Шамил имамас Чӏохъа Гӏинкъав Хӏажихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац Гӏинкъав Хӏажиясухъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Нагагь магьариялъул хӏакъалда тӏасан рос-лъадиялда гьоркьоб дагӏба ккани, дица росасда амру гьабула, магьари лъолеб мехалда, къотӏи гьабураб магьариялъул хӏакъ, кигӏан дагьабниги тӏаса камизе течӏого, лъадиялъухъе кьеян, хӏатта къого туменалде бахунеб гьеб батаниги. Нагагь гьеб, дир хӏукмуялда тӏасан кӏалъай гьабулев ялъуни гьелда разилъуларев чи ккани, вореха, дуца гьединав чиясухъ халгьабуге.
Вассалам. Шамат къо, 1269 соналъул 14 сапар / 1852 соналъул 26 ноябрь.
Гӏусманиязул султӏан Гӏабдулмажидица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дирго вас Гъазимухӏамадиде, ва дир гьитӏинав вац наиб Гьитӏинасухъе ва хасго гьезул муфтиятасде, къадизабазде ва киналго гӏалимзабазде. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Нужеда лъай хӏакълъунго имамас наибзаби вилаятазда тӏад лъеялъул мурад букӏин исламалъул гӏаламатал загьир гьари ва мункарал, шаргӏал нахъчӏварал жал лъугӏизе гьари. Гьединго аварагзабазул Сайидасул суннатал чӏаго гьариги, лъикӏаб, шаргӏалъ гьабеян амру гьабурабщинаб жо билълъанхъизабиги букӏин. Гьединго рузман жамагӏаталде халкъ ахӏиги гьел тӏагӏат-азкаразде машгъул гьариги букӏин. Дихъе хабар щвана нужер рахъалда иш гьаб кинабго жоялъул гӏаксалда ккун бугин абун ва нужеда гьоркьоб мункарал, гьукъарал, мехтел-хъалиян цӏай гӏадал пишаби тӏоритӏулел ругин, гӏадамалги, зикруги тун, кечӏ-бакъаналде руссун ругин ва лъикӏал ишалги квешазде руссинарун ругин. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужеца ракӏ-ракӏалъго гьеб пиша теян, тӏадехун рехсарал лъикӏал гӏамалал халкъалда гьоркьор рилълъанхъизареян ва нужеца нужерго агьлу пасалъиялъул карачелазда жаниса хвасар гьабеян, гьанжелъизегӏан гьабулеб букӏараб кинигин.
Дица нужехъе чапарзаби ритӏана, гьаб кагъатги босун, гьеб иш нужеда бицине гӏоло, ва гьединго ракӏалда ругел жалги нужее баян гьаризе. Нужеда лъай, гьанжеялдаса хадубги дица нужехъе балъголъи тӏатунги чапарзаби ритӏизе рукӏин, нужер ахӏвал-хӏал цӏехеялъул мурадалда. Щаклъи гьечӏого, гьаб ишалде мугъ кьурав, гьалдаса вуссарав, гьаб мугьмалго тарав чи хӏалтӏудаса вахъизе вуго. Гьелдаса хадуб нужеца гӏицӏго нужедаго чӏвай гӏайиб, цогиязда чӏваге. Гьелдалъун тана.
Хадубги нужеда лъай, тӏаде хьвадулел гьалбал ва зияраталъ рачӏунел чагӏи гӏемерлъиялъ, дир кинабниги дунялалъулги диналъулги къагӏида хун букӏинги кидаго тӏаса инго гьечӏеб хӏалкъай букӏинги. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужер вилаяталъул чагӏи, шаматгун базар къояз хутӏизегӏан, дихъе ине гьукъеян абун. Дица нужееги гьукъулеб буго, итни ва талат къояз хутӏизегӏан, дихъе рачӏинеги нужерго чапарзаби ритӏизеги.
Гьединго нужеца гьаб иш, цо бакӏалдеги ракӏарун, роцӏцӏинабун баян гьабе, гьезул хадубккун гӏиллахӏужа гьечӏого букӏине. Нагагь гьел дол рехсарал гурел къояз рачӏани яги нужго рачӏани, ялъуни чапарзаби ритӏани, дица нужги гьелги къабул гьаризе гьечӏо, хӏатта росулъе жанире лъугьинецин ихтияр кьезе гьечӏо. Гьедин ккани, нужер диде бугеб бербалагьи квешлъизе гурин. Гьалдалъун тана.
Вассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул 26 сапар / 1852 соналъул 8 декабрь.
Шамил имамас Ичичӏалиса Къадихъе хъвараб кагъат
Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Къадихъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Лъарагӏлъиялъул гӏадамазухъа нилъехъе щварал аманатал нилъеца росизе гьечӏо. Гьединго гьаб кагътил бетӏергьан Гӏабдуллагьихъа босараб жоги гьесухъе тӏад буссинабизе ккола, щибго жо нахъе течӏого.
Шамил имамас Гъазимухӏамадихъе ва гьидерил наиб Хӏотодаса Гьитӏинасухъе хъвараб кагъат
Хирияв, Жинца гьаричӏого, мустахӏикълъичӏониги (нигӏматал) кьолев Аллагьасул цӏаралдалъун байбихьула. Хириял амирзабазул бищун тӏадегӏанав, чӏахӏиязулги бищун кӏудияв, хиралъиялъулги тӏокӏлъиялъулги бетӏергьан, исламалъул гӏорхъаби жинца цӏунулев, Дагъистаналъул цогидал амиразда гьоркьов Тӏадегӏанав Аллагьасул хасаб кӏвар жинде буссарав шайих Шамил-апандиясухъе.
Цинги. Нужеда лъазе гьабулеб буго гӏурусазул пачаяс къасд гьабун букӏин нижеда захӏматал шартӏал раччизаризе. Гьелдалъун гьезул къасдги буго дир бетӏерлъи тӏаса инабизе, гьелъул истикълалалъул (жибго жиндаго чӏеялъул) кьучӏги биххизабизе. Гьел шартӏал къабул гьаризе ва тӏаде росизе ресги гьечӏо. Дидаги гьесдаги гьоркьоб букӏараб къотӏи-къай биххизабичӏого чараги гьечӏо. Гьелдалъун гьесул къасдги цохӏого-цо исламалъ кьучӏ биххизабиги гьединго ислам хӏакъир гьабиги буго. Гьединлъидал нилъеда тӏадаб буго рагъуе хӏадурлъизе, нилъерго аскаралги данде гьаризе ва нилъехъаго бажарараб, хӏалкӏвараб къагӏидаялъ гьезда дандеги рахъине. Тӏадегӏанав, квербакъулев, кинабго жо Жинда кодосев Бетӏергьанасде мугъчӏвайги гьабун, аварагзабазул Сайидасдалъун тавассулги гьабун, гьел капурзабаз гьабуралда релълъаралдалъун гьезда дандчӏвай гьабизе. Гьединлъидал нижеца рагъуе хӏадурлъи гьабизе байбихьана. Дица гӏемерал аскарал ритӏана Тутюналде, Тӏарабзаналде, Арзурумалде ва гӏорхъода ругел цоги бакӏазде. Аллагьасе щукруги реццги буго. Киналниги бусурбаби рекъана ва цолъана гьезда данде рагъизе, жидерго чурхдузулги боцӏиялъулги сан гьабичӏого. ИншаАллагь, Аллагьасде хьул буго, Гьес Жиндирго цӏобалдалъун ва рахӏмуялдалъун нилъее квербакъилин абун.
Хадубги дур тӏабигӏат ва хасият, ай дур рижиго диналде цӏикӏкӏараб рокьи бугеб буго. Дуца гьанжелъизегӏан Аллагьасул нухда, кинабгӏаги кӏвахӏ тун, хӏакъаб куцалъ жигьад гьабуна. Дуца динги цӏунана, щибго данде жаза-мухьги тӏалаб гьабичӏого ва Аллагь тун батӏиясдаса квербакъиги щвечӏого. Мун гьанжелъизегӏан рагъуе ва кьалуе вахъун чӏунги вукӏана. Дица, Аллагьас хъван батани, гьал рехсарал шагьараздаса духъе киналниги ханзаби, амирзаби, гӏалимзаби данде гьаризе руго ва гьаб пурманалда рекъон, жидерго боялги сурсаталги ракӏарун, гьел Типлисалде рачӏине ккола. Гьел руго Нахичеваналдаса, Ланкараналдаса, Талишалдаса, Салйаналдаса, Бакуялдаса, Хъизихъалдаса, Ганжаялдаса, Шакиялдаса, Ширваналдаса, Чӏаралдаса, Илисуялдаса, Къубаялдаса, Дербенталдаса, Табасараналдаса, Хайдакъалдаса, Гӏахъушаса, Гъазигъумекиса, Гъумухъ-Шамхалалдаса, Индиралдаса, Яхсиялдаса, Чергесалъа ва гьединго тӏолабго Кавказалъул агьлуялдаса аскарал. Дица гьезул киназулго амруги дуде тӏамун толеб буго, иншааллагь.
Хадубги, гьал рехсарал аскарал ва дур боял машгъуллъизе ккела исламалъул ракьалдаса гӏурусал нахъе гъеялде ва Аллагьасул дин тӏадегӏан гьабиялде. Гьеб буго дица дудасан тӏалаб гьабулеб жо. Дир дудехун бугеб божиги ракӏчӏейги кӏудияб буго. Гьединлъидал дица дуе кӏвар бугеб гьаб пурман бахъана ва духъе гьебги битӏана, амирзабазулго амир, тарбияталъулги тӏадегӏанаб даражаялъулги бетӏергьан, Аллагьас жидер даража тӏадегӏан гьабеял амир Халил-бегихъ ва гьесул гьалмагъ Ибрагьим-бегихъ. Гьезда цадахъ къуларагъаси Хӏажи Хӏусен-бегги гьединго Къасимги руго. Гьаб тӏадегӏанаб пурман нужехъе щвейгун, мун данделъизе ккола гӏалимзабигун ханзабигун амирзабигун, цере рехсарал кӏиявго амиргун, кӏиявго беггун ва хутӏарал офицерзабигун. Ва дур бугеб ахӏвал-хӏалги гьабулеб хӏаракатги дида лъазабизе ккола. Нужеца тӏад амирлъун те жинде ишара гьабурав… (Гьаб бакӏалдаса бичӏчӏулеб буго гьаб тӏадегӏанаб пурманалдалъун султӏанас цолъарал аскаразул бетӏерлъун Шамил имам толев вукӏин – ред).
Нужги гьесул амруялъухъ гӏенекке. Дуца бажарараб къагӏидаялъ жигар бахъе, Аллагьасул нухда дурго бахӏарчилъиги гъираги загьир гьабун, черхгун-напсги боцӏи-малги бичун, бацӏцӏадаб шаригӏаталъул тӏалабазда рекъон дин тӏадегӏан гьабизе. Щаклъи гьечӏо, гьаб дунялалъул рокъоб дир рахъалдасан дуе гӏемерал харжал ва гьединго шапакъатал-даражаби щвезе рукӏиналда, ахираталда Тӏадегӏанав Аллагьасул рахъалдасан букӏинесеб малъичӏого. Дуда лъай, гьаб дир амру букӏин, ва дуца мугъчӏвай гьабе кӏудияб хӏурматияб гӏаламаталда. Гьалдалъун тана.
Вассалам.