ДГМУялъул ректорлъун Висимпаша Ханалиев тӏамуралдаса анкьго моцӏ гурони гьечӏо. Гьев ккола жиндир заманалда гьеб тӏадегӏанаб цӏалул идара лъугӏарав ва гӏемерал бакӏазда хӏалтӏун хӏалбихьи щварав тохтурги гӏуцӏарухъанги. Къокъабго заманалда жаниб щибха бажарараб?

Тӏоцебесеб иргаялда, цӏияв ректорасда кӏвана гъункараб, церечӏарал масъалаби тӏуразаризе кӏолеб коллектив гӏуцӏизе, медуниверситеталда ришватчилъиялъе бакӏ букӏине гьечӏин абураб пикру киназдаго рагӏизабизе. Медуниверситеталда преподавателазул ва студентазул цӏалудехун бугеб бербалагьи дагьдагьккун лъикӏаб рахъалдехун сверулеб букӏин бихьизабулел гӏемерал хӏужабазул цояблъун рикӏкӏине бегьула тӏоцебесеб июналда гьениб тӏобитӏараб тадбирги.

Ректорасулгун ва деканазулгун букӏараб данделъиялде ахӏун рукӏана цӏалул хӏасилал цӏакъго загӏипал студентал ва гьезул эбел-эмен. Гьениб ректорас бицана цӏалул рахъалъ бугеб ахӏвалхӏалалъул хӏакъалъулъ, студентал ахӏана къваригӏел гьечӏел ва хӏасил кколарел хиялалги тун, тӏахьалги росун, цӏалуда тӏадчӏезе. Эбел-ин- судаги гьес гьарана, гӏарцудалъун ялъуни лъил бугониги рагӏудалъун тӏуралин ккарал чӏорогоял хьулалги тун, лъималазда хӏакъикъат бичӏчӏизабеян. Гьебго пикру загьир гьабуна кӏалъазе рахъарал батӏибатӏиял факультетазул деканазги.

Гьаб цӏакъ кӏвар бугеб тема букӏинги хӏисабалде босун, редакциялъул хӏукму ккана цоги нухалда гьелде тӏадруссине ва гӏатӏидго гьелъул хӏакъалъулъ хъвазе.

Гӏ. Гӏабашилов