10 июналда Москваялда байбихьараб «Россия — Вселенная звука» абураб халкъазда гьоркьосеб музыкалияб фестивалалда гӏахьаллъана «Кочӏолаб Чӏарада» хорги. Хоралъ кучӏдул ахӏана лак, лезги, дарги мацӏазда, амма аслияб репертуар гӏуцӏун букӏана магӏарул мацӏалда.

Москваялда рукӏаго, хоралъул нухмалъулезги гӏахьалчагӏазги рихьизаруна мастер-классалги. Гьенир тӏоритӏана миллияб маданияталъул выставкабиги, «Мадугьаласул хӏакъалъулъ дуда щиб лъалеб?» абураб социалияб цӏех-рехги.