Гъизляр районалда ругел гъунисезул данделъи

«Тӏаде гӏолеб гӏелалъе патриотикиябгун рухӏияб тарбия кьей». Гьединаб темаялда тӏасан 13 маялда Гъизляр шагьаралда бугеб КЭМЗалъул залалда тӏобитӏана гьеб районалда гӏумру гьабун ругел гъунисез данделъи. Ракӏалде ккун букӏана гӏезегӏан районцоял ругел шагьаргун районалдаса гӏемерал гӏадамалги гӏахьаллъун, ругел масъалабиги дандран, политикаялъулгун рищиязулги бицинчӏого инин тадбирилан. Амма хӏакъикъат дагьаб батӏияб ккана. Сагӏат цо тӏубайдал тӏобитӏизе хӏисабалде босун букӏараб данделъи, кинабалиго гӏиллаялдалъун байбихьана сагӏаталъ кватӏун. Гьеб нилъ ругьунаб низам бугониги, данделъиялде рачӏарал гӏадамазул рикӏкӏен букӏана цӏакъ мукъсанаб, гӏаммаб куцалда 70-гӏанасев чи. Щай гьедин ккараб? Гӏуцӏарухъабазул гъалатӏищ гьеб, гӏадамазул гъира гьечӏолъийищ? Данделъиялде ахӏаразда гьоркьор рукӏана гьалбалги: Гъуниб районалъул бетӏер Ахӏмад Мухӏамадов, Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Кӏудиявмухӏамадов, Гъизляр районалъул бетӏерасул заместитель Владимир Кубенев, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор Гӏали Камалов, диниял идарабазул вакилзаби. Данделъиялда гӏахьаллъана гьениб гӏумру гьабулел гъунисезул цевехъан, Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи, 1996 соналда Гъизляралда ккарал пашманал лъугьа-бахъиназулъ бахӏарчилъиги къвакӏиги бихьизабурав Ахӏмад Саламовги. Гьес бицана гьадинабго данделъи 1992 соналда тӏобитӏун букӏиналъулги, гъунисел кидаго цебесеб кьерда рукӏиналъулги. Хадуб гьес рагӏи кьуна тадбир гӏуцӏарав жамгӏияв хӏаракатчи Шамил (Хӏажимурад) Ражабовасе. Гьес, щаялиго, данделъиги бачана гӏурус мацӏалда. Кӏалъазе вахъарав Ахӏмад Мухӏамадовас бицана районалда бугеб социалиябгун экономикияб ахӏвал-хӏалалъул, гъоркьиса хаслихъе жив бетӏерлъун тӏамидал экономикияб рахъалъ районалда беццизесеб хӏал букӏинчӏеблъиялъул ва исана пачалихъалда цебе районалъул налъи гьечӏолъиялъул, налогал ракӏариялъул рахъалъ лъикӏал хӏасилал рихьизарулел рукӏиналъул. Гьедин батани щай ва сундухъха 2015-2016 соназул хӏасилазда рекъон, экономика цебетӏеялъул рахъалъ районалъе цересел бакӏал кьун рукӏарал? Налогал цӏикӏкӏун ракӏаризе, экономика цебетӏезе байбихьун батани, районалъул щиб бутӏа цӏигьабураб? Хадубги А. Мухӏамадовас абуна Гъизляр районалда гъунисезул лъикӏаб хӏалалда хӏалтӏулеб 8 агрофирмаялъул ракьал-хъутаби ругинги. Амма квеш ккараб жо букӏана гьезул цониги вакил данделъиялде вачӏинчӏолъи. Районалъул бетӏерасда гьикъизе жойищ гьезул букӏинчӏеб ялъуни бицунелъухъ гӏинтӏамизе, хӏисаб гьабизе хӏажалъийищ букӏинчӏеб?

Цере рахъана Гъизляр ва Гъуниб районаздаса диниял церехъабиги. Гьез бицана тӏаде щолеб бугеб рамазан моцӏалъул, диналъул тӏалабал тӏуразе тӏадаб букӏиналъул, лъималазе гьитӏинаб къоялдасаго нахъе тарбия кьезе кколеблъиялъул, экстремизмгун терроризмалъул нухде гӏолохъанаб гӏел ккеялдаса цӏунизе тӏадаб букӏиналъул. Гӏолохъанаб гӏелалдаги гьеб калам рагӏичӏо, гьел данделъиялде рачӏун рукӏинчӏо. Чанго рагӏи абизе цеве вахъарав В. Кубеневас лъикӏаб къимат кьуна гьенир гӏумру гьабун ругел гъунисезе ва гьезул ишазе. Гьелда цадахъго гьес рехсана Гъуниб районалъул цо гӏолохъанчияс гьабураб такъсир (чи чӏвай) ва чангояв Сириялде ин. Данделъиялда кӏалъазе вахъарав Гӏали Камалов ккана магӏарул мацӏалда кӏалъарав цого-цо чи. Гьалбалги балагьун чӏезарун тадбир кватӏизаби гьес рикӏкӏана гӏадамазул адаб-хӏурмат гьабунгутӏилъун. Районалъул хӏакъалъулъ бицунаго, Камаловас абуна гӏемерал къадруял гӏадамал рахъараб Гъуниб район, ахираб заманалда цоясдаса цояв бажари гьечӏев нухмалъулевги вачӏун, кинал рахъал росаниги, гьабсагӏаталда ккун бугеб бакӏалда лъезе цӏарцин лъаларин. Жакъа магӏарухъ, Чӏохъ-Коммуна росулъ тӏобитӏулеб бугеб, чанго соналъ цере Сугъралъ-Чӏохъ нухда чӏварал полициялъул хӏалтӏухъаби ракӏалдещвезариялъе гӏуцӏараб тадбиралъул бицен гьабидал, гьес абуна гьениб тӏобитӏараб хасаб операциялда сверухъ ругин гӏемерал баян гьечӏел рахъал. Гьеб кӏудияб такъсир лъица гьабурабали жеги чӏезабун гьечӏин ва гьелъие цӏех-рехалъул идарабаз мухӏканаб хӏалтӏи гьабулеб гьечӏин. Данделъиялда кӏалъана Мухӏамадтӏамир Синдикъовги Хӏамзалав Хӏамзаловги. Гьез, музыкалияб алатги гьечӏого, цо-цо кечӏги ахӏана.

Хадубккун бокьилаан лъикӏаб мурадгун гьарулел гьединал тадбирал, цоцае хӏажат гьечӏел рецц-бакъал гьаризе, жалго рихьизаризелъун гьаричӏого, жакъа бугеб ахӏвал-хӏалги бихьизабун, гӏунгутӏаби лъугӏизариялъе ругел ресазулги бицун гьабизе хӏаракат бахъани. Гьеб мехалда гӏадамалги рачӏинаан, гьабулелъул магӏнаги букӏинаан.

Гьез бицана гӏуцӏарухъабаз музыкалияб алатги бачун кечӏ ахӏизе гьукъун бугин.

Гӏабаш Гӏабашилов