8 июналда Гъизляр районалъул Цветковка росулъ рагьана 10 млн гъу- рущги харж гьабун рагӏалде бахъинабураб футбол хӏалеб майдан.
Гьелъие квербакъи ккана «Комплексное развитие сельских территорий на период 2020-2025 годы» абураб пачалихъияб программаялъул.
Хӏалтӏул ишалъ Гъизляр районалде щварав ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги гӏахьаллъана гьеб тадбиралъулъ. Премьерас бицана цебехун рехсараб программаялъул кьучӏалда республикаялда анцӏ-анцӏ ФАПалги, школалги, спортивиял объекталги ралел рукӏиналъул хӏакъалъулъ.