27 маялда тӏолабго улкаялда кӏодо гьабула Библитекабазул къо. Гьелъул хӏурматалда исана библиотекабазда, музеязда, тӏахьазул тукабазда, культуриял центразда тӏоритӏана батӏи-батӏиял тадбирал.

Исана 11 нухалъ тӏобитӏулеб буго «Библионочь» абураб тадбир тӏолабго Россиялда.

2022 сон РФялда халкъазул рухӏияб бечелъиялъул ирсалъул сонлъун лъазабун букӏиналда бан, исана акция тӏобитӏана “Халкъиял гӏадатал” абураб цӏаралда гъоркь.

28 маялда “Библионочь — 2022″ тӏобитӏана Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялдаги. Гьеб сордоялъ гьенире ракӏарун рукӏана лъималги, гӏолилалги, ригьалде рахаралги.

Тадбир байбихьана, библиотекаялъул гьитӏинал цӏалдолезе сайгъат гьабураб тӏоцебесеб бутӏаялдасан. Гьелда цӏарги букӏана “Библиосумерки». Гьенир лъималазе хӏадурун рукӏана гӏемерал сайгъаталги.

“Анищалде данде роржен» абураб, сакъатал лъималазул клубалъул нухмалъулей Элла Хӏасановалъ гьитӏичазда бихьизабуна “Кайтагалъул накъищал» абураб хӏатӏгун хӏалтӏиялъул, гьелъул батӏи-батӏиял тӏагӏалаби гьаризе ругьун гьариялъул мастер-класс. Культуриял программабазул отделалъ гьитӏичазе хӏадурун букӏана “Хулжиниса мультфильмал» абураб сайгъат. Лъимал гъираялда ралагьана Цӏадаса Хӏамзатил “Гъалбацӏги гӏанкӏги», “Пилги цӏунцӏраги» ва Нурудин Юсуповасул “Гьавураб къо» абурал асаразул кьучӏалда, советияб заманалдаго рахъун рукӏарал мультфильмазухъ. Гьединго, гьитӏинал гьалбадерица гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул гӏадатазда ва маданияталда тӏасан гӏуцӏараб викторинаялдаги.

Сагӏат анкьгоялда байбихьана тадбиралъул аслияб бутӏаялде. “Библионочь-2022″ рагьана ДРялъул культураялъул министрасул заместитель Медина Жаватхановалъ. Гьелъ бицана гӏун бачӏунеб гӏелалъе патриотикияб тарбия кьеялъулъ ва нилъер рухӏияб ирс цӏуниялъулъ библиотекабазул ва гьезул хӏалтӏул бугеб кӏваралъул.

Тадбир нухда бачана библиотекаялъул культуриял программабазул отделалъул нухмалъулей Ольга Гӏалиевалъ ва краеведалъулгун миллияб адабияталъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Муртузгӏалиевалъ.

Тадбир рагьи берцин гьабуна “Лезгинка» кьурдул ансамблялъул школа-студиялъул кьурдухъабаз, ДГУялъул, МАДИялъул студентаз цӏаларал ва ахӏарал кучӏдуз. Балагьаразе цӏакъ асар гьабуна ДГУялъул халкъазда гьоркьосеб лъай кьеялъул факультеталда ва автодорожнияб колледжалда цӏалулел ругел, къватӏисел пачалихъаздаса рачӏарал студентаз цӏаларал ва ахӏарал кучӏдуз. Гьезул гӏемерисез гьанире рачӏун гӏемераб мех бан гьечӏониги, цӏакъ жигар бахъулеб букӏана берцин- го Расул Хӏамзатовасулги Фазу Гӏалиевалъулги асарал гӏурус ва жидерго рахьдал мацӏазда цӏализе. Каспийскиялъул №15 школалъул учитель Серайнат Гӏабдулаевалъ цӏалараб Расулил “Как» абураб кечӏалъ черхалда гъаргъар базабичӏев чи къанагӏатги хутӏун ватиларо залалда. Ахир лъуна вацал Салман ва Белек Гӏабасоваз ахӏарал “По горным дорогам» ва “Далалай» кучӏдуз.

Гьединго балагьаразда рихьизаруна машгьурай модельер Мунажат Хӏасановалъул “Хӏикматаб гъамас» абураб этноколлекциялдаса хӏалтӏаби.

Тадбир рагьиялъул хӏурматалда тӏобитӏулеб гьеб бутӏа лъугӏигун, гӏахьаллъарал рикьа-риххана тӏасиял тӏалабазда гӏуцӏун рукӏарал батӏи-батӏиял майданазде. Гьенир гӏуцӏун рукӏана Дагъистаналъул щибаб миллаталъул бокӏнал, батӏи-батӏиял махщелчагӏазул хӏалтӏабазул ва гьединго тӏахьазул церелъеял. Миллияб ретӏел-хьит ретӏарал васалгун ясал рихьидалги, ахӏулел миллиял кучӏдул цолъараб панаяб сариналъул сасалъухъ гӏенеккидалги, цоцахъа цоцахъе бегьун тӏилгун, тириго кьурдулел гӏолилалгун чӏахӏиязухъ балагьидалги кколеб букӏана гьеб сордоялъ миллияб библиотекаялда гьитӏинаб Дагъистан рагьун цебе лъун бугилан. Гьеб киналъго хӏайран гьавурав дида ракӏалде рачӏана кӏудияй шагӏиралъул гьал рагӏабиги:

Цоцахъа цоцахъе бегьун унеб цӏа,

Цоцаца цоцахъе бекун кьолеб чед,

Кьурдизе унелъул гьанир бертабалъ

Иргадал цоцахъе бегьун унеб тӏил

Тӏаде рачӏаразда цо-цо махщелчагӏаз рихьизарулел рукӏана тӏагӏалаби гьарулеб, тӏансаби-салмагал рессулеб къагӏидаялъул мастер-классал. Масала, щагӏил цӏа-рагӏ, расанкӏаби гьарулеб бакӏалда бугоан кӏудияб руккел. Аслияб къагӏидаялъ, гьелъухъ балагьунги жидецаго гьабизе хӏалбихьулелги ругоан гӏисинаб гӏел.

Хасго гьениб лъугьа-бахъунебщиналъул кӏудияб гъира букӏана улкаялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса рачӏарал гьалбадерие, туристазе ва къватӏисел пачалихъаздаса студентазе. МАДИялда цӏалулев вугев Сириялдаса Мухӏамад Салихӏица бицана:

— Дун гьаниве цӏализе вачӏаралдаса гӏемераб мех гьечӏо. Дида цӏакъ берцин рихьула Дагъистаналъул гӏадаталги, рукӏа-рахъинги, тӏабигӏатги. Амма къасисеб тадбиралдайин абуни дие Дагъистанги гьелъул гӏадамалги гӏатӏидго ва гъваридго рагьанин абизе бегьула. Гьанир ругел гӏажаибал махщелчагӏазул хӏалтӏабазги, гӏадамазда ретӏун бугеб миллияб ретӏелхьиталъги, квен-тӏехалъги, ихтилат-кепалъги кӏудияб асар гьабуна. Хасго рекӏелъе рортана гьобол хириял, адаб-хӏурмат бугел Дагъистаналъул гӏадамал, — ан.

Къанагӏатал тӏахьазул отделалъ гӏуцӏун букӏана XX гӏасруялъул байбихьудаго миллиял мацӏазда Дагъистаналда къватӏире риччарал, гӏажамалда ва латиналда хъварал тӏахьазул выставка. Гьенибго букӏана квералъ хъвараб Къуръанги.

Культуриял программабазул отделалъ гӏахьалчагӏи ахӏун рукӏана Р. Хӏамзатовасул “Магӏарулай» ва А. Абу-Бакарил “Адам ва Хӏава», “Чегери» асаразул кьучӏалда рахъарал фильмазухъ ралагьизе.

Киназулго ракӏ тӏаде цӏалеб бокӏонлъун гьениб букӏана “Литературияб годекӏан». Гьениб руккелги гьабун, иргадал жидеего рокьулел шагӏирзабазул асарал цӏалулел рукӏана гӏисиналги чӏахӏиялги.

Библиотекаялъул конференц-залалда тӏобитӏана цӏияб къагӏидаялда къватӏибе биччазе бугеб “Дагъистан» журналалъул презентацияги.

Миллияб ретӏел тӏад ретӏарал бихьинчиясулгун чӏужугӏаданалъул сураталъул тантамарескабазда (сурат бахъизе букӏине, къватӏибе гьумер баккизабизе каратӏ бахъараб стенд) цере чӏун суратал рахъичӏевги къанагӏатги чи хутӏун ватиларо гьеб сордоялъ.

Тадбиралъе ахир лъуна Рашид Багъатаевас ва Хиринду Султӏановалъ ахӏарал кучӏдуз.

12-ялдехун лъугӏана гьеб тадбир. Киналго гьениса къватӏире рачӏунел рукӏана рохалилаб асаргун. Гьеб лъугьана цӏакъ интересаб, гӏахьаллъанщиназе пайдаб дандеруссинлъун. Хасго гӏун бачӏунеб гӏелалда нилъер маданияталда хур- хун гӏемераб цӏияб жо лъана.

Мухӏамад Манапов