Июнь моцӏ
Сабантуй. Кутнал къо
Татаразулги башкиразулги миллияб байрам — хурул хӏалтӏабазул цоябги лъугӏун, цогидаб байбихьи. Байрамалъулал тадбирал халатрахъуна моцӏалъ. Цин байрам тӏобитӏула росабалъ, колхозазда, хадуб — райцентразда. Ахиралда тӏобитӏула шагьаразда.
* * *
Халкъазда гьоркьосеб лъимал цӏуниялъул къо
Тӏоцебесеб июналда гьеб байрам тӏобитӏизе хӏукму гьабуна 1925 соналда Женеваялда букӏараб тӏолгодунялалъул конференциялда.
* * *
Гӏурус мацӏалъул къо
6 июналда тӏобитӏулеб гьеб байрамлъун рикӏкӏуна А. С. Пушкин гьавураб къо букӏиналъ. Кӏодо гьабизе байбихьана 2010 соналдаса нахъе.
* * *
Лайлатул къадриялъул сордо
Лайлатул къадри ккола Къуръаналда жиндир хиралъи рехсараб сордо. Лайлатул къадриялъул хӏакъалъулъ Къуръаналда абулеб буго гьеб сордоялъ гьабураб гӏибадат азарго моцӏалъ гьабуралдасаги хирияб бугилан. Гьеб сордоялъ зодоса ракьалде рещтӏунила малаикзаби, ва гьезул гӏемерлъиялъ ракьалда рукӏкӏен бортизе бакӏцин букӏунарилан. Лайлатул къадрийин абураб мехалда, цо-цоязда ракӏалде ккола гьеб сордоялъ хасал гӏаламатал жидеда рихьизе кколел гӏадин. Гьел рихьулел вализаби рукӏуна, амма нилъер мурад гьеб гуро, мурад буго гьабулеб гӏибадат-гӏамал бацӏцӏадго гьаби. Щиб нилъеца гьараниги гьеб сордоялъ, гьарараб къабуллъула ва чанго соналъ гьабураб гӏибадаталдасаги даража цӏикӏкӏуна. Гьедин бугелъул, лъикӏаб буго гьеб сордо гӏибадаталда тӏамизе.
* * *
Россиялъул къо
12 июналда кӏодо гьабулеб гьеб къо рикӏкӏуна Россиялъул халкъазул эркенлъиялъул ва миллияб цолъиялъул ракълилаб байрамлъун.
* * *
Кӏалбиччанкъо
Гьеб къоялъ бусурбабаз гӏидалъул как бала ва байрам цоцазда баркизеги кӏал къабуллъагиян гьаризеги цоцазухъе уна. Хасго уна унтаразухъе, загӏипазухъе ва херазухъе, гьединазе гьабула кумек, хасго мискин-пакъиразе, бесдалазе кьола садакъа. Гьединго, лъикӏаб буго гӏага-божаразул, вализабазул хабазде зиярат гьабизеги. Лъимал-хъизан рохизарила, тавбу гьабила, рамазан моцӏалъул адаб теялдаса ва ккарал мунагьаздаса ракӏбухӏун. Лъикӏаб буго гьеб къоялъ цӏияб ретӏел ретӏине, ай, черхги чурун, рукъ-бакӏги бацӏцӏун, кӏванагӏан рацӏцӏалъи гьабизе. Гьединго кӏвар кьезе ккола закагӏат-сахӏ бахъиялдеги. Гьеб кьезе бегьула гӏидалъул къо бачӏиналдегоги.
* * *
Нургэнэк. Цӏияб сон
20-21 июналда цӏияб сон кӏодо гьабула Камчатск краялда. Эвеназул календаралда рекъон, сардилъ дандчӏвай гьабула цӏияб бакъалда.
* * *
Ракӏалдещвеялъул ва пашманлъиялъул къо
1941 соналъул 22 июналда байбихьана Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Гьеб къоялъ цоги нухалда ракӏалдещвезарула рагъул кьогӏал дарсалги нилъер улкаялъул бахӏарчияб тарихги.
* * *
Россиялъул гӏолилазул къо
27 июналда кӏодо гьабулеб гьеб байрам ккола бищунго гӏолохъанаб. Гьеб къоялъ Россиялда киса-кирего тӏоритӏула байрамалъулал тадбирал, батӏи-батӏиял къецал, хӏаял, концертал. Байрам кӏодо гьабулеб буго 1993 соналдаса нахъе.
Хӏадур гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ.