Хӏукуматалъул идарабаз гьабизегӏан балагьун чӏечӏого, росабиги чӏунтизе течӏого, росдал хӏалтӏаби жидедаго тӏаде росулеб лъикӏаб гӏадат буго нилъер жамагӏатазул.
Масала, гьал къоязда Чӏарада районалъул Гьунухъ росулъ тӏобитӏана шагьаразда гӏумру гьабулел росуцоялги гӏахьаллъараб субботник. Гьез маххул сеткаялъ сверун къана росдал ах, бацӏцӏад гьабуна мажгиталде унеб нух, ганчӏалги нахъе рехун, хӏадурун буго воркаут-площадкаялъе бакӏ, шагьранух ккун гӏебеде лъун руго бецӏцӏун бачӏараб лъим чвахизе рогӏрал. Гьединго боцӏи хъолеб бакӏ гьабизе бухъун буго 20 метралъул манзилалда кьучӏ, бан буго метргун бащдаб борхалъиялъул къед.