Анлъабилеб июналда Казбек районалда ккана талихӏкъараб иш. Живго жинцаго гъанкъун ватана 15 сон барав гӏолилав. Официалияб баяналда рекъон, гӏумрудул къо- лъикӏ гьабиялъе гӏилла ккун буго ОГЭ кьолаго математикаялъе щвараб кӏийилаб. Гьедин буго хвалда цебе гӏолилас хъван батараб тӏанчида.
— Эбел, тӏаса лъугьа гьадин ккунилан. Щивниги гӏайибияв гьечӏо, дунго гурони». Гьеле тетрадалъул тӏанчида хъван рукӏарал мухъазул къокъаб магӏна.
Анлъабилеб классалдаса нахъе Дербенталда Кадетазул школалда цӏалулев вукӏарав гьев, ОГЭги кьун, эбел-инсухъе щвезе вачӏун вуго. Гьесул эмен — Калининаулалдаса, эбел — Инчха росулъа ккола. Сагӏат анцӏго тӏубаралдаса нахъе вихьун вукӏун гьечӏо гьезда вас. Гьудул-гьалмагъзабазухъе ялъуни тира-сверизе ун ватилин тун вуго эбел-инсуцаги. Бакъаниде заман гӏагарлъидалги вас рокъове вачӏинчӏеб мехалъ гьев валагьизе лъугьиндал, рукъалда нахъа бугеб гьор гӏадаб бакӏалда живго жинцаго гъанкъун ватун вуго гьев инсуда. Гьадин бицана «Хӏакъикъаталъе», Казбек районалъул «Чапар» газеталъул хӏалтӏухъан Жамиля Гӏабдулахӏитовалъ.
— Гьединаб жо гьабилин гьесилан лъиданиги ракӏалде ккеларев гӏадав, цӏакъ гӏодобе биччараб хасияталъул вас вукӏана гьев. Эбел-эменги руго гьединалго гӏадатиял гӏадамал. Эмен полициялда хӏалтӏулев вуго, эбел, рукъалъул тӏалабги гьабун, лъималги хьихьун йигей гӏадан йиго. Ункъо лъимер буго гьезул. Мухӏамад (цӏар хисизабун буго) бищун кӏудияв вукӏана.
Математикаялъул ОГЭялъул хӏасилал лъан кӏиго къо бан букӏун буго. Лъидениги гӏайиб гьабулеб гьечӏин, тӏаса лъугьайин дида, нужер рекӏел нияталда рекъон, дица мурад тӏубачӏолъиялдасаян хъван батун буго гьес кӏичӏикье габур ккезабилалде цебе хъвараб тӏанчида.
Лъарас лъараб бицунеб буго гьанже. Цояз булеб абуго ОГЭялъе кӏийилаб щун букӏун рагӏуларин гьес, кӏиабилезул пикруялда, гьес жиндирго гӏумруялде квер борхиялъе гӏилла цогидаб рагӏула. Лъаларо, лъалев Аллагь вуго. Амма, кин батаниги, талихӏкъосараб, ургьимес туризабулеб хабаралъ ракӏал пашман гьаруна киназулго. Гъаримал эбел-инсудаги цӏакъ ракӏ гурхӏана. Гьанже гьезие къуват кьеги васасул рухӏалица къвагъизабураб рекӏелъе сабру рещтӏине, — ян бицана Ж. Гӏабдулахӏитовалъ.
Республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъ, хварасул эбел-инсуда зигара бана гьеб хабар рагӏун хадуб.
Киналго эбел-инсуде гьари бугин жидерго лъималазда тӏаса бер босугеян абулеб буго гьез зигара бараб кагътида. Лъимадухъа бажаруларин тӏаде бачӏараб захӏмалъиги ккарал гӏунгутӏабиги къезарун. Гьелгун къеркьезе нилъеца кумек гьабизе кколин гьезие.
Гьедин гьез ахӏи балеб буго республикаялъул киналго школазул хӏалтӏухъабаздеги. Цохӏо цӏалул сон лъугӏизегӏан гуребги, экзаменал тӏаде щвараб гӏужалъги лъималазда психологиялъул рахъалъ кверчӏвазе хӏаракат бахъейин абун.
Жалго жидецаго лъимал чӏварал хӏужаби ахираб заманалда гӏемерлъулел руго республикаялда. Араб анкьалъ живго жинцаго гъанкъун ватун вукӏана Махӏачхъалаялъул промышленниябгун экономикияб колледжалъул студентги. Гьединго гъоркьиса, ЕГЭялъул заманалда жиндирго гӏумруялде квер борхун букӏана Шамилхъалаялда гӏумру гьабун йигей гӏолилалъги.
«Хӏакъикъат» газеталъги зигара балеб буго хварав васасул эбел-инсуда. Цӏакъ ракӏ гурхӏараб, талихӏкъосараб иш ккана. Аллагьас нахъе ругезе гӏумру кьеги, гӏун бачӏунеб гӏелги гьединал талихӏкъарал ишаздаса цӏунун хутӏаги.
А. Юсупов