Дагьал церегӏан къоязда Волгоградалда тӏобитӏана тайпадулаб гӏи-цӏцӏаназул рахъалъ Тӏолго россиялъул выставка. Гьениб ни лъер республикаялдаса гӏияхъабазе щвана бищун гӏемерал шапакъаталги: 11 меседил, 9 гӏарцул ва 6 мазгарул медалал.
Бечедаб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна Хунзахъ, Гъуниб, Гумбет, Рутул, Буйнакск, Казбек ва Ахти районаздаса 15 батӏияб гӏи-цӏцӏани гӏезабулел магӏишатаз. Бищун гӏемер шапакъатал щвана «Сугъралъ» агрофирмаялъе ва Гумбет районалъул Цӏиликьа «Чед» абураб КФХялъе.
Цӏиликьа гӏияхъабазул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицун букӏана. Кӏудияб хӏаракаталда жидерго магӏишат цебетӏезабулел чагӏи руго гьел. Мисалалъе, гьабсагӏаталда гьел тӏаделъун руго «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гӏи гӏезабиялде.