Гӏолохъанал гӏалимзабазул ва хӏафизазул иргадулал къецал тӏоритӏана Хасавюрт шагьаралъул Сагӏидбег Даитовасул цӏаралда бугеб исламияб университеталда. Гьезда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса исламиял цӏалул идарабазул тӏалибаз. Кидаго гӏадин, исанаги къецал тӏоритӏана лъабго бутӏаялдеги бикьун: исламияб гӏелмуялъул (фикъгьи), Къуръан рекӏехъе цӏалиялъул (хӏифз) ва битӏун как баялъул.
Къецазда гӏахьаллъи гьабуна 270 гӏолилас.
Къецазул ахирисеб къоялъ гьениве вачӏана шагьаралъул бетӏер Коргъоли Коргъолиев, хӏурматияв гьобол хӏисабалда гьениб гӏахьаллъи гьабуна Казбек районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаевас.
Шагьаралъул бетӏерасул цӏаралдасан кӏалъазе вахъарав шагьаралъул администрациялъул бетӏерасул заместитель Ражаб Генжаевас абуна жал рохарал ругила гьадинал къецал нилъер шагьаралда тӏоритӏулел рукӏиналдаса. Гьелъ квербакъи гьабулила нилъ киналго цолъиялъеги цоцада ричӏчӏиялъеги.
Къецазда гӏахьаллъараздаги, гьеб гӏуцӏараздаги, гьоболлъухъ рачӏараздаги ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-афандил цӏаралдасан баркиялъул калам гьабуна гьесул заместитель Мухӏамад Мангуевас.
Гьединго, данделъиялда кӏалъазе рахъарал Ингушетиялдаса муфтиясул кумекчи Ахӏмад Расуевасги, Казаналъул исламияб университеталъул халкъазда гьоркьосел бухьеназул отделалъул нухмалъулев Оймахӏмад Маликовасги, Россиялъул гуманитарияб институталъул ДРялъул филиал Нухӏ-Къади Бахӏмудкъадиевасги, Чачан Республикаялъул хӏукуматалъул департаменталъул директорасул заместитель Исмагӏил Эльмирзаевасги гьаруна гьара-рахьиялгун баркиялъул кӏалъаял.
Ахиралда кӏалъазе вахъана Сагӏидбег Даитовасул цӏаралда бугеб исламияб институталъул ректор Ахӏмад Гӏабдулатӏипов. Гьес бергьараздаги, призалъулал бакӏал ккураздаги баркана. Киналниги номинациязул финалалде рорчӏаразе щвана нус-нус доллар.
Финалиял къецазул ккана хадур рехсарал хӏасилал.
Гӏелмуялъул бутӏаялда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Махӏачхъалаялдаса Ахӏмад Гӏисахӏажиевас. Гьесие кьуна «Фольцваген-Поло» машина. Кӏиабилеб бакӏ ккуна Шамил Багъ- атаровас. Гьесие кьуна ноутбукги 3000 долларги. Лъабабилеб бакӏ ккурав Мухӏамад Сайпудиновасе кьуна ноутбукги 2000 долларги.
Гьел ккола шайих МухӏамадГӏарифил цӏаралда бугеб Дагъиста- налъул исламияб институталдаса гӏолилал.
Къуръан рекӏехъе лъай (хӏифз) бутӏаялда тӏоцебесеб бакӏ ккуна Мухӏамад Мухӏамадовас (Чачан республика, Курчалой шагьар). Гьесие кьуна «Лада-Гранта» машина. Кӏиабилеб бакӏ ккурав чачаназул Ахӏмат-юрт росулъа Салтаев Мухӏамадие кьуна ноутбукги 2000 долларги. Лъабабилеб бакӏ ккурав, шайих Мухӏамад-афандил цӏаралда бугеб Къуръан цӏализе малъулеб мадрасаялъул вакил Гӏамир Мухӏамадовасе кьуна 1000 доллар.
Как битӏун баялъул бутӏаялда тӏоцебесеб бакӏ щвана Мухӏамад Шахилаевасе. Гьесие кьуна Къуръанги 2000 долларги. Кӏиабилеб бакӏ ккуна Мухӏамад Гӏалижановас. Гьесие щвана 1500 доллар. Лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Аюб Нуралиев (1000 доллар).
Гьел киналго ккола Казбек районалъул Гуни росулъа, Сагӏидафандил цӏаралда бугеб мадрасаялъул мутагӏилзаби.
Ниязбег Алмахъский