28-31 маялда свалат-салам лъеяв Аварагасул асарал рачӏун рукӏана Бежтӏа росулъе. Кинабниги букӏана 26 асар. Мухӏаммад аварагасул яс Патӏиматил кверзул гьобоги, Халид-асхӏабасул къолденги, Билаласхӏабасул парччиги, аварагасулги Шамил имамасул заманалъулги хвалчаби ва цогидалги алатал. Гьездаго гьоркьоб букӏана Мухӏаммад аварагасул ботӏрол расги.
Республикаялъул нухмалъиялъулги хӏакимзабазулги хӏетӏе къанагӏатги чӏолареб бежтӏадерил ракьалда рещтӏана Аварагасул асарал – гьелдаса кӏудияб даражаги рохелги букӏунебго батиларо… Гьединаб пикругун къабул гьабуна Бежтӏа участокалъул росабазул жамагӏатаз гьеб тадбир. Аварагасул асарал церелъезе хӏадурана дагьалъ цебе бараб Спорталъул кӏалгӏа. Кӏигониги анкьалъ цебе байбихьана хириял асаралгун дандчӏваялде хӏадурлъизе. Сверухълъиялда рацӏцӏалъи гьаби гуребги, чӏагоял тӏугьдулги сокӏкӏун хӏадурана хириял калимаби хъварал игӏланал. Спорталъул кӏалгӏаялда хьолбохъ бана тӏадхъел бугеб халатаб жанахӏ — тӏаде рачӏарал гьалбадерие санагӏатаб бокӏон. Росулъе вачӏарав щивав чи кваназавизе къачӏана богорукъ. ННТялъул мухбирас бицухъе, бежтӏадерица кваназавуна 15 азарго гьобол.
Аварагасул асарал рихьизе рачӏунел гӏадамал гӏемерлъун, росдал дибирас бежтӏадерида гьарана цин гьалбадерие рес кьейилан абун. Цӏунтӏасагун Лъаратӏаса, Цӏумадасагун Унсоколоса, Хьаргабисагун Хунзахъа, Шамил, Гӏахьвахъ, Болъихъ районаздаса, ай киналниги районаздаса гьалбал къабул гьаруна бежтӏадерица. Асаразухъ балагьизе рачӏаразе рес щвана гьенир гӏуцӏарал цогидал тадбираздаги гӏахьаллъизе. «Щивав бусурбанчиясе хириял гьал асаразухъе зиярат гьабулел гӏадамал пикрабаз рачуна нилъер аварагасги асхӏабзабазги гӏумру гьабулеб букӏараб заманалде. Жакъасеб халкъалъул гӏумру дозул гӏумругун дандекквезе тӏамула, гьезда релълъине таваккал тӏамизабула, ракӏ гьесизабула баракатаб гӏумру гьабизе. Гьадинал тадбираз гъункизарула республикаялъул батӏи-батӏиял бакӏазда гӏумру гьабулел бусурбаби. Аслияб мурад – нилъ киналго цолъи ва ракьалда парахатаб ракълилаб гӏумру букӏин», — ан бицана Мугӏрузулаб территориалияб округалда вугев муфтияталъул вакил Казим Темирбулатовас.
Бежтӏа участокалъул бетӏер Хӏусен Хӏайбулаевас баркала кьуна муфтияталъеги шайих Ахӏмад-апандиеги гьединаб лъикӏаб ва пайдаяб тадбир гӏуцӏизе рес батаралъухъ.
«Шукру Аллагьасе, Алхӏамдулиллагь, жакъа бихьулеб буго моцӏ гӏанасеб заманалъ гьабураб хӏадурлъиялъул хӏасил. Дида ккола, дун макьилъ вугилан – киналго макьилъ ратила. Амма гьеб макьидаса рорчӏизего бокьилароан нижее. Гьадинаб мажлис киданиги букӏинчӏо росулъ. Аллагьас киназего сахлъи кьеги, иманалъ ракӏал къалъизареги, ахираталда батулеб гӏамалалъе тавпикъ кьеги», — ян гьарана росдал кӏудияб мажгиталъул имам Мурад Хӏажимурадовас.
28 маялдаса нахъе, телефоналдаса цоцазухъе ритӏун, росулъе рачӏине рес ккечӏел бежтӏадериеги гӏахьал гьабуна гьеб багьа къиматаб байрам. Рехселин аварагасул асаразухъе зиярат гьабизе рес щварал талихӏал бусурбабазул цо-цо пикраби.
«Кутакалда рази йиго хириял асарал рихьизе рес щвеялдаса. Гьезухъ балагьизе сонги жакъаги ячӏана дун, метерги ячӏина – Аварагасде гӏащикълъун йиго! Киназего сахлъи кьеги, ракӏалда ругел мурадал тӏураги», — ян рохел загьир гьабуна Хашархотӏаса Гӏисакъова Патӏиматица.
«Дун ккола Бежтӏаса, гӏумру гьабун вуго Махӏачхъалаялда. Аварагасул асарал эхеде щвезарулеб къокъаялда гъорлъ вукӏана дунги. Нухда нижеда дандчӏвазе рахъана магӏарул киналго районазул жамагӏатал. Шагьранухда тӏамун халичабигун, Аварагасде свалат битӏулаго, машинабазда тӏаде тӏугьдул ралаго, нухарегӏана гьез нижер къокъа. Гьеб буго нилъер аварагасул адаб гьабиги бусурбабазул цолъиги. Гьелъ дир ракӏалъе гьабураб асар загьир гьабизе рагӏабицин ратуларо.
Нижер росдал тарихалда меседил хатӏалъ хъван хутӏулеб ва жамагӏаталъе кӏудияб кӏвар гьабураб, гьеб гъункизабураб, гӏадамазул ракӏал гвангъизарураб тадбир буго гьаб. Кӏудияб баркала буго ДРялъул муфтияталъе, Аварагасул асаралгун нижехъе рачӏаразе, гьезул адаб загьир гьабун, Бежтӏе щварал цогидал районазулгун росабазул жамагӏатазе. Аллагьас нуж кӏодо гьареги!» — ян бицана Пахрудинов Рамазаница.
«Гьайбатаб лъугьа-бахъин, ма ша Аллагь! Нижее гьадинаб кӏочонареб асар сайгъат гьабуралъухъ киназего баркала! Аллагьас рази гьареги, хъизан-рукъалдаса рохун таги!» — ян гьара-рахьи гьабуна Хӏабсат Ражабовалъ.
«Рецц буго Аллагьасе, баркала гьаб тадбир гӏуцӏаразе! Жакъа хваниги ургъел гьечӏо. Бежтӏадерие гьаб рохел бачӏарал киналго Аллагьасги рохизареги. Нижеда киданиги ракӏалда букӏинчӏо гьадигӏан кӏудияб талихӏ бихьилин абун», — ин бицана Патӏимат Гӏарадаховалъ.
Бежтӏа ункъо къо бана хириял асараз.
Кавсарат Сулейманова