6 июналда Унсоколо районалъул Рихьуни росдада гӏагарлъухъ хвасар гьавуна цӏадакьаги рахчун, кьурабалъ кьерун чӏарав 15 турист.

Буйнакскиялдаса МЧСалъулаз ахӏун бачӏун, гьел ралагьизе къватӏире рахъана Унсоколо районалда бугеб МЧСалъул хӏалтӏухъаби.

Гьелъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Мусаевас «Хӏакъикъаталъе» бицухъе, рихьундерил бегавуласул, росдал гӏадамазул, полициялъул хӏалтӏухъабазул кумекалдалъун бажарун буго туристал рахчун чӏараб бакӏ балагьизе.

«Къасимех букӏана гьеб. Тӏадежоялъе балеб цӏадги, эхеде ххари- зе гьечӏеб санагӏалъиги, кӏодолъун бачӏани, гӏоралъ росун иналда букӏараб хӏинкъиги. Талихӏалъ, ту- ристазул цо къокъаялда тӏаде кка- на. Цинги гьенибго цӏаги бакун, сордоялъ свине течӏо гьеб туристал квачангутӏизе. Радал байбихьана гьел гӏодоре рачине. Цо ясалъул бохалъе ккун букӏана жагъаллъи. Цогидазе ккараб къварилъи букӏинчӏо.

Рихьундерица боцӏи хьихьулеб кули буго гьениб. Гӏезегӏан берцинаб тӏабигӏатги буго, цоцада хадуб анкьго чвахелоги бугеб. Масала, тӏоцебесеб чвахелоялъул борхалъи буго анцӏго метр. Гьезухъ балагьизе тӏаде рахарал туристал, цӏад базе лъугьиндал, гӏоралъ росун ине гурилан, гъоркье лъугьине хӏинкъун чӏун руго дораго», — ян бицана Гӏ. Мусаевас.

Нахъисеб къоялъго республикаялъул МЧСалъ цӏар чӏвана гьава-бакъалъулги тӏабигӏаталъулги шартӏазда бан туристал хьвадизе хӏинкъи бугеб анкьго объекталда. Гьел ккола Къородисезул Бецӏкъварилъи, Сулахъ Къварилъи, Сулдерил Чвахело, Шалбуздаг, Ярыдаг, Базардюзи мугӏрул, Тобот чвахело, Дюрк нохъо, Къехӏдерил сиял. Гьенире иналде цере МЧСалда хъвай-хъвагӏай гьабизе тӏадаблъун гьабулеб буго гьанжеялдаса нахъе.

Гьеб пикру битӏараблъун бихьулеб буго МЧСалъул цевегосев хӏалтӏухъан Зиявдин Никӏамухӏамадо васдаги.

«МЧС туристазда хадуб халкколеб идара гуро, батӏаго, унеб бакӏ цебеккунго нижеда лъазабунилан, гьезул шагьи-кепек холеб жоги гьеб гуро. Амма, нагагь гьадаб Рихьуни гӏадаб ахӏвал-хӏалалде ккани, нижеда лъан букӏина хас гьабун кир гьел ралагьизе кколелали»

Гьединал хӏинкъарал бакӏазул сияхӏ жеги халатаб бугиланги тӏаде жубана Зиявдин Никӏаму хӏамадовас. Амма, гьесул рагӏабазда рекъон, гьава-бакъ хисиялдалъунги цогидалдалъунги гьенир кколел балагьал нахъчӏвазе бегьула гьел объектазда цӏуна-къаялъе шартӏал гӏуцӏани. Никӏамухӏамадовас мисалалъе бачана хьергебдерил ГЭС бугеб бакӏалда, ай кьурулъ чӏварал арматураби, гьездалъун гьабураб сухъмахъ.

Гьединго арматураялъул чӏоралги чӏван, туристал хьвадизе бакӏал Къорода Бецӏкъварилъухъги гьаризе бегьулин абураб пикру буго З. Никӏамухӏамадовасул: «Гьеб мехалда, кигӏан цӏад баниги, хӏинкъи букӏунаро туристазе. Сарихум салул гохӏалде рахунеб бакӏалдаги гьабуна туристал хьвадизе хъарщазул нух (борхьазги кьинччазги хӏанчӏиларедухъ). Гьелдалъун Сарихумалде рахин 120 гъурщидалъун хиралъанаха, хиралъеян абе. Чиясе къварилъигӏаги ккезехъин гьечӏелъул. Гьединал цӏуна-къаял гьаризе ккола МЧСалъ сияхӏ бахъарал объектаздаги».

З. Никӏамухӏамадовасул пикруялда рекъон, кисандай шагьи-кепекилан ругел гидаз гьеб хӏалтӏи гьабуларо, гьеб гьабизе ккола хӏукуматалъул даражаялда.