Миллаталда кьаву рекӏунеб буго

Мацӏазул къаданиб зани щай чӏвалеб?!

Рекӏел чӏвабзаз рачунел талихӏкъосарал бакънал

Зама-заманалдаса магӏарухъе щолелъул, ракӏалде кколаан лъидайин кӏолеб нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизейилан. Амма гьеб къуват букӏун буго нилъехъго, дагъистаниязухъ. Миллаталги мацӏалги гӏемерлъиялъ берцин гьабун букӏана Дагъистан, хӏатта Россиягицин кӏудияб букӏана мацӏазул бечелъиялъ. Мацӏал батӏиял, амма хьулалги анищалги цо ругел гӏадамаз гӏажаибаб гугьар рещтӏинабун букӏана киса-кибего. Мацӏазул гӏемерлъиги гӏадамазул цолъиги — гьеле гьеб букӏана Россиялъул аслияб чӏухӏиги, тӏадегӏанлъиги, борхалъиги. Гьанже гьеб чӏухӏи сверулеб буго бухӏиялде.

Циндаго Дагъистаналъул баракатаб ракьалда пирхана рокьукъаб пири. Гьелъ чӏурхӏун лъезехъин руго гӏасрабаз нилъер чӏухӏилъун рукӏарал адабиятги, маданиятги, гӏадаталги. Миллаталда кьаву чӏвазе байбихьарал гьал къоязда нилъер щивасул, ай хадусел наслабазул букӏинеселъул ургъалида ругел дагъистаниязул, рекӏел чӏвабзазги рачине байбихьана магӏил цӏурал пашманал бакънал. Гьел бакънал рагӏичӏо халкъалъ рищарал цо-цо депутатазда. Ва гьез загьир гьабуна жидерго рохел — гьел тӏадрекъана Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабизехъин бугеб рахьдал мацӏал лъималазе бокьани гурони малъизе кколарин абураб цӏакъго загӏипаб пикруялда.

Бахъуге халкъалъухъа Тӏадегӏанас кьураб гьеб рахӏмат. Биччанте школазда рахьдал мацӏал малъи тӏадаблъун хутӏизе. Щай нуж хӏинкъуларел халкъалъул нагӏанаялдаса!? Цин инкар гьабила мацӏалдаса, хадур рикӏкӏад гьарила дунялалъго бетӏер къуларал къадруял гӏадатаздаса, бидуца хъвараб тарихалдаса, тарихалъул бицунеб адабияталдаса. Цинги щалха нилъ кколел!?

Ракӏалдецин кколароан гьадинаб суалгицин бачӏинин миллатаз берцин гьабун бугеб Дагъистаналдайилан. Бичӏчӏулеб гьечӏо — щиб пайдагӏаги бугеб мацӏал школалда малъи мукъсан гьабиялдаса. Кинаб культураялдаса нилъеца инкар гьабулеб бугеб. Согӏал мугӏрузул согӏал законаз куцалеб гӏел нилъеца хисизехъин буго, кӏудиял гӏедал, жидерго умумул ралагьизе ругеб гӏелалдалъун. Бугищ жакъа нилъер ихтияр имам Шамилидасаги, гьесул наиб Хӏажимурадил бахӏарчилъиялдасаги, Хӏамзатил Расулидасаги, ватӏаналдаса рикӏкӏадги Дагъистаналъухъ угьдарав Халилбег Мусаясуласдасаги ва Дагъистаналъулги Россиялъулги цӏар дунялалда рагӏизабурал васаздасаги ясаздасаги чӏухӏизе ихтияр. Унго-унго рагӏиларелищха нилъер наслабазда магӏарул мацӏалда Махӏмудил рокьул жугьабиги, Цӏадаса Хӏамзатил гӏужилаб каламги, Инхоса Гӏалихӏажиясул философиял асаразул гӏакъиллъиги!

Щай гьикъизе кколеб лъималазда гьезие рахьдал мацӏазул дарсазде ине бокьилищилан. Киналго предметазул дарсазде бокьунищ гьел унел? Гьикъеха гьезда гьебги. Лъималазда гурхӏунищ гьеб гьабизехъин бугеб? Битӏараб буго — гӏумруялъго тӏалаб гьабулеб буго гӏурус, ингилис ва цогидалги мацӏал лъай. Амма гьел лъаялъе рахьдал мацӏаз квалквалищ гьабизе бугеб!?

Талихӏалъул бакъул цо чӏор, эбги аслияб, камураб Дагъистан. Батизе бугебдай гьелъул гъасда эбелалъулаб хинлъиги инсулаб тӏалабги хадусел наслабазда. Гьеб чӏоралъул гвангъи лъугӏани, сун инарищ цогидал чӏоралги. Миллаталъул борхалъуде нух къосараб гӏел жагьиллъиялъул кӏкӏалахъе гирун инагури.

Рахьдал мацӏ — гӏумруялъул аслу

ва байбихьи

29 маялда, Журналистазул рокъор данделъун рукӏана магӏарул мацӏалъул букӏинеселъул ургъел бугел магӏарул миллаталъул вакилзаби: гӏалимзаби, шагӏирзаби, хъвадарухъаби, магӏарул мацӏалъул учительзаби (гьел рачӏун рукӏана магӏарул щибаб районалдасаги). Гьел киналго данде гьаризе кӏудияб хӏаракат бахъана магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ. Гьелъул ахӏуе жавабги гьабун, данделъиялде рачӏараз ракӏунтун бицунеб букӏана магӏарул мацӏалъул къисматалъул. Данделъи рагьана ва нухда бачана Баху Мухӏидиновалъ. Гьелъ бицана магӏарул мацӏ лъималазда кӏочене гьабизе байбихьун бугеб «бахӏарчияб» хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Абизе бегьула гьеб данделъи букӏанин магӏарул мацӏалъухъ тӏолеб унго-унгояб магӏуйилан. Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула гьитӏинаб жо кӏодо гьабулел ругилан. Гьитӏиналъха лъолеб байбихьи кӏудиял ишазе.

Рахьдал мацӏаздехун жакъа бугеб бербалагьиялъул хӏакъалъулъ жидерго пикраби загьир гьаруна гӏалимзаби, профессорал Загьир ва Велибег Мирзабеговаз, ДГПУялъул гӏалимчи Мухӏамад Нурмухӏамадовас, Тахо-Годил цӏаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гӏалимчи Хӏайбула Вакиловас, жамагӏатчи, гӏалимчи Шамил Мухӏидиновас, Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель, Гъизилюрталдаса Сарат Мухӏумаевалъ, шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъ, батӏи-батӏиял шагьаразда ва районазда хӏалтӏулел ругел рахьдал мацӏазул учительзабаз. Рекӏее кӏудияб асар гьабуна, магӏарулаз байбихьараб гьаб пайдаяб ишалъул рахъккун, дандеруссиналде рачӏарал Дагъистаналъул киналго миллатазул вакилзабазул кӏалъаязухъ гӏенеккидал. Киналго кӏалъаязул букӏана цохӏого цо мурад — хадусел гӏелазе миллатги мацӏги цӏуни ва школазда рахьдал мацӏазул дарсазде лъимал хьвади тӏадаблъун хутӏи. Тӏокӏаб батӏияб, тӏубазабун бажарулареб тӏалаб букӏинчӏо. Данделъиялда гьединго хитӏаб гьабуна Пачалихъияб Думаялъ цебе босизе бугеб проекталъул рахъккурал ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаздеги.

Шамил Мухӏидиновасул кӏалъаялдаса

Рагӏизе те ирсилазда умумузул рагӏиги, мацӏги, гьаракьги, гьездасан бачӏунеб яхӏги, бахӏарчилъиги, чилъиги. Нилъехъаги рорчӏани, умумузул хазинабиги цӏуничӏони, гьел жидерго кваркьиялде гъоркье рачине хӏадурун руго хъубаб хьвада-чӏвадиялъул мекъи ккарал къавмал. Те нилъер школазда дагьабниги яхӏги гӏаданлъиги бижизабулел предметал. Хвезаруге, гӏемераб къобихьун, гьунар бугел учительзабаз гӏуцӏарал школал. Малъе бокьарал мацӏал. Гьезул зарал букӏунаро. Мацӏаз гуро гӏадамал къосинарулел, мацӏ лъаларел, гӏакълу биларал гӏадамазин. Дие магӏарул мацӏ тӏагӏин буго магӏарул халкъ тӏагӏин, гьезул махӏги яхӏги — кинабго лъугӏи.

Тубхӏат Зургьаловалъул кӏалъаялдаса

Тӏокӏаб ургъелги агъазги гьабизе, гьукъизе жогийищ камун бугеб нилъер кӏудияб пачалихъалда, тӏогьол квацӏи гӏадин жиб берцин гьабулел миллатазул мацӏ, эбелалъул рахьдада цадахъ гьезул бидурихьазулъе тӏинкӏараб мацӏ, гьезул ракӏазулъги пикрабазулъги бекьараб мацӏ, билълъанхъизе гьанжего гьанже байбихьараб лъимералъул квачӏаз, бортилин хӏинкъун, хапун кколеб эбелалъул квер гӏадинаб гӏагараб мацӏ гьел миллатазухъа кьурун кодоса бахъи гурони.

Рахьдал мацӏ рокъоб малъани гӏолин лъугьунел руго цо-цо жагьилзаби. Амма диалекталги цоцазда ричӏчӏуларел мацӏалги ругел нилъер росаби ругел магӏарулазе ургъараб жо буго болмацӏ, ай литературияб мацӏ.

Гьеб, нилъ цоцазда ричӏчӏизелъун бугеб болмацӏ, адабияб мацӏ, берцинаб, гьуинаб мацӏ малъула школалда. Гьединлъидал хӏажат буго миллаталъул букӏинеселъе гӏоло школазда рахьдал мацӏал малъи тӏадаблъун гьаби. Нилъехъе нилъер бахӏарчиял умумуз кьураб бищун хирияб хазина буго рахьдал мацӏ. Гьеб тӏагӏани, тӏагӏуна миллат. Жакъа гьеб цӏуни нилъее гъазаватлъун лъугьун буго. Хинкӏги миллатги цо цӏадирабазда лъолезда лъай абе, тарихалда, бахӏарзазул гурелги, хиянатчагӏазулги цӏарал хутӏулеллъи.

Бахъуге нижехъа умумузул мацӏ

Лъугӏана рахьдал мацӏал цӏунун тӏобитӏулеб иргадулаб данделъи. Ратӏалъана дагъистаниял, къварилъиялъулги пашманлъиялъулги гьурмалги цӏун. Рагӏилародай нилъер гьаракь нилъецаго гьаркьал кьурал нилъерго Халкъияб Собраниялъул нилъерго депутатаздаги улкаялъул тахшагьаралдаги. Щивасул рекӏелъ ургъалабазул мугьру чӏвараб гьадинаб данделъиги ахирисеблъун батаги дагъистаниязе.

Шамай Хъазанбиева