Ахирал къоязда рарал чвахунцӏадаз, талихӏалъ, гӏадамазе къварилъи ккечӏо. Амма жагъаллъана шагьранухал, тӏуна токалъул кварал.

Масала, Лъаратӏа районалда анкьица цӏадалги ран, нух щолеб букӏинчӏо Шидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъе. 8 июналда Лъаратӏа районалдаса щварал баяназда рекъон, гьанже дагь-дагьккун къачӏалел руго гьел нухалги токалъул кваралги.