Гьеб хъарщи чӏвалеб мехалда гьенире ун рукӏана Дагъистаналъул чанго батӏияб районалдаса чагӏиги, ай доб хъорщода цӏарал рикӏарал рагъухъабазул гӏага-божарал.

1942 соналда Малгобекалда гӏагарлъухъ чӏварал гьел араб бакӏ лъачӏого тӏагӏараллъун рикӏкӏунаан гьанжелъагӏан. Гъоркьиса августалда абуни, Моздокалъул «Поиск» абулеб къокъаялда гьел рагъухъабазул жаназабазул хутӏелал ратун руго Малгобекалдаса рикӏкӏад гьечӏого, Гъизляр росдал рагӏалда.

Ракьул щибаб кесекалъе гӏоло рагъ байбихьун буго гьениб 1942 соналъул хасалихъе. Гъизляр ва Малгобек росабазда гьоркьоб бакӏалда фашистазулгун рагъ гьабулеб букӏун буго гвардиялъул ичӏабилеб кьвагьдохъабазул бригадаялъ. Малгобек цӏунулеб букӏун буго кьвагьдохъабазул тӏоцебесеб батальоналъ. 1943 соналъул 3 январалда гьеб тӏубанго бацӏцӏад гьабуна фашистаздаса. Гьенив Дагъистаналдаса 32 рагъухъанги чӏван вуго.

Малгобек росдал бегавул Зубер Кусовас кьурал цӏарал мемориалияб хъорщода тӏад рикӏизе квербакъиялъул суал поисковиказ дандбана Моздок районалъул бетӏерасул заместитель Нурмухӏамад Будайчиевасда. Цинги гӏуцӏана оргкомитет. Гьелда гьоркьоре рачана бизнесмен Анатолий Юсупов, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда гьениб рагьун бугеб «Дагъистан» абураб миллиябгун культурияб централъул нухмалъулев Мухӏамад Гьиматов, поисковиказул къокъаялъул нухмалъулев Махӏмади Даулетов, «Дом быта» гӏуцӏиялъул директор Владимир Оганесов.

Гьел киназего цӏакъ рекӏее гӏуна Малгобекалдасаги Дагъистаналдасаги рагъухъабазул цӏарал даим гьаризе ккеялъул пикру. Мемориалиял хъарщал хӏадуризе Анатолий Юсуповасе заказги кьун, памятник цӏигьабулеб тадбиралде Малгобекалде рачӏаян газетал-журналаздасан, телевидениялдасан Дагъистаналъул росабалъе, шагьаразде ахӏи бана оргкомитеталъ.

Гьедин рачӏарал дагъистаниязда гъорлъ рукӏана, масала, Башир Тагиевасул лъималазул лъимал – Хив районалдасаги Зеленокумск шагьаралдасаги Мухӏамад, Рустам Тагиевал, Хӏажирамазан Ахӏмадов. Рачӏана Дахадаев, Гӏахъуша, Лак районаздаса дарги ва тумазул миллаталъул чагӏиги.

Араб бакӏ лъачӏого тӏагӏарал жидерго умумузул цӏарал гьечӏищ гьев 32 дагъистаниясда гъорлъали бихьизе Гъизилюрталдасаги бачӏун букӏана следопытазул къокъа – Султандибир, Мухӏамад, Гӏусман, Хӏамзат, Гӏали, Сайдула Гӏалиевал, Гӏали Пахрудинов.

1942 соналдаса нахъе таманаб заман аниги, жеги-жеги цӏехолел руго гӏадамаз жидерго гӏагаразул цӏарал. Цевехун рехсарав Махӏмади Даулетовасги бакӏалъул поиско- виказги гӏезегӏан хӏалтӏи гьабулеб буго гьеб рахъалъ. Ахираб чанго соналда жаниб лъабнусго чиясул цӏар тӏатинабуна гьез. Гьав 32 дагъистаниясул цӏар тӏатинабиялъеги гьел даим гьариялъеги квербакъи Мухӏамад Гьиматовасги гьабуна.

Моздокалда бугеб Дагъистаналъул миллиябгун культурияб централъул вакил Сулейман Жахаевас бицана Малгобекалда чӏваразда гьоркьоб цӏар батарав цо тумасул къисматалъул хӏакъалъулъ. Кули районалъул Хосрех росулъа Сагӏид Хӏусенов ккола гьев.

Хӏакъикъаталда абуни Сагӏид гьенив чӏван гьечӏо. Гьениса тӏадги вус- сун, 2021 соналда хун вуго.

Хосрехалдаса Хӏусайнил лъабго вас ун вуго рагъде – Рамазанги, Сагӏидги, Абачараги. Рамазан чӏван вуго гьенив, гьелда хадубго цун Сагӏид чӏваниланги бачӏун буго кагъат.

Магӏирукъги лъун, зигараялъ рачӏарал чагӏи кваназарулел рукӏун руго Хӏусайнил рокъор къаси мехалъ. Цо заманалда бецӏлъукьан ваккун цо батӏияв чиги вачӏун вуго гьениве кваназе. Мун Сагӏидида цӏакъ релълъарав вугилан гӏадамаз абидал, жив вакъуца холев вугин, кваназе квалк- вал гьабугеян жаваб кьун буго гьес.

Ахирги рокъове тӏадвуссарав Сагӏид ватула гьев. Кор боркьараб рагъулъ жиндир гьалмагъзабиги чӏван, гьев агълъизавун, лъавудаса уна. Ворчӏидал, сверухъ батула сихӏкъотӏи. Цинги бохдузда вахъун чӏезеги бажаричӏого, хӏалица хъурщун, санчасталде щола гьев, лъукъараб кверги пилоткаялда гъорлъ жемун.

Сахлъун хадув рокъовеги виччала Сагӏид.

Сулейманица бицана цӏакъ ракӏ лъикӏав, разияв чи вукӏанила гьев. Хадур гьесие гьаруна лъабго васги ясги, хӏалтӏулаан колхозалда. Сагӏидил махщел букӏана кучӏдул ахӏизеги, кьурдизеги, махсаро гьабизеги. Гьесул анищ букӏун буго живго вагъарал, жиндирго гьалмагъзаби къаникь щапарал бакӏаздеги щвезе. Амма гьебги тӏубачӏого хун вуго.

Сагӏидил цогидав вац Абачараги тӏад вуссана рагъдаса. Филологиял гӏелмабазул докторлъун вахъана гьев.

Гьединал мисалал жеги рехсана гьенир.

Памятникалда цере умумулги ракӏалде щвезарун, Моздокалъул имам Казбек Аскеровас хваразул рухӏазе дугӏаги гьабуна. Школлъималаз рагъулал кучӏдулги ахӏана.

Хадуб тӏобитӏана цоги тадбир. В. Оганесовасулги, М. Гьиматовасулги, В. Чупринилги квербакъиялдалъун гьениб гьабуна «Оборона Моздока» абураб радио-экспедиция.

Ф. Адилова, Моздок шагьаралъул собраниялъул депутат