Иргадулаб сапаралъ уней йикӏана дун – Хасавюрт районалда бугеб Къамыш-хъутаналъул гимназиялда тӏобитӏулеб поэзиялъул байрамалде. Унел рукӏана Махӏмуд-Апанди Мухӏамадовасул машинаялдаги рекӏун. Гьеб къоялъ тӏоцебесеб нухалда вихьана дида гьев. Гьесул машинаялъуб букӏана кьер-кьерал розаби жанир сокӏкӏараб тӏугьдузул ваза.
Гимназиялда кӏудияб адабгун ва хӏурматгун дандчӏвай гьабуна шагӏирасда. Кавудухъа школалъ- ул нуцӏихъе щвезегӏан эхетарал цӏалдохъабаз хъатчӏвана, ниж жа- нире ун рахъинегӏан. Данделъ- абазул залалде ракӏарун ратана школалъул хӏалтӏухъабиги, учи- тельзабигун цӏалдохъабиги, гьезул улбулги. Бицана Махӏмуд-Апандил гӏумруялъулги шигӏрияб гьуна- ралъулги хӏакъалъулъ. Хӏасраталда рикӏкӏана гьесул асарал ва ахӏана кучӏдул. Цӏалдохъабазул мацӏалъул пасихӏлъиялъги шагӏирасул асаразул магӏнаялъул гъварилъиялъги киналго рази гьаруна.
Тадбиралдаса тӏадруссунел ру кӏана. Дир берчӏвана доб машинаялъубго хутӏараб тӏугьдузул квацӏиялда. «Вахӏ, гьанибеги бачӏана, нахъеги босулеб буго. Щайдай босунго букӏараб? Кидаго жаниб букӏунебцин гуродай… Бихьулищ, шагӏирасе кибго бокьулеб буго берцинлъи», — гьединал пикрабазда йикӏана дун. Добеги нахъеги Махӏмуд-Апандица бицунеб сабураб, магӏнаяб ва пайдаяб харбица сапаралъул халалъи чӏамучӏлъизе течӏо.
Кигӏан дун дандечӏаниги, рукъалъул кӏалтӏе щвезаюна МахӏмудАпандица. Машинаялъуса яхъунаго, дихъе бегьун бачӏана доб квацӏиги. «Цадахъ мухбир ячине кколин абидал, босун букӏана гьаб. Чӏагоял тӏугьдул хехго речӏала, гьал ракӏалде щвеялъе нахъе хутӏила», — янги абун, дихъе квацӏи бегьана. Сапаралдаги, тадбиралдаги, харбида рукӏагоги гьесул вукӏа-вахъиналъ хӏикмалъизаюрай дицаги разиго къабул гьабуна гьеб.
Гьедин байбихьана гьев гьайбатав инсанасулги дирги хадубккун вацлъиялде сверараб гьудуллъи. Гьелдаса нахъе чанги дандчӏвалаан адабияталъул ва ма- данияталъул батӏи-батӏиял тадби- разда. Щибаб дандчӏваялъ гьабула- ан гӏажаибаб асар. Гьадинавгийищ инсан вукӏуневин кколаан ракӏалде. Цӏалулаан гьесул асарал – щибаб цӏияб тӏехь сайгъат гьабулаан гьес дие. Гьенир ратулаан гъваридал пикраби, гӏумруялда хӏажалъулел малъа-хъваял, суалазе жавабал. Бачинин цо мисал.
Гӏажаибаб рокьул дунялалда рекӏел рухӏелалъ угьараб «панаяб хӏухьел» гьурщулеб буго «Хъахӏабросулъа Махӏмуд» абураб кучӏдузул тӏехьалда МахӏмудАпанди Мухӏамадовас. Гьелъул хӏакъалъулъ бицен ккараб мехалда, шагӏирас бицана жиндирго рокьул къиса. «Нижер – кӏиявго шагӏирасул – цӏаралги цого руго, къисматги релълъараб ккана», — ян абуна гьес. «Махӏмудицаго гӏадин, дицаги хъамуна чӏужу, амма Муица гӏадинаб рекӏкӏ гьабичӏо дие Залихаца», — ян тӏадеги жубана.
Щивав шагӏирасул буго жиндирго хатӏ, гӏицӏго гьесие хасиятаб поэтика, дунялалде хасаб берба- лагьи. Хъахӏабросулъа Махӏмудил хӏакъалъулъ хъвараб поэмаялда Махӏмуд-Апандица хӏалбихьулеб буго шагӏир чӏварав Магьдиласул сипат-сурат рагьизе. Цӏакъго гъорлъе ваккун, гъварилъуде лъугьунев гьечӏониги, поэмаялъул ахиралда шагӏирасул хабада Магьдилас гьабулеб дугӏа цӏаларав чиясда авторас бичӏчӏизабулеб буго чӏвадарухъанасул рекӏел ахӏвалхӏал. Гьебин абуни, расги бигьаяб букӏинчӏо… Тохлъукье гьудулги чӏван гӏумру гьабизе чӏаго хутӏарав Магьдиласул рагӏаби цӏаларасул бадиса магӏу баккизабула шагӏирасул гьунаралъ.
Цо нухалда Махӏмуд-Апанди вачӏана хӏалтӏуде. «Аскӏоб бугеб бас- маханаялда вукӏана. Рокъое йилъ- лъинарищ мун?» — ан гьикъана дида. Хӏалтӏул къоги лъугӏанин, йилълъинаян жаваб кьуна дицаги. Нухда гьес абуна, госпиталалъул кӏудиясул хӏакъалъулъ макъала хъваларищан абун. Тӏаде щолеб букӏана Ибрагьим Мухӏамадовасул юбилей. Хъвалахаян жаваб кьуна дица. Гьедин ккана госпиталалъул бетӏерав тохтур Ибрагьимилгунги лъай-хъвай. Махӏмуд-Апандида цадахъ щвана гьесул рокъоеги. Гьоркьоб заман ана. Махӏмуд-Апандица абуна, жинца Ибрагьим-хӏажиясул хӏакъалъулъ тӏехь хъвалеб бугин ва дир кумек къваригӏунин абун. Хӏалтӏана тӏехьалда тӏад. Дица цӏалулаан ва гъалатӏал ритӏизарулаан МахӏмудАпандица ракӏарарал гӏурус мацӏалда хъварал макъалабазда. Гьесда цадахъ щвана батӏи-батӏиял гӏадамазухъе ва гьезулгун гьаруна тӏехьалда лъезе гара-чӏвариялги.
Махӏмуд-Апанди вукӏана гӏажа ибго инсан хирияв чи. Жиндиего гьабураб лъикӏлъиялъухъ, тӏолабго дунял кьезе щваниги, гӏорцӏулароан гьесул ракӏ. Госпиталалда ва цогидал больницабазда регаразухъе яккизе ани, чарагьечӏого гьенив дандчӏвалаан гьев дида. Гьалмагъасул эмен (эбел, яц, вац…) вегизавизе щун вукӏанин абулаан. Цо нухалда ккана гьадинаб лъугьа-бахъин. Эбе- лалъул сахлъиялъ рахӏатхвезабун букӏана. Дида ракӏалде ккана гьей Ветераназул госпиталалда егиза йизе. Хӏажатал киналго кагъталгун, тохтурасул кабинеталъул кӏалтӏа кӏусун рукӏана эбелги, дунги, вацги. Вачӏана Махӏмуд-Апанди ва гьикъабакъарана. Дирго мурад бициндал, гьес абуна: «Мун йиго хӏалтӏуда йикӏине кколей гӏадан. Дур букӏуна гӏемераб хӏалтӏиги. Дица кинабго тӏубала, мун а дурго хӏалтӏуде», — ян. Гьедин, жеги жинда лъаларев чиясда аскӏой эбелги тун, ине ккана дун.
Больницаялде эбелалъухъе дун щвезайизеги вачӏунаан гьев. Цо нухалда абуна: «Дица дур эбелалда эбелан абула, Кавсарат. Дур дагӏба букӏинищ гьелда?» — ян. Дир эбе- лалда гьедигӏан берцинаб рагӏи абу- лев чиясде кинаб дагӏба балебилан жаваб кьедал, щакърахун бицана жиндирги эбелалъулги къваридаб къисмат. «Гӏумруялда жаниб кӏицӏул йихьана дида эбел. Эбелан абизе букӏунеб хӏасратха!» — янги абун, кидаго гӏадин, гӏодобе бетӏер къулизабуна Махӏмуд-Апандица. Эбелан ахӏиялда гӏей гьабичӏо гьес – къойилго гӏадин щун ватулаан гьел- де ваккизе. «Гьав щив кколев дур? Хӏакъикъаталдаги дур васищ гьав?» — гьединал суалал камуларо палата- ялда ругел руччабазулин бицунаан эбелалъ дида. Эбелалъги васлъун къабул гьавуна гьев.
Отпускалда йигей дун, азбаралда квалквадулей йикӏана. Телефоналдасан кӏалъана Махӏмуд-Апанди. Рокъой йигищан гьикъана ва абуна, гьабсагӏат жив вачӏине вугилан. Вачӏана помидоразул цӏураб ящикгун. «Исана дир дачаялда гӏемер помидор бижана, баркаман. Гӏисинаб буго, амма цӏакъ гьуинабха! Дармил чи вукӏаравани, базаралда бичилаан. Садакъа гьабулев вуго», — ян бицана гьес. Кигӏан гьараниги, рокъовеги лъугьинчӏо, багажникалда ругел ящикал щвезаризе кколин багьанаги батун ана.
«Рокъое йилълъинарищ?» — хӏалтӏул къоялъул ахиралда гьеб суалгун Махӏмуд-Апанди кӏалъаравго, дида лъалаан, гьесул рекӏелъ бухъардулеб пикру бугеблъи. Редукторазул поселокалдаса Сепараторазул поселокалде щвезегӏан бицунаан гьес дие: жиндирго ракӏ лъукъизабурал гьудулзабиян тарал гӏадамазулги, хъвазе ракӏалда бугеб цӏияб тӏехьалъулги, хасаб рекӏел хинлъигун – хъизамалъул ва лъималазул лъималазулги хӏакъалъулъ. «Эбел цо гьечӏониги нилъер, яцлъун йихьула мун дида. Лъала, дуца дир рагӏи къватӏиб бицунареблъи. Чӏамучӏлъулевги ва- тила, тӏаса лъугьа, амма дудагӏаги бицинчӏого, яхӏ гьабизе кӏоларо», — ян абулаан гьес.
Тӏаса лъугьа, вац, дур магӏирокъое щвечӏо дун. Магӏарухъе зигараялъ араб бакӏалда рагӏана гьеб пашманаб хабар. Амма кӏвечӏо ракӏ унтарай эбелалда гьеб бицине. Ракӏ унтун вугин, операцияби гьаризе кканинцин бицине кӏвечӏелъулха… Бицун бата- на цогидаз. Гьеб мехалда эбелалъул бадиса гирана рухӏалил магӏу. Дур дугӏа-гьари бахъараб видео биччала дица гьелъие мех-мехалда. Дуе алжан насиб гьабун батаги, дир васан, гьарула гьелъги. Гьаб ракьалда дуца гьабураб лъикӏлъиялда рекъараб даража кьеги, вац, дуе Аллагьас ахираталда.
Кавсарат Сулейманова