Дун чӏараб хӏор гуро, дун хӏавуз гуро,

Хӏалкӏояб гьалагаб мугӏрул гӏор йиго,

Мугӏрул реганиги, щобал таниги,

Щибаб гьелъул гӏамал гӏодоб рехичӏей.

Ф. ГӏАЛИЕВА

Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъул рекӏел тӏиндасан бурун бачӏунеб ва жиндирго шигӏрабалъ бессун хутӏун бугеб ракълил ва рокьул гьаркьица цоги нухалда данде гьарун рукӏана 31 маялда Гӏурус театралда, шагӏир гьаюралдаса 90 сон тӏубаялде тӏобитӏулеб иргадулаб тадбиралде. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏаразда гьоркьор рукӏана республикаялъул миллиял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Дагъистаналъул Руччабазул союзалъул председатель Интизар Мамутаева, лъималазул ихтияр цӏуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб вакиллъиялъул нухмалъулей Мария Ежова, «Лезгинка» кьурдул ансамблялъул директор, шагӏиралъул вас Жамбулат Мусаев, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, гӏалимзаби ва цогидалги.

Тадбир гӏуцун букӏана Дагъистаналъул муфтиясул гӏакълучӏужу Гӏайна Хӏамзатовалъ.

Дандеруссин берцин гьабуна Дагъистаналъул гуманитарияб колледжалъул, муфтияталда цебе бугеб руччабазул «Гьидаят» централъул, Башларовасул цӏаралда бугеб медколледжалъул студентазул, «Ватӏан» ва Юсуповасул цӏаралда бугеб школазул цӏалдохъабазул церерахъиназ.

Тадбир байбихьана гуманитарияб колледжалъул студентаз хӏадурараб видеороликалдасан. Гьениб ДРялъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Ахӏмадовас ва шагӏиралъул гӏумруялъул ахирисел соназ гьелъул кумекчӏужулъун йикӏарай, ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан Мариза Мухӏамадовалъ бицана Фазул шигӏрабазулги гьезул хаслъиялъулги хӏакъалъулъ.

Фазул шигӏрабазул гъасда цӏидасанги гьелегьараб цӏаялъ ракӏалде щвезабулеб букӏана гьелъул лъимерлъиги, гӏанчӏаб гӏолиллъиги, гӏолохъанлъиги. Ва гьале даимлъиялде сверизе бугеб дандчӏвай – Москва. Литературияб институт. Мусалгун дандчӏвай ва лъай-хъвай — гьитӏинабго спектакль бихьизабуна гуманитарияб колледжалъул студентаз.

Рекӏее кӏудияб асар гьабуна Фазуе сайгъат гьабураб Къуръаналъул бицунеб сценкаялъги.

Абадияб рокъове ине хӏадурулев вугев гӏумуруялъул гьудул. Какикьжоялда рухӏ босарав гьесухъ угьдулеб цо лахӏзаталъ шагӏиралъул гьаракь кьерхун уна — гьедин бицана жидерго церерахъиналда медколледжалъул студентаз. Ригьнаде кьезе хӏадурулей ясалъе шагӏиралъ хъварал насихӏаталги кинха ракӏалде щвезаричӏого телел. Шагӏиралъул гьаркьидалъун ясазе насихӏатал гьаруна Гӏайна Хӏамзатовалъ.

Тӏадехун рехсарал школазул цӏалдохъабаз Дагъистаналъул миллатазул мацӏазда рикӏкӏана Фазул кучӏдул.

«Ватӏаналъул» лъималаз байрамалде рачӏаразе бицана Халун-кӏодол. Ва цӏидасанги цӏилъун рачӏана шигӏрабазул гъасда шагӏиралъе щварал Халун-кӏодол дарсал. Йохарай Фазул ракълил ва рокьул цӏараб гьаркьихъе цере рачӏунел рукӏана Гиничукьги, Хунзахъги, Дагъистанги, Россияги…

Тадбиралъе хасаб берцинлъи кьун букӏана «Лезгинка» ансамблялъул кьурдухъабазул церерахъиналъги.

Лъугӏана тадбир. Биччанте гьеб букӏине халкъияй шагӏиралде дагъистаниязул бугеб гучаб рокьул иргадулаб карачеллъун.