Хӏурматиял бусурбаби. «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда тӏаде щвараб хирияб рамазан моцӏ.
Хирияв аварагасул хӏадисалда буго рамазан моцӏалъ алжаналъул нуцӏби рагьун рукӏунин абун. Гьединлъидал щивав чияс хӏаракат бахъизе ккела алжаналде рачунел гӏамалал гьаризе, гӏибадат цӏикӏкӏинабизе. Гьаб хирияб моцӏалъ нилъеда тӏадаб буго цохӏо кӏал кквезе гуребги, гьелдаго цадахъ хӏажат гьечӏебщиналдаса, чияе зарал-зиян гьабиялдаса рикӏкӏад чӏезеги.
Жакъа нилъеда аскӏор гӏемер руго нилъер кумекалде ккарал. Гьединазе кумек гьабиги буго Бетӏергьанасда цебе нилъеда тӏадаб налъи. Хасго гьаб хирияб моцӏалъ гьединазе садакъа гьабизе Бетӏергьанас нилъее къуватги, сахлъиги, таваккалги кьеги.
Аллагьас квербакъаги лъикӏабщинаб гьабизе, хирияб моцӏалъул хӏурматги гьабун гьелдаса пайда босизе, Бетӏергьанасе гьабулеб гӏибадат цӏикӏкӏинабизе, Къуръан цӏализе ва гӏагарал-божарал рази гьаризе. Амин.