Холарез, хачадун, гьабе дуниял,

Дие гӏела дунял гӏицӏго динияб.

Росдал мацӏ

Эбел йокьичӏев чи ракьалда вугищ?!

Эбелгӏан росдал мацӏ бокьула дие.

Эбелалъул рахьгун, расандабигун

Бахул бидулъ рекӏелъ бессараб рокьи!

Эмен хиралъичӏев инсан вукӏунищ?!

Эмен- магӏарул мацӏ дие хирияб.

Магӏарул мацӏалда цӏалана тӏахьал

Тӏоцере школалда дун – Расуловалъ.

Эбел йокьунилан, кьогӏлъулищ эмен?!

Эмен хиралъанин, рихунищ эбел?!

Росу бокьарасе бокьула кьибил,

Кьолбол тарих цойин магӏарулазул!

Загьруяб борохь — жахӏда

Бечелъи-чин кӏудиял чияр квердаса хвана,

Бичас берцинлъи кьураз

кьогӏаб гӏазаб чӏамуна.

Чӏегӏераб борохь –

жахӏда жемана гьунаралда.

Гьундул чӏахӏияз загьру

тӏуна ритӏухълъиялде.

Чан гӏасру свераниги,

согӏлъи-гӏасилъи свинчӏо,

Гӏасрабазул гъатазукь

гъапуллъун зулму чӏечӏо.

Юсуп Гӏалайгьиясда гӏемераб къо бихьана,

Гӏоштӏоца бетӏер къотӏун,

Чӏохъа Башир къанщана.

Бахӏарчи ханзабазул хиянаталъ вухӏана.

Хӏалхъубаца Хӏамзатбег,

хӏиллаги ургъун, чӏвана.

Чӏвай пагьму бугьтанаца,

бегьуларелъул гьунар.

Гьоцӏиб мацӏазул цӏадухъ

кье гьезухъе чагъана.

Кьвагьдолеб буго ракь

Кьвагьдеяз мехтараб ракь

Жибго кьвагьдолеб буго.

Гьелъул ургьиса къватӏиб

Хӏари беролеб буго.

Гьалдолеб гьелъул гӏораз

Гӏаламго бухӏиладай?

Хӏалкӏолев гурхӏичӏони,

Чӏаго чи хутӏиладай?!

Бичасул цо кьвагьиялъ

Кьин чӏела дунялалда.

Дагьалда гӏей гьабичӏеб

Гӏалам ракьулъ тӏерхьина.

Рекӏел пири

Бакараб кан гуреб, канаб моцӏ гуреб,

Кинаб нуралъ къаси гьаб рукъ гвангъараб.

Гъасда цӏадул гуреб цӏорой хӏинкъулеб

Хӏикматаб хинлъи щиб ханлъи гьабулеб.

Хасел бакьулъгийищ, бекьун, тӏегь гӏолеб,

Тӏогьолаб хурго щиб дир къараб гордукь.

Тӏегьараб тӏогьол махӏ кин тӏибитӏулеб,

Тӏабигӏат кьижараб кьиндалил гӏужалъ.

Квен кваналалдего, кинан гӏорцӏулел,

Киналго нигӏматаз рукъ кинан цӏолеб.

Лъимго гьекъечӏого, къеч кин буссунеб,

Гьекъезе замзамул ицц кин беролеб.

Къаси бецӏаб сардилъ рукъ гвангъилариш,

Къуръаналъул аят рагӏун цӏалидал.

Цӏорой хӏинкъилариш, хӏикматаб Тӏохьол

Тӏадегӏанаб нуралъ ракӏ асирлъидал.

Гӏаздал гъатги тӏогьол байданлъиларищ,

Тӏегьараб иманалъ асар гьабидал.

Гьуинал махӏалги тӏиритӏиларищ,

Гьардарасул асар кодоб босидал.

Квенго кваначӏого, ракӏ гӏорцӏиларищ,

Рекӏел тӏинда иман тӏегьараб мехалъ.

Тӏолалго нигӏматаз дир рукъ цӏеларищ,

Цӏалулел сурабаз сорозайидал.

Лъимго гьекъечӏого, къеч буссинарищ,

Къуръан цӏалулелъул магӏу чвахидал.

Цӏорораб замзамул ицц баккиларищ,

Зикру бачунелъул, черх цӏунцӏрахидал…

Бакараб кан гуро, канаб моцӏ гуро,

Рухӏияб нур буго дир рокъоб гвангъун.

Гъасда цӏадул гуро, цӏорой хӏинкъулеб

Хӏикматаб гьаб хинлъи – Бичасде рокьи.

Сабаб бате, Бетӏергьан

Гьаб гӏалам бижарав гӏазизав Аллагь,

Гӏазаб кьезе тоге гьаб лъимералъе.

Мунагь-хатӏа гьечӏеб лъимер гӏодидал,

Гӏодоре гирула дир магӏил гарал.

Гургинаб гьесул черх бас-басунелъул,

Рекӏеда хӏунсула тӏолалго рукӏкӏби,

Рукӏкӏалаби рана дир ияхӏалда,

Хӏалкӏолев, хӏур чӏана дир сабруялда.

Гьаб гӏалам бижарав гӏазизав Аллагь,

Гӏажизаб лъимадул гӏоди рагӏулищ?

Рукӏкӏби къазарулеб щибаб лахӏзаталъ,

Гьелъ гьарулел гьаркьал Дуде щоларищ?

Авал-ахир гьечӏев гьардарав Аллагь,

Гьардухъан къойилго дун дуда цее.

Гьаранщинаб кьуна, алхӏамдулиллагь,

Кье гьасие сахлъи, бате цо сабаб.

Дир берзул канлъиги лъимадуе кье,

Беццлъаниги, сужда ракӏалъ гьабила.

Дунялги бихьана гӏумруги лъана,

Гӏемер хъвадарана, цӏалана. Гӏела.

Дир бохдузул сахлъи босун гьасий кье,

Сужда Дуй гьабила, гӏодой чӏовухъе.

Диесел сапарал, сухъмахъалги кье,

Сабурго йикӏина дун дирго гъасда.

Гьаб гӏалам бижарав гӏазизав Аллагь,

Гӏузрабигун сабаб цохӏо Дудаса.

Сабру кье, Бетӏергьан, бетӏерги сахлъун,

Нух битӏун раче ниж Китаялдаса.