Дагъистаналдаги гьеб бахун къватӏивги машгьурав гӏалим Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясул (рахӏимагьуллагь) хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь къватӏибе бачӏиналда бан, дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялда букӏана лъикӏаб данделъи.
Тӏехь гӏуцӏун бугоан гӏалимасул цо-цо мутагӏилзабазул, гӏага-божаразул, росуцоязул, гьесулгун бухьен букӏарал хӏукуматалъул цо-цо хӏалтӏухъабазул ракӏалдещвеяздаса.
Гьеб данде гьабун буго, гьал ахирал соназда исламияб диналъе гӏоло гӏемераб пайдаяб хӏалтӏи гьабулев, Шамил районалъул Къелеб мухъалдаса Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас. Гьесие кӏвараб кумек гьабун буго Султӏанмухӏамадхӏажиясул росуцояв, росдал ва районалъул унгоунгояв патриот, кӏудияв гӏалимасул рухӏияб ирс гӏун бачӏунеб гӏелалъухъе щвезабиялда тӏад хӏалтӏулев гӏолохъанчи Гӏалиасхӏаб Мухӏамадовас.
…Кӏудияб мажгиталда какалги ран, аскӏоб бугеб цо чӏурканаб кафеялде ракӏарана Султӏанмухӏамадхӏажи вокьулел, гьев лъалев вукӏарал, гьесда цере цӏаларал гӏадамал.
Данделъи бачана Хирамухӏамадица.
Гьес кӏалъазе рагӏи кьурал Мигӏарсоса Тӏагьахӏажияс, Гъодобериса Ахӏмадхӏажияс, Буртунаялдаса Анварбегхӏажияс, Дагъистаналъул Хӏукуматалъул бетӏерасул тӏоцевесев заместительлъун хӏалтӏулев вукӏарав Набиюла Мухӏамадовас, машгьурав спортсмен, жамгӏияв хӏаракатчи Гӏалиасхӏаб Мухӏамадовас ва цогидазги кӏудияб рокьи-хинлъиялда бицана Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясул гӏадилаб гӏумруялъул, гьесулгун жидерго рукӏарал дандчӏваязул, халкъалъе гьесдаса щвараб рухӏияб пайдаялъул хӏакъалъулъ.
— 2000 соналъул сентябралда ватӏалъана нилъедаса Дагъистаналъул исламияв гӏалим, кӏудияв гӏакъил, гӏемерал гӏадамазе исламияб нур бикьулев вукӏарав, свалат-салам лъеяв аварагасул гӏелмуялъул ирс босарав Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажи, — ян абуна жиндирго кӏалъаялда Султӏанмухӏамадхӏажиясдаса гӏелмуги тарбия-лъайги щварав гӏалим Тӏагьахӏажияс.
Жиндирго кӏалъаялда гьес рехсана мугӏалимасул гӏадатлъиялъе, гӏаданлъиялъе ва гъваридаб лъаялъе нугӏлъи гьабулел цо-цо мисалал.
Хадуб бихьизабуна Султӏанмухӏамадил хӏакъалъулъ документалияб фильм. Дие бокьун буго гьанир рехсезе Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмадхӏажи афандияс Султӏанмухӏамадил хӏакъалъулъ абурал рагӏаби.
— Дида Султӏанмухӏамад лъалаан 1970-абилел соназдасан. Батӏаго дандчӏван, лъай-хъвай гьабунин абизе кканани, дун гӏадинав чи нечезе ккеларищха. Нижер рукъалъул агьлуялда жанив гьев хӏурматалда вукӏана. Дида рагӏана Инхоса Кӏудияс (Гӏабдулхӏамид-афандияс) абулаанила дов кӏалъалеб мехалъ жинда авараг, гӏалайгьи свалату ва салам, кӏалъалевилан кколилан. Гьес гьедигӏанги добе-гьанибе цӏачӏого, бацӏцӏадаб гӏелмуялъул мурадалда бицунилан, жиндирго нафсалде цӏараб жо бицунарилан. Цогиги дица абун тела – нижер округалда, хьиндал кӏкӏалахъ, досде вахунев чи вукӏинего вукӏинчӏо.
Муфтиясул каламалде тӏаде тӏокӏабги щибха абилеб, гьелдасанги кӏудияб кинаб къимат кьолеб Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясе?
Гьайгьай, дида-жагьилчиясда кӏвезего кӏвеларо гьединав гъваридав гӏалимасе, жиндир тӏолабго гӏумру исламияб диналъе кьурав гӏабидасе къимат кьезе.
Кӏикъого сон тӏубазегӏан хъизан гьабун гьечӏо Султӏанмухӏамадхӏажияс, диналда тӏадчӏеялъе, исламияб лъай босиялъе квалквал гьабизе гурилан.
Дир гӏумрудул бицун талихӏал лахӏзатазул цояблъун рикӏкӏуна дица Кьохъа Султӏанмухӏамадхӏажиясулгун букӏараб цо дандчӏвай. Дие рес щвана кӏиго-лъабго сагӏаталъ гьесулгун гара-чӏвари гьабизе, гьесие суалал кьезе. Дун жакъаги гӏажаиблъун вукӏуна гьесул букӏараб гӏадатлъиялда. Щиб суал дица кьуниги, гьес гьадин жаваб кьолаан:
— Гӏумахан, нилъ гӏадинал жагьилал чагӏазда щибха лъалеб, гӏалимзабаз гьадин абулеб бугоха, — ян. Гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго Султӏанмухӏамад хведал Харахьиса шагӏир Мухӏамад-Апандица хъвараб назмуялдалъун.
Хвалил хабаралъул хехаб тел бугин,
Таралищха дуца, Султӏанмухӏамад.
Магӏил гьаракьалъул Кьохъан сас чӏванин,
Чӏарабищха дурги сагӏат гӏадаб ракӏ.
Сардил цӏвабияли радал тӏерхьинин,
Тӏерхьарабищха бакъ къалъул гӏужалда.
Къадарали щолин щивав чиясде,
Чара гьечӏев гӏалим щай хехго арав?
Дур калам хӏажалъун, хӏежалде гӏадин,
Духъе рачӏунаан, лъихъе ниж инел?
Квачгин цӏорой лъарал цӏадухъ рещтӏунин,
Ракӏал загӏиплъарал лъиде руссинел?
Унго, бухъарабищ мун лъезеги хоб,
Хараблъараб дунял, дур гьечӏеб пайда.
Дурги бахчарабищ бахьинаб гьумер,
Мусрудул пардаваз, нужер биццалъи.
Магӏарул ганчӏида бикӏун те накъищ,
Чӏухӏизе рес бугин дур ирсалдаса.
Наслабазе гӏураб гӏелмуги танин,
Гӏарабияталде рокьиги кьунин.
Меседил хӏарпаз хъвай хъахӏаб ганчӏида,
Хъахӏаб кагъат гӏадаб гӏумру букӏанин.
Гӏаламго къосунеб къарнуялдаги,
Къуръан рекъолареб къо дуца течӏин.
Къотӏулареб гӏорни ралъдахъе инин,
Ралъад гӏадаб гӏелму гӏодобищ телеб?
Гӏадамални инин гӏалимзабахъе,
Гӏалим лъихъе инев ишкал борхизе.
Унго, гьаб халкъалъе къойил чӏегӏерлъи,
Къапилаби щола зигара базе.
Зобалги гӏодулеб магӏирукъ лъунин,
Магӏица биччараб тагӏзият ккунин.
Бесдаллъана гури гьаб Аваристан,
Исламалъул гӏалим нуха регӏидал.
Ятимлъана гури гьал магӏарулал,
Гӏелмабазул устар тӏупаралдаса.
Тӏагӏаталда араб гӏумру гуребги,
Гӏалимал куцанин, кин мун кӏоченев.
Чи кантӏизе вагӏза гьаби гуребги,
Фатваби хъван тараб таптар киб инеб?
Алжан насиблъаяв, Султӏанмухӏамад,
Хӏужралъун лъугьаги дуй ракьул бусен.
Меседил рухӏ босун вуссараб лахӏту,
Хӏалкӏолесул нуралъ гвангъаги дуе.
Гӏумахан ГӏАНДИЙСКИЙ