Халкъияблъун лъугьараб нухалъе цӏакъ хӏажат буго халкъалъул квербакъи

1985 соналда Г. Хӏайбулаевасул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб «Гӏумруялъул нух» абураб гӏуцӏиялъ байбихьана Махӏачхъала – Болъихъ нухлул Генуб – Чӏиркъатӏа бутӏа къачӏазе.

Магӏарул анлъго районалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул рохалие гӏорхъи букӏинчӏо, 2006 соналъул 6 сентябралда гьеб нух къачӏан бахъиндал, 100 километралдасаги цӏикӏкӏун манзилалъ къокълъана нух. Гьединго нилъеда лъала кин умумуз, техникаги гьечӏого, лъундуз, булдуз, гузбуз, гьецӏокъалъ гьеб нух гьабун букӏарабали. Нухлул цо-цо бутӏабазда кьоял ралелъулги гьез хӏалтӏизарулаан, масала, рельсал. Нилъер республикаялда гьединал мисалал гӏемер руго. Машинадул нухдаги «балкон» гьабизе хӏалтӏизарулаан рельсал. Гьединал къачӏарал нухал ратула Чӏараде ва Гъуниб районазде унаго. Дол нухал жеги хунги гьечӏо, гьенир рарал кьоялги щулаго руго. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго араб гӏасруялъул 20-30-абилел соназ умумуз гьабураб Бузнаса нухлулги. Гьеб нухлул кӏудияб гуреб бутӏа хутӏун буго хвечӏого.

Масала, 1927 соналда Унсоколо районалъул Генуб росулъа Бартиханов Мухӏамадица бараб кьо жеги хьвадизе бегьулеб хӏалалда буго.

Захӏматал шартӏазда Сулахъ гӏурул рагӏалдасан гьабураб «Гӏумруялъул нух» букӏана мугӏрузулабги гӏодоблъиялъулабги Дагъистан цолъизабулеб цого-цо бугеб бухьенлъун.

Чӏахӏияб гӏелалъул гӏадамазул биценазда рекъон, Москваялъул вакилзабигун гьеб нухдасан ана Гӏабдурахӏман Данияловги.

Кӏиго оцги бан, гьоко бачун бажарунгутӏиялъ, цояб оцол бакӏалда гӏадамал рукӏунел рукӏун руго, нухлул цо-цо бакӏаздасан унелъул. Гьеб нух унаан Гӏандигӏурул рагӏалдасан, Сулахъ гӏурул кваранаб рагӏаллъиялдасан, хадуб – Хъарани, Ишкӏарти росабазул рагӏалдасан Темирхан-Шура (Буйнакск) шагьаралде щвезегӏан.

Нух гьабизе бакӏги тӏасабищун букӏун буго свералаби гьечӏеб, бищунго къокъаб, гьава-бакъалъул бокьарал шартӏазде дандекколеб гӏадаб.

Магӏарулал лъелгоги гьаказдаги хьвадулаан гьеб нухдасан даран-базаралъеги. Амма гӏумруялъулго хӏалбихьилъун лъугьараб нух хадусел саназги жакъаги хутӏун буго кӏвар кьечӏеблъун, жакъа къоялъги цӏигьабун къачӏалеб бугониги.

Хӏамзатил Расулица абун букӏана, нилъеца аралда таманча речӏчӏани, бачӏунелъ гӏарада речӏчӏизе бугилан. Гьелъухъего, бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏо щай инженераздаги нухал гьарулел цогидал специалистаздаги, гендерил кьуруги борлъун, нус-нус миллиардалги хвезарун, нух бахъизе ракӏалде ккарабали. Бегьилаангури гьеб нух, гӏатӏидги гьабун, гьанжесел шартӏазде дандекколедухъ къачӏазе. Гӏарацги дагьаб харж гьабизе ккелаан, хехгоги лъугӏилаан нух къачӏан. Нухлул тӏасагъоркье балагьараб свериги букӏинароан, тоннелалдаса Генубе щвезегӏан бугеб гӏадаб.

Хасало санагӏалъи букӏунаро харил цӏурал машинаби хьвадиялъе. Зама-заманалдасан гьенисан нухги къан, Лавашасанги хьвадизе ккола, 100 километралдасаги цӏикӏкӏун нух тӏадеги тун.

2014 соналда мугӏрузул районазда гӏумру гьабун ругел гӏадамаз бакӏарараб гӏарцул кумекалдалъун байбихьана 30 км халалъиялъул, 12 метр гӏеблъиялъул Бузнаса нух къачӏазе нухал гьариялъул специалист Мухӏамад-Камил Дибировасул нухмалъиялда гъоркь. Цо нух бахъун тезе ракӏалдаги гьечӏо. Нухлулазе базе буго мажгитги. Амма мугӏрузул 17 районалъул гӏадамазул гӏумру лъикӏлъизабизеян планал рахъулеб ругеб республикаялъул хӏукуматалъул цо кепкилгӏаги кумек щвечӏо нух бахъизе гьабулеб хӏалтӏуе.

Жакъа къоялде гьабураб нухлул халалъи буго 17 км, гӏеблъи — 12 метр. Нухлул халгьабизе рачӏунезул къадар цӏикӏкӏунеб буго, хасго гьеб нухдасан жидерго районазде унезул.

Нижги щвана гьенире исана. Нижеда гьенир ратана Генуса, Хъахӏабросулъа ва цогидалги бакӏаздаса гӏадамал. Нух бихьизе рачӏарал киналго цӏакъ рази хутӏана гьабулеб бугеб хӏалтӏудаса. Амма нух бахъун лъугӏизабизе гӏолеб гьечӏо гӏарац. Нух гьабиялъул иш щун буго бищунго захӏматабин абизе бегьулеб бакӏалде. 4 км манзилалъул халалъи бугеб нух къачӏалелъул, рорлъизе, гӏанлъизе, кьвагьизе кколел руго кьураби. Кӏудияб хьул буго гӏадамазда нижер рекӏел ахӏиги гьариги рагӏилин. Гьеб мехалда, лъагӏалил ахиралда, чабахги бан, нух гьабун лъугӏизабизе кӏвезе букӏана.

Нухал рахъиялъе кумек гьаби буго цӏакъго кири кӏудияб хӏалтӏи. Кумек гьабизе бокьараз бухьен кквезе бегьула Мухӏамад-Камил Дибировасулгун. Гьеле гьесул телефоналъул номерал: 8-988-778-21-18, 8-918-595-29-76.

Нурмухӏамад Асхӏабов,

Гӏали Хӏабибов