Лъаратӏа районалъул Гьебзуда росулъ бугеб Байил-шайихасул хабатӏе зиярат гьабуна республикаялдаги гьеб тун къватӏирги ругел нилъер ракьцояз. Масала, Дальний Востокалъул муфти Рамазан Гӏалиевас, Хабаровск краялъул муфти Мухӏамад-хӏажи Гьитӏиновас ва цогидазги. Кинавниги азаргогӏанасев чи вукӏана гьенив.

Чуязда рекӏун щиб, лъелго щиб, умумузул заманалдаса байбихьун букӏараб гӏадат кколин Байилшайхасул хабатӏе зиярат гьабиян бицана тадбиралда гӏахьаллъарал гӏадамазе.

Жидер мухъалда ислам тӏибитӏиялъе Байил-шайихасги гьесул вацасги гьабураб хӏалтӏул бицунаго, гьениб ракӏалде щвезабуна некӏо заманалда гьезул хъизан (щуго вац) бетӏербахъиялъе цогидаб бакӏалдаса рачӏун, гьенир чӏарал чагӏи рукӏараблъи. Цояв вац – Исмагӏил — Чӏадаколо вехьлъун, живго Байил-шайих абуни – гьабсагӏаталда Хидиб росдал администрациялда гъорлъе унел росабалъ вехьлъи гьабулев вукӏун вуго. Кваназе цо бакӏалде гъун гӏачигун, Байил-шайих рокъов чӏолаанила, гьел гӏачи кирениги унаринги абун. Амма гьел бацӏаз чӏван ратулин, жиндие бадирчӏваял гьаризе лъугьунел боцӏул бетӏергьаби гӏодоре риччазарулаанила гьес, гӏачи ругеб бакӏги бицун. Гьедин балагьизе арал боцӏул бетӏергьабазда рихьун руго берцинго кваналел гӏачиги, гьезда сверун бацӏалги.

Цоги гьадинаб хӏужаги рехсола гьеб районалъул гӏадамаз. Байилшайихасул хабада аскӏобеги бачӏун, цо гьвеца хъублъи гьабун буго. Гьениса нахъе унаго, цо параялдасан хун буго гьеб гьой.

Чӏадаколов гӏачиязда вехьлъун вукӏарав Байил-шайихасул вац Исмагӏилги кколаанила гьединавго шайих. Бежтӏа хун вуго гьев. Бежтӏадерие жидерго дова вукъизе бокьилин гьединав шайихилан абун, балъгого гьесул жаназаги молотӏа лъун вачӏунев вукӏун вуго Байилшайих. Цо бакӏалде щведал, хӏухьбахъизеян лъалхъун вуго гьев, малиги гӏодоб лъун. Гьеб мехалда жаназа кӏалъан буго хехлъи гьабейин, бежтӏал хадур гӏунтӏулел ругин абун.

Хадубго гьениб ккарабин бицуна гьадинаб хӏужаги.

Магӏардаса тӏун бачӏунеб гӏанси, битӏун Исмагӏил-шайихасул жаназе гӏодоб лъураб бакӏалде щведал, кӏибикьун уна. Гьеб буго мунагьал чураяв Даку Асадулаевгун цадахъ Бежтӏаса тӏадруссун рачӏунел артистазул автобус кӏкӏалахъе араб бакӏалда аскӏоб.

Палхӏасил, кӏиявго вац, кӏиявго шайих вукъун вуго цояв — Гьебзуда, цогидав — Чӏадаколов.

Хасало Байил-шайихасул зияраталда дандбитӏун бугеб магӏарде гӏазу байдал, гьесул сипатги лъугьуна мугӏрул тӏогьиб (ботӏрода чалма къарав чиясул гӏадаб).

Байил-шайихасул хабатӏе зияраталъ рачӏине санагӏалъиялъе бахъараб нухги буго. Гьенисан нух бахъизе бажарулебищин абун, байбихьуда гьелда къанагӏатавги чи божулев вукӏун гьечӏо. Дагъистаналде нухмалъулевлъун вачӏиналдего, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат хӏисабалда Рамазан Гӏабдулатӏиповас бахъун букӏун буго гьеб. Гьелда тӏадеги, гьес гьабураб ккола зияраталде рачӏарал чагӏи данде ракӏаризе гьениб тӏадхъелги. Гьелда бан Гӏабдулатӏиповасеги баркала загьир гьабуна гьеб къоялъ зияраталде рачӏараз.

Гьанибго ракӏалде щвезабила, Р. Гӏабдулатӏиповасул кӏудияб квербакъи ккана Махӏачхъалаялъул рагӏалда Гӏиса аварагасул цӏаралда бугеб Рухӏияб центр баялъеги.