22 маялда Шамил районалъул Хӏебда росулъ тӏоритӏана ДРялъул Верховный судалъул членлъун гӏемерал соназ хӏалтӏарав Багъужа Гӏонжолов ракӏалде щвеялъул хӏурматалда спортивиял къецал. Бетӏерав судья Ахӏмад Чӏегӏеровасул рагӏабазда рекъон, тадбир ана гӏуцӏадго ва гӏахьаллъаразул гӏемерисез рихьизаруна лъикӏал хӏасилал.

Сабаб-багьанаги ккун бугелъул, бокьун буго, гьев лъикӏав инсанги ракӏалде щвезавун, цоги нухалда гьесул хӏакъалъулъ дагьабго калам гьабизе.

Цӏияб Лак районалде кӏанцӏун рукӏарал яргъид гӏуцӏарал хъачагъазе суд гьабулаго, Пятигорск шагьаралъул судалъул залалда, 2003 соналъул 17 июналда къадаралде щвана ДРялъул Верховный судалъул судья Багъужа Гӏонжолов. Доб заманалда гьев лъаларев, гьесул цӏар рагӏичӏев чи Россиялдаго вукӏун ватиларо.

Багъужалгун дир лъай-хъвай ккана мачӏадисезул рохьоб. Хахолчакмаялги, хӏалтӏул ретӏелги ретӏун, басриябго шляпаги лъун, кодоб гӏащтӏигун Дагъистаналъул Верховный судалъул судья Гӏонжолов вихьидал, дун гӏажаиблъун хутӏана. Дида бугеб хӏал бичӏчӏараб гӏадин, гьес абуна: «Кутакалин чӏарал хӏакимзаби ва диргун ишцоял отпускалъ курортазде уна. Гьидерил тӏалъиги гӏагараб росдал тӏабигӏатги дие сундасаго хирияб буго. Гьаниб щола дие лазатги рахӏатги», — ян. Мачӏадисез бицунеб рагӏунги букӏана отпускалъул заманалда Багъужа росулъе вачӏунин ва щибаб къойил гьев вихьулин рохьов цӏул къотӏулев яги магӏарда гамачӏ данде гьабулевин абун.

…Анкьго сон бан букӏана Багъужал эмен рагъде индал. Кӏиго соналдасан гьесул эбелалъухъе бачӏана магӏу бахъараб кагъат. Дол соназда кинавго чи вукӏана къварилъиялда, амма Багъужада букӏараб хӏалалъул бицунеб цо мисал бачина. Доб букӏана хасалил квачалъул махӏчӏвалеб кватӏараб хаслихълъи. Лъилалиго тӏадкъай тӏубазелъун, Багъужа цого-цо бугеб гурде-тӏаждалъ аскӏоб бугеб росулъе унев вукӏана. Росдадаса рикӏкӏад бугеб, Магӏалъа абулеб бакӏалда гьесда дандчӏвана кӏудадал имгӏал – Гьентӏаса Магӏазило. «Гьадин толохӏочго мун эбелалъгӏаги кин виччарав, дир вас», — ан абуна гьес ва, жиндасаго бахъун, гьесда ретӏана квасквасул куртка. Багъужаца гӏемер бицунаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ ва абулаан: «Гьеб куртка букӏана гӏумруялъго дие щвараб бищунго къиматаб сайгъат. Гьелъ хинлъизабула жакъаги дир черхги ракӏги», — ян.

Багъужал эбел Чучу йикӏана гьаюдизе лъалей гӏадан. Кьварарал магӏарул гӏадатазда рекъон тарбия кьун, гӏезавуна гьелъ цо вугев вас. Цӏализе витӏана учительлъун, жигар бахъана гьев гӏадамалъе вахъинавизе. Дол соназда росабалъ учительзабиги тохтурзабиги хӏурматиял чагӏилъун рикӏкӏунаан, гӏемерисезда лъазецин лъалароан цоги махщелал рукӏунеблъи. Багъужаца лъугӏизабуна Буйнакскиялъул педучилище ва хӏалтӏана гӏагараб росдал школалда учительлъун. Гьел соназда Багъужаца хӏукму гьабуна цебегосеб балъгояб анищ гӏумруялде бахъинабизе, ай юристлъун цӏализе ине.

Саратовалъул юридикияб институтги лъугӏизабун вачӏарав Багъужа тӏамуна Советский рай- оналъул прокуратураялъул следовательлъун. Кватӏичӏого гӏолохъанав юрист тӏамуна районалъул судиявлъун. Хадуб букӏана республикаялъ- ул Верховный суд. Хехго лъукъулеб ва асар гьабу- леб Гӏонжоловасул рекӏелъан ана судалъул щибаб дело, щибаб къисмат. Гьесул лъай-махщалие ва ритӏухълъиялъе мукӏурлъилъун рикӏкӏине ккола террорист Салман Радуевасе ва гьесул гьалмагъ- лъиялъе гьабулеб судалъе нухмалъи гьаби гьесда тӏадкъай.

Гьеб судалдаса хадуб «Народная газеталда» бахъараб «Приговор Радуеву – предупреждение всем террористам» абураб диргун букӏараб гарачӏвариялда, «Гьайгьай, гьединаб даражаялъул судалъул заседаниялъе председательлъи гьабизе дуда тӏадкъай ккола кӏудияб божилъи. Сундуе гӏоло мун тӏаса вищарав?» — ан абураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьун букӏана: «Нухмалъи- ялъ гьеб судалъул иш дида тӏадкъана. Гьединабго хӏасилалда гьеб тӏубазабилаан бокьарав дир иш- цоясги», — ян.

Кьуна дица «Судалъул заманалда дуе кинабгӏаги хӏинкъи кьеялъул хӏужа кканищ? Мун цӏунулев ватила?» — ян абураб суалги.

«Дица суд гьабиялъул рахъалъ лъилниги дагӏба букӏинчӏо, боевиказул рахъалдасан хӏинкъикьейги ккечӏо. Дун цӏунула, амма бищунго ракӏчӏараб куцалда дун цӏунула Аллагьас», — ан жаваб кьуна Багъужаца.

Багъужал бетӏерлъиялда гъоркь гӏемерал такъсирчагӏазе гьаруна судал. Амма бищунго хӏалуцараблъун рикӏкӏуна Буйнакскиялда гӏемертӏалаяб мина кьвагьизабиялъул ва Махӏачхъалаялъул Пархоменкол къотӏноб гьабураб теракталъул гӏадал, дунялалдаго ахӏи бахъинабурал судазул заседаниял. Гьел рукӏана цӏакъ захӏматал. Багъужаца гьел тӏад рагӏи абизе бакӏ течӏого тӏоритӏана. Я Россиялъул генпрокурорасул, я судалда гъоркье ккарасул рахъалдаса гьесдехун щибго дагӏбаги букӏинчӏо. Амма судалъул гӏадлу хвезабулев чиясда гьес гурхӏел гьабулароан. Верховный судалъ хӏукму гьабун жанив тӏамурав чамалиго чи гьес, цӏидасан гьабураб судалъул хӏасилалда, тамихӏалдаса эркен гьавуна. Гьесул гьединал ритӏухъ гьариялъул хӏукмаби кидаго ритӏаралги ратулаан.

Хӏукуматалъ мустахӏикъаб къимат кьуна Багъужал ракӏбацӏцӏадаб хъулухъалъе. Гьесие щварал орденал-медалал рикӏкӏинчӏого, Багъужа Гӏонжоловасе кьуна гьадинал цӏарал ва шапакъатал: «РФялъул мустахӏикъав юрист» (1998 сон), «Лъагӏалил инсан» абураб цӏар (2003 сон), ДРялъул Пачалихъияб Советалъул Хӏурматалъулаб грамота (1999 сон) ва цогидалги.

Кӏикъого чияс лъикӏав чи вукӏанин нугӏлъи гьабулеб бугони, бусурбанчи алжаналде унин абула. Багъужал хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб рагӏи рагӏичӏо. Цо-цо чагӏаз кьолеб буго гьесие гьадинаб къимат: Имам Яралиев, ДРялъул прокурорлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Багъужа вукӏана судиялъи гьабизе, ай ритӏухълъи цӏунизе Халикъасго тӏаса вищарав чи». Анвар Мухӏамадов, ДРялъул Верховный судалъул председательлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Гьесда тӏадкъалаан бищунго захӏматал судазул ишал. Щайгурелъул Багъужада гӏадин берцинго ва ритӏухълъи цӏунун гьел тӏоритӏун цогидазухъа лъугьунароан. Верховный судалда хӏалтӏараб 20 соналда жаниб Багъужае щвечӏо цониги бадибчӏвай. Радуевасе гьес гьабураб судалъул бицунаго, РФялъул Генералияв прокурорас гьелъие кьуна «высший пилотаж» абураб къимат ва, тӏад цӏарги хъван, Багъужае сайгъат гьабуна Макаровасул таманча». Мухӏамад Гӏабдулхӏалимов, ДРялъул Верховный судалъул заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав: «Лъикӏаб лъай, Аллагьасго кьураб гьунар букӏиналъ ва умумузул гӏадатал цӏуниялъ кумек гьабулаан гьесие судазда битӏарал хӏукмаби къотӏизе. Гьесул кӏудияб махщел букӏана бачӏараб балагьалъ кӏвекӏулей эбелалдаги, яхӏ гьечӏев такъсирчиясдаги сабуралда кӏалъазе». Суракъат Асиятилов, гӏемерал соназ Хал- къияб Собраниялъул депутатлъун вукӏарав: «Багъужае бокьулаан ва гьесда гъваридго лъалаан жиндирго хӏалтӏи. Гьес ракӏбацӏцӏадго хъулухъ гьабуна халкъалъе, ритӏухълъиялъе ва законалъе, ай къима- талда цӏунана судиясул цӏар». Ибрагьим Хӏажиев, Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъ- ул начальниклъун хӏалтӏарав: «Багъужа вукӏана ракӏалда бугеб жо абулев, абураб гьабулев чи. Дунгун цадахъ гьев цӏалана Буйнакскиялъул педучилищаял- да, цадахъ хӏалтӏана школалда. Гьев вукӏана худо- жествиял тӏахьал цӏалиялъул рахъалъ тӏоцебесеб бакӏ ккурав чи. Гьезул баракаталдалъун щвана гье- сие лъикӏаб гӏакълу ва гӏумругун гӏадамал ричӏчӏи». Рамазан Гӏабдулатӏипов, Дагъистаналъул вукӏарав бетӏер: «Багъужа хӏалтӏулев вукӏана Лъаратӏа районалъул прокуратураялъул следовательлъун. Гьесул лъикӏлъиги, гӏаданлъиги, ритӏухълъиги бихьун, Хӏебда ва Махӏачхъалаялда гьев хӏалтӏулеб мехалъги, лъаратӏисел къваригӏелалъ гьесухъе унаан».

Багъужал кӏудияв вас Мухӏамадица бицана жидее эмен вукӏанила нух бихьизабулеб канаб цӏвалъун, жидеца – гьесул лъималаз жигар бахъулила гьесда релълъараллъун рукӏине, жидедаса гьев чӏухӏулеб хӏалалда гӏумру гьабизе. Берцин бихьулаанила гьесул хъулухъ, гӏадамазулъ гьесул бугеб къадру, гьесдаса цогидазе щолеб кумек. Гьединлъидал жал, ай гьесул васал, хӏалтӏизе анила ихтиярал цӏунулел идарабазде, хӏалтӏулелги ругила инсул къадруги цӏунун. Багъужал бищун кӏудияв вас Мухӏамад ккола юридикиял гӏелмабазул кандидат, профессор, подполковник, Махӏачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул судияв, нотариаталъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул преподаватель. Ахӏмад хӏалтӏулев вукӏана таможняялда, Ибрагьим хӏалтӏулев вуго МЧСалда, Хӏасан – полициялда, Хӏусен – прокурорасул заместительлъун, Хӏажияв хӏалтӏулев вукӏана «Сириус» турфирмаялда.

Багъужал гӏамал-хасияталъулъ букӏана гӏадатлъиги ва гӏадамал кӏодо гьабулеб рахъги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Жакъасеб модаялда рекъон гӏемерисез, росабалъа ун, шагьаразда жидерго лъималазе бертаби гьарулеб заманалда, Багъужаца жиндирго анлъавго васасе бертаби росулъ гьаруна. Гьесул анищ букӏана, пенсиялде аравго, росулъе тӏад вуссине. Пайда щиб, Аллагьас хъван букӏун гьечӏо.

Батӏи-батӏиял газетазда ва журналазда гӏемер хъвана ва бицана Багъужал хӏакъалъулъ, гьединго бахъана гьесул гӏумрудул нухалъул ва хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунеб кино. Гьесул гӏагараб Мачӏада росдал школалда лъуна Багъужал цӏар. Амма, цебего заман щун бугониги, жеги гьечӏо гьесул хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь. Гьединаб тӏехь букӏинаан гьев ракӏалдещвеялъе бараб памятниклъун ва гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьеялъе унго-унгояб квербакъилъун. Багъужаде хъварал гӏемерал кучӏдузда гьоркьоб дида берцин бихьана шагӏир Залму Мухӏамадовалъ хъвараб гьаб кечӏ:

Инсул азбаралда кьибил гӏарцул гъветӏ

Кьолболъа бахъараб, рагӏанищ васал,

Кьолбода нур бараб меседил матӏу

Бекун гӏодоб лъураб лъанищ, Дагъистан.

Цохӏо васазейищ эмен камурав,

Кинабго Дагъистан чӏегӏербан бугин,

Цо мачӏадиселищ мунан угьдулел,

Ритӏухълъи хӏажатаз ахӏулин дур цӏар.

Рагӏиги магӏнаяв, гӏакълу камилав,

Мун къваригӏун вуго къобахъанагӏан.

Гӏадлуги битӏарав ритӏухъав инсан,

Мун хӏажалъун вуго хӏукму къотӏизе.

Гӏарцуца бичулеб чамгӏалаб заман,

Загьрулъун сверана дуе, Багъужа,

Тӏаса амру бачӏун, къотӏулеб хӏукму,

Дур ритӏухъаб судалъ тасдикъ гьабичӏо.

Законазул тӏахьал рекӏехъе лъалев,

Лъица мун хисилев Дагъистаналъе.

Ахирисеб рекӏел кӏутӏи чӏезегӏан,

Россиялъе хъулухъ гьабуна дуца.

Чӏухӏигун рехсела мун наслабаца,

Мисаллъун букӏина халкъалъе дур цӏар.

Меседил лъалкӏ тана дуца ракьалда,

Кьижа хӏасраталда, хӏасратав инсан.

Н. Нуриев