«Чӏохъ» агрофирмаялъе — лъабабилеб бакӏ

Астраханалда тӏобитӏараб Россиялъул тайпадулал чахъабазул выставкаялде бугеб хӏажалъиги бербалагьиги чанго нухалда цӏикӏкӏараб буго гӏадамазул, батӏи-батӏиял улкабазда тӏоритӏулел ясазул берцинлъиялъул конкурсазде дандеккун. Чахъу ккола тӏабигӏаталъ жиндие хасаб берцинлъи кьураб хӏайван. Рекӏелъе рахӏатги рохелги бачӏуна, выставкаялда гӏахьаллъулел гьезухъ халгьабидал. Дагъистаналъул тайпадулал чахъаби, 1912 соналдаса байбихьун, 19-абилеб нухалда гӏахьаллъулел руго гьединал къецазда. Исанасеб сон нилъер республикаялъе шапакъатазул рахъалъ бечедаб букӏана. Россиялъул чахъаби гӏезарулезул Миллияб Союзалъул эксперталъулаб комиссиялъ кӏваркьуна Дагъистаналъул чахъабазул тайпабазде, ва гьел мустахӏикълъана 21 медалалъе, гьезда гьоркьоса — 10 меседил ва щуго гӏарцул медалазе.

Нилъ рохизе ккараб хӏужа буго Россиялъул тайпадулаб гӏи гӏезабулеб 70 магӏишаталда гьоркьоб «Чӏохъ» агрофирмаялъ лъабабилеб бакӏ кквей. Гьелда гьоркьобе уна квас къунцӏиги, гӏияда хадуб кьагӏазул къадар цӏуниги, чахъабазул гӏаммаб къадар цӏикӏкӏинабиги.

Дагъистаналъул росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул улкаялъул гӏезарулезул союзалъул нухмалъулев Михаил Егоровасулгун букӏараб гара-чӏвариялда кӏваркьуна тайпадулал чахъаби гӏезариялъул иш министерствоялъ цӏигьабулеб букӏиналде ва Дагъистаналъул гӏи гӏезабулел выставкаялде тӏадегӏанаб даражаялда хӏадурлъун рукӏиналде. Республикаялдаса выставкаялда гӏахьаллъана чахъаби гӏезарулеб 11 магӏишат: «Чӏохъ» ва «Сугъралъ» агрофирма, Гъуниб районалъул М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб СХК, Хунзахъ районалъул «Стела» ва «Машгьурал гӏадамал» СПК, Чӏикӏаб росдал «Архар» магӏишат, Рутул районалъул Мишлеш росдал «Восток» СПК, Болъихъ районалъул «Гурхӏел» СПК, Гумбет районалъул «Мелъелтӏа» СПК, Казбек районалъул «Багӏараб Октябрь» СПК ва «Алмахъ» ООО. Дагъистаналъул мугӏрузулаб тайпа ккола мугӏрузда гӏезабулеб гӏиял аслияб тайпалъун. Республикаялда гӏиял буго 5 миллионалдаса цӏикӏкӏун бетӏер. Гӏадада гурелъулха Россиялда гӏезабулеб кинабниги квасул 26 процент гӏицӏго Дагъистаналъул магӏишатазда къунцӏулеб.

Исана Гӏи гӏезабулезул союзалъ Дагъистаналда тӏобитӏизе буго гӏи гочинабиялъул рахъалъ Тӏолгороссиялъулаб совещание. Гьелдаго цадахъ Гӏ. Гӏабдулмуслимовасда ракӏалда буго хадусан Россиялъул гьеб гӏияхъанлъиялъул выставка нилъер республикаялда тӏобитӏизе. Гьеб ккола республикаялъул росдал магӏишат цебетӏезабиялъул жавабиял хӏалтӏухъабиги федералиял идарабиги цадахърекъон хӏалтӏиялъул хӏасил.

Гьединго лъикӏаб асар гьабулеб букӏана, волонтерал хӏисабалда, выставкаялда гӏахьаллъарал Астрахань шагьаралъул школазул цӏалдохъабаз ва студентаз. Гьездаго гьоркьор рукӏана гӏияхъанлъи гьабизе ракӏалда бугел гӏолилалги.